Ришват кьечIониги…

2018 соналда субсидиял кьуна росабалъ гIумру гьабулеб 326 хъизамалъе

 

ДРялъул Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъул нухмалъулевлъун ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов тасдикъ гьавидал, ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас гьесда тIадкъана гранталги субсидиялги кьеялъул программа гIумруялде бахъинабиялъул хIалтIи.

Гранталги субсидиялги кьолел руго «2014-2020 соназда росдал магIишат цебетIезабиги, росдал магIишаталъул къайиги, кванил нигIматалги, гъарсиги (сырьё) бичулеб базаралда низам гьабиги» абураб ДРялъул пачалихъияб программаялъул «Росабазул чIара-хьараб цебетIей» подпрограммаялда рекъон.
Рехсараб подпрограммаялда рекъон, гранталги субсидиялги кьола росабалъ гIумру гьабулел гIадамазул рукъзабахъ лъикIал шартIал чIезариялъул мурадалда. Кьола гьел росабалъ хIалтIизе арал гIолохъанал махщелчагIазул хъизамазеги. Гьединал хъизамазул сияхIал тасдикъ гьарула министерствоялъ ва гьезул кьучIалда щибаб хъизамалъе кьола «росулъ мина базе (яги босизе) социалияб кумек гьабиялъул хIакъалъулъ» свидетельство. Свидетельствоялда рекъон, банкалда рагьула счет ва гьенибе рехула кумекалъе биччалеб гIарацги.
Исана гьединаб кумекалъе федералиябги республикаялъулабги бюджетаздаса биччан буго 188,5 млн гъуруш. Социалияб кумек гьабиялъул хIакъалъулъ свидетельство кьун буго 326 хъизамалъе, гьезда гьоркьоса 228-яб ккола гIолохъанаб хъизан ва гIолохъанал махщелчагIи. Кумек гьабизе буго Бабаюртги, Тарумовкаги, Казбекги, Шамилги, цогидалги районаздаса гIадамазе. БатIи-батIияб буго щибаб хъизамалъе кьолеб гIарцул къадарги – 200-300 азаргоялдаса миллион гъуршиде щвезегIан. Гьелъул роцен чIезабула хъизамалъ гIумру гьабулеб бугеб бакIги хIисабалде босун.
Дагьалъ цебе свидетельствоялда ре-къон кумек щвана Гъарабудагъкенталдаса Мариям Изамудиновалъеги, Адавият АхIмадовалъеги, Къоркъмасхъалаялдаса Атай Шамиловасеги.
Министерствоялъул кумек щвезе бокьарав чияс хитIаб гьабизе ккола бакIалъулаб администрациялде. Гьелдаса хадуб, хасаб комиссиялъ актги гьабун, чIезабула пуланаб хъизамалъул мина капиталияб хIалалда къачIазе ялъуни гьезие цIияб мина базе кколин абураб. Гьеб хIукмуялда рекъон, хъизамалъул цIар хъвала сияхIалда ва гьеб районалъул администрациялде битIула.
Субсидиялъул гIарац бачIуна хасаб счеталде. Гьелдаса гIарац бахъизе бегьуларо – мина базе хIажатаб къайи бичулеб тукадулгун гьабураб къотIиялда рекъон, гьениса босараб къайиялъухъ гIарац рехула тукенчиясул счеталде.
Бэла БОЯРОВА