Ансадерил гени, гендерил цIибил…

18 августалда МахIачхъалаялда тIобитIараб росдал магIишаталъул ярмаркаялда гIахьаллъана 30-ялдаса цIикIкIун районалдаса вакилзаби

 

МахIачхъалаялда гIемер тIоритIула росдал магIишаталъул ярмаркаби, гьезда гьоркьор Дагъистан тун къватIирехун ругел регионаздаса вакилзаби гIахьаллъаралги. Базаралда ва тукабахъ батIи-батIиял нигIматазул гьарзалъи бугониги, ярмаркабазда багьаби гIезегIан гIодорегIанал рукIиналъ, гIадамазе гьенире ине бокьула. Гьеб бицуна ва бихьизабула гьенире рачIунел гIадамазул къадаралъ.

ГIахьалчагIазегун даранчагIазе пайдаяблъун букIана 18 августалда, Пушкинил къотIноб тIобитIараб ярмаркаги. Гьелъ лъикIаб асар гьабуна. Гьелъул букIана цо чанго хаслъиги. Дагъистан тун къватIисан рачIарал рукIинчIониги, рукIана тIолабго абуниги республикаялдаса рачIарал, фермеразулал ва гIаммал магIишатазул нилъер гьанир рижулелщинал, гIезарун бажарулелщинал гIи-боцIунхъанлъиялъулгун ахихъанлъи-хурухъанлъиялъул нигIматал. Багьаби рукIана оптовияздаса тIаде инчIел. МагIишатиял чагIазда цадахъго гIемерал рукIана кечI-кьурдиялъул хIаракатчагIиги (магIарулазул цо бокIнилъ чанго нухалъ тIадруссун ахIана «Ансадерил гени, гендерил цIибил» кечIги). Ярмаркаялде щвана республикаялъул бетIер В. Васильев, гьесда цадахъ рукIана хIукуматалъул бетIер А. Здунов, республикаялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев В. Иванов ва цоги жавабиял хIалтIухъаби. Васильев лъалхъулев вукIана щибаб павильоналда аскIов, гIенеккулаан гьезул хважаинзабаз бицунелъухъ. Журналистазул рес букIана цо чанго суал гьесие кьезе.
— Кинаб къимат кьолеб дуца жакъасеб ярмаркаялъе? Мун Дагъистаналда вугебгIан заманалда жаниб бищунго рекIелъе босараб бакIалъулаб нигIмат щиб ккараб?
— Дагъистаналда гIезарулел нигIматал руго кирго гьечIелгIан лъикIал, тIагIамал, рацIцIадал. ГIагарлъиялъ, рокъосез дида кидаго тIадкъала, рес ккани, гьел росизе. Гьадинал ярмаркаби щибаб нухалда сверула байрамазде, гьеб битIарабги буго. Гьаб буго нигIматазул даражаги багьабиги шагьаралъул гIадамазе дандекколеб, лъикIаб тадбир.
— Сундулниги хIалбихьизе, щибниги босизе рес щванищ дуе?
— Дие гьаниб щвана цIакъго лъикIаб настроение. ГIемерал рукIана жидер нигIматал, гьездаго гьоркьоб коньякгицин кьолел, гьезул хIалбихьеян гьарулел. Баркала гьезие, гьезул лъилниги ракIхвезабизе кигIан бокьичIониги… нужеда кинабго бичIчIулелъул.
— Дуца абуна ярмарка сверанин байрамалде абун. Байрамалданиги бегьилароанищ гьез кьолеб букIараб коньякалъул хIалбихьизе?
— Гьеб коньяк лъикIаб букIиналда дир щаклъи гьечIо, амма хIалтIуда вукIаго дица гьеб киданиги гьекъоларо, гьекъечIого лъикIин цогидаздаги абула.
— Павильоназулгун лъай-хъвай гьабулаго, цо-цо руччабаца цIикIкIараб жигарчилъигун мун ахIулев вукIана кьурдизе. Амма мун цIунулез хIаракат бахъана нух къазе, къачIого тун букIарабани…
— Нух къаялдалъун гьез цIунана дир къадру… дун вуго цIакъ махщел гьечIев кьурдухъан.
— ЛъикIав нухмалъулев, гьелде щвечIеб даражаялъул кьурдухъан.
Гьединищ кколеб бугеб?
— Нухмалъулев хIисабалда дие къимат кьела нужеца, киналго дагъистанияз.
Кьурдухъаби камунги нилъ киданиги рукIунаро, руго гьел.
— Дагъистаналда?
— Дагъистаналда ва гьединго дир командаялдаги.
Гьалбал нухарегIун хадуб, чанго суалалъе жаваб кьезе рес ккана росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасеги.
— Дур хIисабалда, гьадинал ярмаркабазул хIажалъи бугищ? Кинал тIалабал рукIунел гьединаб бича-хиси гIуцIиялде? Кин араб жакъасеб ярмарка?
— Ярмаркабаз бихьизабула росдал магIишаталъул хIалтIул хIасил, ракьалда тIад хIалтIулел гIадамазул гIумру-магIишат. Нилъер гьаниб бижулареб ва гIезабулареб, инсанасе хIажатаб нигIмат гIемер гьечIо, нилъеда тIадаб буго гьезул къимат гьабизе ва гьездаса чIухIизе. Жакъа гьаниб гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул 30-ялдаса цIикIкIун районалъ. Гьаб ярмарка тIобитIиялъул букIана цойги мурад. Къурбан-байрам нухда тIамиялъе хIажатал тIабигIиял, рацIцIадал нигIматал учузаб ба-гьаялда (30 проценталъ гIодобегIанаб) росизе рес кьола жакъасеб тадбиралъ. Шагьаралъул администрациялъулгун цадахъаб нижер пикру буго гьадинал ярмаркаби низамалда ва хасгьабун бихьизабураб, киналго шартIал чIезарун ругеб бакIалда тIоритIизе. Кинабго бараб буго гьелъие эркенаб бакI батиялда.
— Къаси дур столалда тIад букIинищ гьаб ярмаркаялдаса кинаб бугониги нигIмат ?
— Гьадин залимаб черх бугониги, дун гьедин гIемер кваналев, хасаб кванда тIадчIарав чи гуро. Амма жакъа къаси столалда тIад рукIина гIиял гьанги хIанги.
— Ярмаркаялда гIахьаллъана республикаялъул бетIер В. Васильевги. Гьеб хIужа кин дуца къабул гьабураб?
— Кин гьабилеб, кигIан кIваниги лъикI гьабуна. Росдал магIишат ккола экономикаялъул цIакъго жавабияб ва захIматаб бутIа. Гьелда цадахъго гьеб ккола цIикIкIун кIвар бугеб ва нилъее хасиятаб хIалтIи. Дун вуго командаялъул, пачалихъияв чи. Гьаб бигьаяб гуреб хIалтIуде дун ана республикаялъул бетIерасул тIадкъаялда рекъон. Дида тIадаб буго гьесул дидехун бугеб хьулгун божилъиги хвезабичIого, кинабго дир бажари, лъай ва хIалбихьи хIалтIуе кьезе. ЦIакъго хIалуцараб хIалтIухъги тIуразе кколел гIемерал масъалабазухъги балагьичIого, гьес хIажатаблъун рикIкIана гьаниве вачIин. Гьелдалъун Васильевас бихьизабуна росдал магIишаталъул кIвар ва гьелдехун жиндир бугеб бербалагьи. Кинабго бихьаралдаса гьесул букIараб разилъи нужедаго бихьана. КIудияб баркала гьесие. Баркала буго районазул (Унсоколо, ЧIарада, ГIахъуша, Гъаякент ва цогидал) гьанир гIахьаллъарал бутIрузе. Хасаб баркала буго МВДялъул хIалтIухъабазе, сон къоялдаса нахъе гьел хIалтIулел руго нижеда аскIор, гьез цIунулеб буго гIадлу-низам.
ГIабаш ГIабашилов