Байил-шайихас Гьебзуде ахIана

   ЛъаратIа районалъул Гьебзуда росулъ бугеб Байил-шайихасул хабатIе зиярат гьабуна республикаялдаги гьеб тун къватIирги ругел нилъер ракьцояз. Масала, Дальний Востокалъул муфти Рамазан ГIалиевас, Хабаровск краялъул муфти МухIамад-хIажи ГьитIиновас ва цогидазги. Кинавниги азаргогIанасев чи вукIана гьенив.

   Чуязда рекIун щиб, лъелго щиб, умумузул заманалдаса байбихьун букIараб гIадат кколин Байилшайхасул хабатIе зиярат гьабиян бицана тадбиралда гIахьаллъарал гIадамазе.

Жидер мухъалда ислам тIибитIиялъе Байил-шайихасги гьесул вацасги гьабураб хIалтIул бицунаго, гьениб ракIалде щвезабуна некIо заманалда гьезул хъизан (щуго вац) бетIербахъиялъе цогидаб бакIалдаса рачIун, гьенир чIарал чагIи рукIараблъи. Цояв вац – ИсмагIил — ЧIадаколо вехьлъун, живго Байил-шайих абуни – гьабсагIаталда Хидиб росдал администрациялда гъорлъе унел росабалъ вехьлъи гьабулев вукIун вуго. Кваназе цо бакIалде гъун гIачигун, Байил-шайих рокъов чIолаанила, гьел гIачи кирениги унаринги абун. Амма гьел бацIаз чIван ратулин, жиндие бадирчIваял гьаризе лъугьунел боцIул бетIергьаби гIодоре риччазарулаанила гьес, гIачи ругеб бакIги бицун. Гьедин балагьизе арал боцIул бетIергьабазда рихьун руго берцинго кваналел гIачиги, гьезда сверун бацIалги.

Цоги гьадинаб хIужаги рехсола гьеб районалъул гIадамаз. Байилшайихасул хабада аскIобеги бачIун, цо гьвеца хъублъи гьабун буго. Гьениса нахъе унаго, цо параялдасан хун буго гьеб гьой.

ЧIадаколов гIачиязда вехьлъун вукIарав Байил-шайихасул вац ИсмагIилги кколаанила гьединавго шайих. БежтIа хун вуго гьев. БежтIадерие жидерго дова вукъизе бокьилин гьединав шайихилан абун, балъгого гьесул жаназаги молотIа лъун вачIунев вукIун вуго Байилшайих. Цо бакIалде щведал, хIухьбахъизеян лъалхъун вуго гьев, малиги гIодоб лъун. Гьеб мехалда жаназа кIалъан буго хехлъи гьабейин, бежтIал хадур гIунтIулел ругин абун.

Хадубго гьениб ккарабин бицуна гьадинаб хIужаги.

МагIардаса тIун бачIунеб гIанси, битIун ИсмагIил-шайихасул жаназе гIодоб лъураб бакIалде щведал, кIибикьун уна. Гьеб буго мунагьал чураяв Даку Асадулаевгун цадахъ БежтIаса тIадруссун рачIунел артистазул автобус кIкIалахъе араб бакIалда аскIоб.

ПалхIасил, кIиявго вац, кIиявго шайих вукъун вуго цояв — Гьебзуда, цогидав — ЧIадаколов.

Хасало Байил-шайихасул зияраталда дандбитIун бугеб магIарде гIазу байдал, гьесул сипатги лъугьуна мугIрул тIогьиб (ботIрода чалма къарав чиясул гIадаб).

Байил-шайихасул хабатIе зияраталъ рачIине санагIалъиялъе бахъараб нухги буго. Гьенисан нух бахъизе бажарулебищин абун, байбихьуда гьелда къанагIатавги чи божулев вукIун гьечIо. Дагъистаналде нухмалъулевлъун вачIиналдего, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат хIисабалда Рамазан ГIабдулатIиповас бахъун букIун буго гьеб. Гьелда тIадеги, гьес гьабураб ккола зияраталде рачIарал чагIи данде ракIаризе гьениб тIадхъелги. Гьелда бан ГIабдулатIиповасеги баркала загьир гьабуна гьеб къоялъ зияраталде рачIараз.

Гьанибго ракIалде щвезабила, Р. ГIабдулатIиповасул кIудияб квербакъи ккана МахIачхъалаялъул рагIалда ГIиса аварагасул цIаралда бугеб РухIияб центр баялъеги.