«Гьабизе лъаразе квасул дуниял…»

Гьале кIиабилеб нухалдаги щвана дун Гумбет районалъул Килалъ ро­сулъе. Лъабгоункъо соналъ цеве щун вукIана ихдал, оцбаялъул къоялъул байрамалда гIахьаллъизе, цевегосев гьудул Шамил МухIамадовасги ахIун. Исана коронавирус сабаблъун тIобитIичIо росулъ оцбаялъул бай­рам.

 

 

— Нижер умумузда лъан буго росу базе бакI тIаса бищизе, — ян бицуна Килалъ росдал бегавул АхIмад Каримовас. — Гьал нилъеда рихьулел Бергъо, КIанчIикь, Роч­чоб мугIрузда гIемер жо бихьана. Росдал рагIал чIван гIедегIун чва­хулеб ГIанди гIоралъул хъудиялъ­ухъ гIенеккизеги бокьула рада-ра­дал. Гьале гьаб буго магIарухълъи, сундухъго хисизе рес гьечIеб гIагараб тIалъи. МугIрул хиралъиялъ, гьаздехун бугеб рагIа- ракьан гьечIеб рокьиялъ чIезаруна росулъ лъабкъогоялде гIагарун цIаракиялъул гIадамал. ХутIарал, ай гIемерисел гочана Новолак рай­оналъул ЦIияб Чуртах росулъе. Къисмат гьединаб букIун буго ни­жер росдал гIадамазул. Гочиналъе гIиллалъунги ккана 1974 сона­лъул 13 ноябралъул радакь ккараб тIабигIияб балагь – ракь багъари, росу гочун иналъул хIасилалда гьа­нир хутIаразе рукIинчIо чIезарурал киналгIаги шартIал: къана школа, клуб, библиотека, хIалтIичIо мед­пункт. ГIагараб росдадехун бугеб тIей гьечIеб рокьуе гIоло кинабго хIехьана нижеца, гочинчIого гьа­нивго чIарав 100-150 чияс. Жакъа батIияб буго ахIвал-хIал. Цо-цо хъизамал тIад руссун рачIунелцин руго жидерго анкьумумузул ра­кьалде. Нусиялда ункъогоялдаса­ги цIикIкIун цIараки буго жакъа Килалъ росулъ. Бана цIияб школа, ясли-ах, фельдшеразулгун акуше­разул пункт, библиотека, мадания­талъулгун хIухьбахъиялъул центр. ПалхIасил, гIумру-яшав гьабиялъе чIезарун руго киналго шартIал.

 

Росдал бегавул вуго тарихги лъа­лев, гIемерал соназ лъималазе тар­бия-лъайги кьурав географиялъул мугIалим. 1987 соналдаса анахъе 15 соналъ Гумбет районалъул бетIерасул заместительлъунги хIалтIарав, Басаевасул ва Хаттабил хъа­чагъазде данде гьабураб рагъулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло РФялъул президент В. Путинил рахъалдаса сагIат шапакъаталъеги щварав, хIалхьи лъаларев инсан. АхIмадгун цадахъ дун щвана Роччоб магIардеги. Хабар-кIалалда унаго, гIемераб хабар бицана АхIмадица росдал тарихалъулги машгьурал гIадамазулги хIакъалъулъ.

 

 

— Гьал мугIрузул гIодоблъиялда бугеб бакIалде щун вуго лъабго вац- чанахъаби: Килаги, Ичиги, ЧIалиги. Гьаб бугин дие бищун санагIатаб бакIин абун Кила рещтIун вуго гьанивго, ГIанди гIурул рагIалда, Ичиги ЧIалиги дагьалги тIадехун, мугIрузде рахун руго. Биценал­да рекъон, гьедин рижун руго Ки­лалъги ИчичIалиги росаби. ГIумру- яшав гьабизе санагIатал бакIал рукIиналъ, дагь-дагьккун цогидал гIадамалги рачIун, гIун буго росу, — ян бицана АхIмадица. — Хвел гьечIеб лъалкI тана исламияб дин цебетIезабиялъулъ МасгIуд-хIажица ва гьесул васал МухIамадицагун АхIмадица. Жидерго рокъоб мадра­саги рагьун, диниял дарсал кьолев вукIана МухIаммадсагIит. Бицуна гьеб мадрасаялъул мутагIилзаби гIараб мацIалъ цоцада кIалъалел рукIанин абун. Диниял тIахьазул кIудияб библиотека букIанин абула ДарбишмухIамад-хIажил. Инхоса ГIалихIажил лъикIал гьудул-гьал­магъзаби рукIун руго Килалъа Гьуд ва гьесул вас СалихI-хIажи. Араб гIасруялъул лъеберабилел соназ гIемерисел диниял гIалимзаби расги гIайиб гьечIого туснахъалъур лъуна ва хадурккун кире аралали, кир хва­ралали, кир рукъаралали лъачIого тIагIана. Гьезда гьоркьор рукIана Ба­гьавудин, ГIизудин, МухIамадсагIит, МасгIудин, АхIмад ва гьел гурел цо­гидалги.

 

Гьаниб, диниял гIалимзабазул церехъабазул хIакъалъулъ хабар ккараб бакIалда кинго бегьула­ро рехсечIого нилъер заманалъул бахIарчияв инсан, гьунар бугев, тIадегIанаб лъаялъул тохтур, жакъа­сев ва Дагъистаналъул цере рукIарал муфтиязул кваранаб кверлъунги, хIаракатав кумекчилъунги вукIарав Килалъа АхIмад-хIажи ТIагьаев. Гьев шагьидлъана 2009 соналъул 25 маялда. Гьедин гурони бегIераб ка­ламалъул боркьараб, жив-живасул рекIелъе бортулеб рагIи къотIизабизе кIвечIо тушманасда. АхIмад- хIажи ТIагьаевасул цIар абадиялъ хутIизе буго халкъалъул ракIазулъ.

 

ГIумру-яшавалъул рахъалъги на­хъа ккун рукIинчIо дир росуцоял. ЦIакъ цудунго ругьунлъана Килалъ росулъ маххул къебелъиялъул мах­щалиде, цебе тIун букIана цIакал, гIиял тIомал къачIан гьелъул хурум (хром) гьабун, хьитал гьари. Гьале­ха гьаб Роччоб магIарда бугеб май­дан, жиндир заманалда имам Ша­милица гьанир куцалел рукIун руго пачаясул аскариязда данде рагъизе муридал. Нилъер заманалдаги ра­тула гьанир цо-цо чIахIи-чIахIиял гулби. Хадуб гьаниб колхозчагIаз бекьулеб букIана ламадур, картош­ка, цIоросаролъ. ЛъикIаб бачIинги бакIарулаан. Колхоз-совхозал хун хадур лъицаха гьаб бекьилеб? Гьан­же гIи хьихьула гIадамаз. Нижер гьаб Килалъ росу хьиндаллъиги магIарухълъиги цадахъ бачараб бакI буго. Гьелъул магIна ккола хьинда­лазул ракьазда гIадин пихъ-мичIги бижулин, магIарухъ гIадин боцIи- панзги хьихьизе рес бугин абураб. Килалъ буго лъабкъогоялде гIунтIун жибго жиндаго чIараб магIишат (ЛПХ), цо фермерги вуго.

 

 

Килалъ росдал цого-цо вугев фермер Чергесов СалихIилгун дир лъай-хъвай цебего ккун букIана. Лъабго-ункъо соналъ цебе, умуму­зулго рукIарал, ирсалъе хутIарал ку­ракул херал ахалги хвезарун гьанир чIана гIечул батIи-батIиял тайпаба­зул гъутIби. Щунусго гъветI бачIун букIана Ставрополалдаса.

 

— Араб соналъ гьал гъутIбуз тIоцебесеб бачIинги кьун воххиза­вуна дун. Исана битI ккечIо. БитIун тIегь балеб гIужалда цIорой речIчIун кинабго хвезабуна, — ян бицана СалихIица.

 

 

Доб нилъер цебесеб дандчIваялда дир рахIат хвезабун букIана гъутIби росизе гIарац пачалихъалъ кьелин кьураб рагIи хвезабиялъ. Щибха гьелъул ккараб?

 

— Исана щвана лъабго милли­он гъурущ. Росдал магIишаталъул министерствоялде цIиял нухмалъулел рачIун хадуб гIарцул суал бигьалъана. РакI-ракIалъулаб барка­ла загьир гьабизе бокьун буго Росдал магIишаталъул министерствоялъул нухмалъулезе. Лъалаго лъикIлъана гьаниб хIалтIи. Дица росулъ рагьа­на фермеразул магIишат. ГIемер жо къваригIунеб букIун гьечIо гьеб рагьиялъе. Министерствоялъул хIалтIухъабаул кумекалдалъун хIадур гьабуна бизнес-план, хъва­на гIарза, бихьизабуна дир бугеб кIигогун бащдаб гектар ракьул, иса­на бараб ва нусгогIан чIегIерхIайван жаниб хьихьизе бегьулеб бокь. ХарибакIазулги къварилъи гьечIо магIарухъ. Аллагьас хъван батани, гьанже инаха Калмыкиялде, кьураб гIарцухъ босила 50 тайпадулаб гIака.

 

Гьале гьадинаб гIуцIарухъанлъиялдайин нилъер магIарухъ абулеб: «Гьабизе лъаразе квасул дуниял, кваназе лъаразе нахул ду­ниял», — ин абун. СалихIил ва гьесул хIаракаталъул хIакъалъулъ хабар тIубанго, рагIа-ракьанда щун бици­не ккани, цо-кIиго рагIи абизе ккола гьесул хъизамалъул хIакъалъулъги. Гьесул чIужу Гулжанат шагьаралда гьаюрай ва гIурай гIадан йигониги, хехго ругьунлъана росулъ гьабулеб гIумруялде. Гьереси щай, бигьаго букIинчIо киданиги гIакдада аскIой къачIей гьалъие боцIуе хъулухъ гьа­бизеги, гIака бечIчIизеги, бачал хьи­хьизеги. Росгун цадахъ бигьалъана кинабго. Чергесовазул руго лъабго ясги цо васги. МухIамадрасул уни­верситеталда цIалулев вугониги, щибаб гьатIан къоялъ щола росулъе, кумек гьабула эбел-инсуе.

 

 

СалихIил буго цоги лъикIаб мах­щелги. Гьев вуго найихъан, нус­гоялдасаги цIикIкIун найил тIала буго гьесул. Исана СалихIица ба­заразде щвезабуна кIигогIан тонна гьацIул. Бихьулищха, нахул гуребги, гьацIулги букIун буго гьабизе лъара­се дуниял.