Путиние суал кьезе рес щвечIониги…

17 декабралда тIобитIараб Россиялъул президент Владимир Путинил прессконференциялда г1ахьаллъизе ун рукIана Дагъистаналдаса жур­налисталги. Гьел ккола «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакто­расул ишал тIуралев ГIумахан ГIумахановги, «Дагъистан» РИАялъул директор МухIамад МухIамадовги, «Народы Дагестана» журналалъул бетIерай редактор ШугIайнат МухIамадоваги, «Дагестанская правда» газеталъул журналистка Динара Токъболатоваги, «Мирмол» сайталъул журналистка Диляра Давудоваги.

 

 

Пандемиялъул заман букIиналъ исана прессконференция тIобитIана видеобухьеналдалъун.

 

Владимир Путин цеве вахъана НовоОгарёвоялда бугеб жиндирго резиденциялдаса. Федералиялги къватIисел пачалихъаздасаги журна­листал ракIарун рукIана Москваялда бугеб Халкъазда гьоркьосеб дар­мил централде. Регионалиял журналистал рукIана цогидал шагьаразда. Масала, СКФОялда гьединаб шагьарлъун тIаса бищун букIана Ставро­поль.

 

Владимир Путиница санайилго гьединал прессконференциял кьола 2001 соналдаса нахъе.

Исанасеб прессконференциялда цебе гIадамаз гьесухъе суалал ритIизе байбихьун букIана 6 декабралдаса нахъего, гьединго интерне­талдасанги.

 

ГIумахан ГIУМАХАНОВ («ХIакъикъат»):

— Пресс-конференциялъул зама­налда дихъ кодор ккун рукIана «Бот­лих» ва «Слава врачам» абун хъва­рал игIланал.

Залалъур рукIарал телевидени­ялъул Т1оцебесеб каналалъул жур­налистаз гьикъана гьезул магIна щибилан. Дица жаваб кьуна диего рахIат толареб кIиго суалалде прези­дентасул кIвар буссинабизе ургъараб жо бугин. Масала, «Ботлих» абураб хъвай-хъвагIай. Владимир Путин Болъихъе чанцIулго щвана, гьедин­лъидал гьев нижее гьобол гIадав чи вугин бичIчIизабуна дица залалда вукIарав рехсараб каналалъул мух­бир Павел Красновасда.

БукIаниги, дидеги, нилъер гьани­са цогидал журналистаздеги суалал кьезе ирга щвечIо.

«Слава врачам» абураб игIланалъул магIна кколаан «Журавли» ком­плексалъул бетIергьан, Шангъодаса МГУялъул профессор МухIамад МухIамадовас тохтурзабазе иса­на тIобитIараб акция, пачалихъ­алъ кумекги гьабун, улкаялда ки­са-кибго тIобитIизе бегьуларищан суал лъей. Ковидалда данде рагъ барал улкаялдасаго тохтурзабазул 523 чи чIового сахлъизавизеги, кIи- кIи анкьица хIухьбахъизеги тана гьес комплексалда. Гьеб киналдего тIадеги жиндирго гIарцул лъебе­ралда хадуб миллион гъурущ харж гьабун буго МухIамадица. 45 со­налъ тохтурлъун хIалтIарай жин­дирго эбелалъ гьарун тIобитIараб акция бугин МухIамадица гьебилан «ХIакъикъаталдаги» хъван букIана гьелъул хIакъалъулъ.

КIиабилеб суал букIана опол­ченцазда хурхараб. Гьез жидецаго гьарун букIана дида гьеб суал кье­ян. Масала, ополченцазул статус чIезабуниги, хасаб сияхIалда гъор­лъе гIицIго шапакъатал кьурал чагIи гурони ккун гьечIин руго гьел.

 

 

 

ШугIайнат МУХIАМАДОВА («Народы Дагестана»):

— Дун цееги чанцIулго гIахьаллъана Москваялда тIоритIарал гьединал пресс-конференциязда. Президен­тасда жалго рихьиялъе гIоло ур­гъуларел жалги рук1унаро цо-цо журналистаз – кополал игIланал цере ккун яги ахIдон. Амма гьаб нухалда гьединаб хъуй букIинчIо, гIодобе биччараб ахIвал-хIалалда ана. Хасго СКФОялъул журналистал ракIарараб залалда рукIинчIо гьеди­нал игIланал.

Суалал кьезе цереккунго хIадурарал журналистал рукIунин абураб пикруги мекъаб буго. Пре­зидентасе суал кьезе щвей буго икъ­балалда бараб жо. ТIадежоялъе, он­лайн-режималдалъун гара-чIварулеб мехалда президентасда рагIизе къваригIараб суал кьолев хасав чи кив гIодов чIун вугевали бихьизеги захIмалъиларищ.

Дие бокьун букIана Каспий ралъ­далъ холел ругел тюленазул суал борхизе (гьанжегIагар ракъдаде ре­хун батана лъабнусгогIанасеб тю­лень, гьелъие гIиллаги лъалеб гьечIо – ред.).

Гьел рухIчIаголъаби хунгутIиялъе сабаб ургъеян гьаризе бокьун букIана президентасда. Масала, Каспий ралъдалъе чваххулел хутIелал рацIцIад гьаризе хасал алатал лъезе рукIиналъул бицен буго цебегоялдаса.

Гурони, тIадеялдаса тIаде зарал кколеб буго ралъдаеги. Гьал къоязда киса-кибго бицунеб буго гьадингоги дагьлъулел рукIиналъ Россиялъул БагIараб ТIехьалде росарал тюленаз­де сундасан бачIарабали лъачIого, балагь рещтIун бугилан.

 

 

МухIамад МУХIАМАДОВ («Дагъистан» РИА):

— Гьаб пресс-конференция ракIалда чIана Владимир Путиница Алексей Навальныясда сверухъ ул­каялда бугеб ахIвал-хIалалдехун, бакътIерхьул улкабаздехун загьир гьабураб бербалагьи. Бицана нилъер улкаялъул жанисеб политика­ялде сунде кIвар кьезе бугебалиги, асар гьабуна пачалихъалъул кумек хIисабалда лъималазе тIадеги щуазарго гъурущ кьезе президентас гьабураб хIукмуялъги.

Рес щварабани, дица президентас­да гьарилаан магъалабаздаса пред­принимателал дагьаб мехалъ эркен гьаризе бегьуларищин. Щайин абу­ни, пандемиялъул заманалда нилъер республикаялдаса гурелги, тIолабго Россиялдасаго предпринимателал руго хайирги щоларого, кутакаб захIмалъиялда.

 

 

Динара ТОКЪБОЛАТОВА («Да­гестанская правда»):

— Дие кутакалда бокьун букIана президентасе гьекъолеб лъел рахъ­алъ Каспийскиялда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалда тIасан суал кьезе.

Халат рахъун рарал цIадаз хъуб­лъизабуна КОРалдаса «Рыбье» хIорихъе чваххулеб лъим. Гьеб ккола Каспийск гуребги, Избербаш ша­гьарги гьекъолеб лъедалъун хьезабу­леб аслияб хIор. Лъим бацIцIад гьа­булеб къайи-цIа гьениб лъун букIана 1970-абилел соназдаго. Гьелдаса на­хъе басралъарал гьел я къачIачIого яги хисичIого тун руго.

Гьединлъидал Каспийскиялда гIадамазе гьекъолеб лъим бихьиза­рурал сагIтал рикIкIун кьола. Гьанже абуни халкъалъухъе гьеб МЧСалъ баччун щолеб буго.

ПалхIасил, шагьаралда гьеб масъала тIубазе ккани, тIубан ки­налго рогIрал хисизе ккола, гье­динго рагIалде бахъинабизе ккола МахIачхъалаялдаса Каспийскиял­де ва Избербашалде бачунеб лъел мухъ. «Юг России» абураб федера­лияб программаялда рекъон, 2008 соналдаго байбихьараб гьеб хIалтIи, гьелъие биччараб гIарац 2013 сонал­да гьоркьобги къотIизабун, чIезе тун букIана. Гьеб заманалдехун анкьго километралъул манзилалда гьабун букIана гьениб хIалтIи.

Гьединлъидал гьеб программа­ялъе цIидасан гIарацги биччан, лъел иш рагIалде бахъинабиялъе квер­бакъеян гьаризе бокьун букIана пре­зидентасда.

 

 

 

Диляра ДАВУДОВА («Мирмол»):

— Нижеца хIаракат бахъулеб букIана залалда вугев ведущиясул нижедехунго кIвар буссинабизе. БукIаниги, рес рекъечIоха суал кье­зе. Гьеб рахъалъ битI ккечIониги, СКФОялдаса рачIарал киналго журналистазда гъорлъ рукIиналъ, лъикIаб асарги гьабуна. Регионал батIи-батIиял ругониги, нилъ цо ул­каялъул гIадамал рукIиналъул асар ккола гьеб.

Путиние кьезе бокьун букIана гIолохъанал хъизамазе жанир чIезе рукъзал росиялъул суал. Кумек хIисабалда пачалихъалъ кьолеб гIарац дагьабги цIикIкIинабизе бе­гьуларищин гьаризе бокьун букIана гьесда.

Дихъе щварал баяназда рекъон, тIадеялъул гьеб мурадалъе гIоло бюджеталдаса ичIго млн гъурущ гурони биччан гьечIо. ГIолохъанал хъизамазул къадар абуни тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго. Масала, гьеб гIарац щвезе иргаялда чIараб хъизан Дагъистаналда цIакъго гIемерлъун.