ХIакимзаби хIинкъараб, пакъирзаби урхъараб

Физкультпривет, бахьикъосараб къавм!

Къо гуро, моцI гуро, гургинаб 15 сон сверана дица нужее «досвидос» гьабуралдаса.
Къисматалъ Болъихъе дунги рехана, рохуца холел эбелал хIакимзабиги рукIун ратиларищха анин ахир-къадги къойил ниж какулев ав квешав идиотилан.
Кинниги тIад буссине хъван букIун буго, хIакимзаби хIинкъараб, пакъирзаби урхъараб «Бахьикъос».
Амма кутакалда бакIал, кIудиял камиялгун. ГьечIо жакъа дунгун даим хъудулев хъвадарухъан ГъазимухIамад ГъалбацIов, ралъдал тIиналдаса Майсаратие тIугьдул рачIарав мичман Дациев, халкъалъ Дацийилан цIар тарав «тушман» БакьагьечIиса ХIосенил МухIамад.
Авторал ками малълъичIого, «Бахьикъосалъул» гьурмалцин рикъун руго рукъбухIадаца. КIиябго нижер гьумер гIурус приложениялъе кьун батана. ХутIарал гьурмалги, райпоялъул пайщиказ жидерго паял гIадин, рикь-рикьун ругоан мухбирзабазда гьоркьор.
ТIоцебесебги кIиабилебги гьумералда гьимулев Васильевги разияв Здуновги рукIине ккелила кидаго. Нагагьлъун гьезулги пачалихъалъулги напсалда хъатIараб цо мухъ хъванани, Сибиралде хъетизе вугила хъван ордергун. Гьадал цо жанире гъурал «гъаримал» чиновниказда хадувго цун.
ХутIарал гьурмазда казияталдаго нур базабулел Нурил асарал рукIине кколила жиб-жиб анкьалъ.
Жеги тIаде Пайзулал, Зикрулал, Зульфиял, Замайил, Шамайил, Майсаратил, Кавсаратил макъалаби.
Къокъаб хIасил, цIакъ дагьал чагIи хутIун ругоан «Бахьикъос» цIи гьабиялъул суалалда диргун рукь цIазе кIолел.
Бугониги, жеги гIурабго жаналда ва жигаралда вуго Салатавиялдаса эбелав автор Доктор Ватсон. Жиндирго дедуктивиял методазда рекъон хъварал асаразул тIубараб даптар битIун бачIана гIакаврачас нижехъе.
Лъалиниб лъун гьечIо «ханжар» Хунзахъ тIалъиялдаса тIуварав бахьикъос Набил МухIамадицаги.
Дагьа-макъаб гIалам гьечIо соцсетаздаги, жидерго гьунар загьир гьабизе хIалакун. Хасго кIудияб божи буго нижер Фейсбукалъул тIанчIазде.
ТIокIав алхинчIого хъвадарилин нижергун къотIи-къай гьабуразда гьоркьов вуго МугIрузул зонаялда тIоцебе Гарем рагьарав ГIинкъав Саяхъ Сасикьа Камалил Башир СайгидахIмад.
Ссунареб чирахъ гIадав, амма ссвани самсим бакулареб ДТ тарахтир гIадав Джигит Дидойскийги вуго жинца ашбазалдаса тIагIамал репортажал ритIилилан керен бухулев.
Интернет–матушкIабаз макьу тун хъварал ва бихьиназда сири базабулел сардил асаразеги камиларо «Бахьикъосалда» бакI.
ГIемер халат гьабун щай, щвела ахир-къадги магIарул халкъалъухъе хирияб гьобол, гьайбатаб «Бахьикъос».
Къалам бегIерал нижги нижеда божарал нужги лъиего ва сундуего къуркьичIого церехун ина.