ЛъикI щварай, Джамиля

Д. Пахрудиновалъе

 

ЛъикI щварай, Джамиля, Бахьикъосалде,
Махсара — хочIалъул хулжалги раччун.
Сатира бокьулел, кучIдул хириял,
Хабарги гьуинал гьудулзабахъе.

Анищал херлъарав, хиял хIорлъарав,
«Херав» удаманас гьаюнищ къабул?
Ваккун-тIерхьун кивго гIодов чIоларев,
ГIандисев ватанищ байтал сокIкIулев?

Дир лъудби рикIкIунев рикIкIванисесда,
РикIкIун къого гамачI къалалъ щвезабе.
Къойил «гаремилан» гаргадулесда,
Горбоде герело гаргадизабе!

Гьунар гьечIониги, цо-цо мухъал хъван,
Дицаги хъалалъан хъарсила гьесда.
Хъабиниб тIутI гIадин гьев зузудани,
Зар бихьизабила, гIорхъода чIаян.