Ячинаро тIокIай дуде тIад чIужу

Дирго лъадуе Ода

 

Дирго лъадиялда лъикI вихьизеян,
ЛъабцIул базаралде ячун йикIана.
Кодоб хвезабизе шагьи-пара кьун,
Шагьаралде щвезе гьаюн йикIана.

Босулеб-толесса, цIехолеб цIикIкIун,
ЦIакъго ццим хIалуцун ячIун ятана.
Дуца цIияй гIадан ячун рагIулин,
РагIараз бицанин жиндаян чIана.

Дуца бицунеб жо рагIулеб гьечIин,
ГIиндасан аппарат нахъе бахъана.
Хъулухъалъе мунгIан цIакъай хIурулгIин,
Дие кисайилан, квер хьвагIун тана.

Дуца дурго гIамал толареб лъалин,
Лъималги гIун ругин, гIелилан лълъвана.
Гьез рачизе тейин гьанже лъудбиян,
ЛъикIалан ботIрода тенкезабуна.

БитIараб бугилан, дунги тIад рекъон,
Къвалги бан, кIиязго къотIи гьабуна.
Ячинарин тIокIай дуде тIад чIужу,
Лъади гурониян, лъугIизабуна.