АхIи базе ккараб хIал

Ургъел гьечIолъиялъул хIасил

ЧIунтарал росаби цIигьаризе цIакъ захIмалъила

Араб гIасруялъул ункъабилел соназдаго улкаялъул газетазда хъвалеб букIана Россиялъул батIи-батIиял регионазда 17 азаргоялдаса цIикIкIун росу чIунтун бугин. Гьел чIунтиялъе гIиллаги – росабиги рехун тун гIадамал шагьаразде гочин. Доб заманалда Дагъистаналъул магIарухълъиялда хъинтIулеб суал гьеб букIинчIелъул, гьеб масъалаялде кIвар кьолел чагIи республикаялда къанагIатги рукIинчIо. Амма, заман арабгIан, гьеб унти нилъедеги бахана ва рехун тарал, чIунтизе тарал росаби Дагъистаналдаги гIемерлъизе байбихьана.

Оцихъ

АнцIгоялдаса цIикIкIун соналъ цебе «Северный Кавказ» газеталда бахъараб макъалаялда дица хъван букIана ЦIунтIа районалъул Оцихъ росдал хIакъалъулъ. Гьеб буго кутакалда тIабигIат берцинаб, рохьаз сверун ккурал мугIрузда гьоркьоб бакIалда, ай майданлъиялда бугеб росу. Сверухъ руго цIорорал иццалги, гьайбатал харибакIалги. Пайда щиб, тIабигIаталъул берцинлъиялдасаги гIадамаз гIумру гьабиялъе бигьаял шартIал ругеб бакI тIасабищулеб гIадат бугелъул, дагь-дагьккун гIадамалги гIатIиракьалде гочун, янгъизго хутIана гьеб росуги. Жакъайин абуни росулъе тIадруссине бокьарал гIезегIан руго. Шапихъ росдадаса кIигогун бащдаб километралъул манзилалъ рикIкIад бугеб росулъе шагьранух гьечIолъиялъулцин гIадамазе ургъел гьечIоан, гьенибе бачараб токгIаги букIарабани. Гьелъул бицун гIемер хъвадарана оцихъел, амма добго хурив довго Мусайин абухъе хутIана гьеб суалги. КъогогIанасеб цIаракиги байбихьул школаги букIараб росулъ жакъа цо чи хутIун вуго чанго чIегIерхIайванги, нусгоялдаса цIикIкIараб бетIер гIи-цIцIаназулги хьихьун.

АзилтIа

Ралъдал гьумералдаса кIиазарго метралъул борхалъуда буго АзилтIа росу. Гьеб росдал жамагIаталъул кидагосеб гIарз букIунаан гьекъолеб лъел къварилъи бугин. КIиго-лъабго километралъ рикIкIадаса бачараб лъим, хасало цIоролаан ва гIадамалги цIакъ кIудияб къварилъиялде кколаан. Росдал рагIалда бугеб гьитIинабго къулгIадухъа гIадамазе гьекъезе цо-цо ведро лъел гурони босизе биччалароан, боцIуе гьекъезе лъим хIадурулаан гIазуги биинабун. Сверухъ берцинаб тIабигIатги рекьулел ракьалги рукIаниги, азилтIасел хIажаталлъун ккана цоял Шаурире, цогидал гIатIиракьазде гочине. Гьедин чIунтана кIикъогогIан цIаракиялъ жаниб гIумру гьабулеб букIараб саламатаб росу. Жакъа АзилтIе бахъун буго нух, лъун буго гьениб телевышка, риидал шаурисез хIораб боцIиги хьихьула гьезул магъилъ. Амма лъел суал тIубалебани, азилтIасезда жакъаго ракIалда буго умумузул ракьалде тIадруссине.

ГIалимзабазул къимат

ЦIунтIадерил ракьазде кидагосеб кIваркьей букIана гIалимзабазул. Дагьал церегIан соназцин Дагъис-
таналъул гIелмияб централъул тарихалъул ва археологиялъул институталъул экспедициялъ бихьизабуна Мокъокъ росдада аскIор ратарал шагIил тIагIелазул цIех-рех гьабидал, баянлъун буго гьениб гIадамал ни-лъер эраялде щвелалде ункъазарго соналъ цебе гIумру гьабун рукIараблъи. Гьелъул хIакъалъулъ хъвараб макъала бахъун букIана «Новое дело» газеталдаги. Лъебергоялдасаги цIикIкIун соналъ цебе, Англиялъул Оксфордалъул университеталъул профессор Роберт Черсинерица бицун букIана Чалях росдада тIадехун бугеб «ЯсикIабазул» магIарда нилъер эраялде щвелалде азарго соналъ цебе цо ингилисасул ювелирияб мастерская букIун бугилан. Гьенир ратарал мазгарул тIагIелал жакъаги руго Тохо-Годил цIаралда бугеб музеялда. Гьелъул хIакъалъулъ гIелмияб хIалтIиги хъван буго гуржиязул профессор Иосиф Мегрелидзеца «Археологические находки Дидо» абураб цIаралда гъоркь.
Къого соналъ цебе, анкьго-микьго чиясдаса гIуцIараб Дагъистаналъул гIелмияб централъул «Ботаникияб ахалъул» экспедициялъул хIалтIухъабиги щвана Мокъокъире. Чанго къо индал дица гьезда цIехана щибго пайдаяб жого батанищин. Мокъокъ росдадаса бакъбаккул рахъалда бугеб рохьоб цо кинабалиго хьон батанин, гьелъие гIоло рачIаралги рукIанин жал гьаниреян бицана экспедициялъул нухмалъулев Мусаев ГIабдулвахIидица. Гьеб букIун буго Кузнецовасул рябина абун цIар лъураб, араб гIасруялъул байбихьуда гIицIго ЦIунтIа батараб «нигIмат». Гьелдаса нахъе чанго нухалда бачIана ЦIунтIе «Ботаникияб ахалъул» экспедиция, рахана анкьго километралъ рикIкIад бугеб, цониги чияс гIумру гьабулареб, рехун тараб Гъалолъ росулъеги. Пикру букIана гьениб ахазул база гьабизе, амма… Жакъа гьенибе бахъун буго нух, цо-цо чияс бекьула картошка, бецула хер.
Дол соназ дица даруял хурдузул лъебергогIанасеб хъап кьун букIана «Ботаникаялъул ахалъе». Доб Кузнецовасул рябинаги бекьун буго Гъуниб бугеб ахалъул базаялда.

Гьабизе бокьани… букIуна

Цебе цIакъ гIемерав турист вачIунаан ЦIунтIа районалде. Гьебгиха – къватIисел улкабаздаса. Масала, СШАялъул Калифорниялъул университеталъул профессор Бернард Комри гIажаиблъун хутIун вукIана нилъер гьаб ракь бихьун ва гьес абулеб букIана нуж туризмалъ кваназаризе ругин. Чанго соналъ цебе «Дагъистаналъул правда» газеталда бахъараб «Дидояз мугIрул толел руго» абураб дир макъалаялъе, доб заманалда республикаялъул туризмалъул комитеталъул нухмалъулевлъун вукIарав А. Карибовас жаваб кьун букIана ЦIунтIа туризмалъул структураби гьечIин ва магIарухъе ганчIалги кваназе, хъошаздаги регизе туристал рачIунарин. Гьал къоязда рагIана Шауриса ХIажиев МухIамадица, лъикIаб минаги бан, туристал рещтIиналъе ва гьел доре-гьанире рачиналъе Туризмалъул министерствоялъулгун къотIи-къай гьабун бугилан.

Тарихалъ нугIлъи гьабула

Араб гIасруялъул ункъоабилел соназда, Дагъистаналъул гIелмияб централъул мацIазул ва литератураялъул институталъул директор, академик ХIамзатов ХIажица дун витIана гуржиязул профессор Иосиф Мегрелидзехъе цересел соназ ЦIунтIаса бакIарараб фольклоралъулаб материал босизе ва гьеб Москваялда биччалеб фольклоразулаб сборникалда лъезе. Мегрелидзе ккола 30-40-абилел соназ ЦIунтIаса гIемерал маргьабигун харбал ракIарарав чи. КIинусгоялдаса цIикIкIун гьумер дица къачIан кьуна институталде, гуржиязул профессорасухъаги босун. Мегрелидзеца бицун букIана, анцIила ичIабилеб гIасруялъул гьоркьохъел соназда дидоязул вукIун вугин ункъоазарго чи. ГьедигIан гIадамал рукIиналъе нугIлъи гьабула гьадинаб хIужаялъги. Гуржиязул хъвадарухъан Григор Абашидзеца жиндирго тIехьалда хъван рагIула КIахетиялъул хан Тамарал яс Русуданица ахIи бан бугин кумек гьарун, персиязги турказги жидее рахIат толеб гьечIилан. Гьеб ахIиги къабул гьабун, мадугьалзабазе кумекалъе ЦIунтIаса ун вуго анлъазарго рекIарав.

***
Жакъа щиб хIалха бугеб? Гьеб суалалъе жаваб кьела Асахъ росдахъ балагьун: гьениб хутIун руго гIицIго чIваднал, цониги чияс гIумруги гьабулеб гьечIо. Гьеле гьединаб буго жакъа мугIрузул росабазул къисмат.

ГIиса ГIабдулаев