Суалал-жавабал

Болъихъ районалъул Гъагъалъ росулъа А. Са­гIит­беговас цIехолеб буго: «Дун ккола, гьоркьоб заман биччачIого, 42 соналъ школалда учительлъун хIал­тIарав чи, РФялъул мустахIикъав учитель. Дир пен­сиялде тIаде, гьеб стажалда ва цIаралда рекъон, бачIунеб гIарац букIунищ?»

 

Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРя­лъул педагогазул ва гIелмиял хIа­л­тIухъаба­зул профсоюзалъу­л ко­­мите­талъул юрист Мансур МухIа­мад­­са­гIидовас:
 
— Гьоркьоб заман биччачIого 20 яги 25 соналъ хIалтIарав учителасе пенсия цIикIкIинабизе ккола. Гьеб стажалда гьоркьобе уна декретнияб отпускги армиялда ва сакъатав чиясда хадуб хъулухъ гьабураб заманги. Амма пенсия, цIикIкIинабуларо. Пенсионерасе кьо­ла пенсиялъулаб лъабго балл. 2020 соналда цо баллалъул багьа бахи­набуна 93 гъурщиде, лъабго баллалъул хIисаб гьабун, 279 гъурущ!
КигIан бокьичIониги абила, «РФялъул мустахIикъав учитель» абу­раб цIаралъухъ пенсиялде тIаде ба­чIунеб гIарац букIунаро. Амма 35 сонил стаж бугел руччабазулги 40 сонил стаж бугел бихьиназулги рес букIуна, «РФялъул мустахIикъав учи­тель» абураб цIаралдаса пайдаги босун, «ЗахIматалъул ветеран» абураб цIар тIалаб гьабизе. Гьеб цIар бугел чагIазе рукIуна саламатал бигьалъаби.
 
 
«БоцIуда бруцеллез ва цогидал рахунел унтаби ругищали лъазе, ихдал гуреб, хаслихъе бахъизе кколин бийилан абулеб рагIана. Щайгурелъулила, ихдал боцIи букIунила хIалакъго. Гьеб суалалда бан, экспертазул пикру лъазе бокьилаан».
 
Гьаб суалалъе жаваб кьуна Шамил районалъул ветеринарияб управлениялъул эпизотолог МухIамад ГIумаровас:
 
— Рахунел унтаби ругищали лъазе боцIудаса би бахъизе бегьула бокьараб заманалда. Ихдал би бахъиялъе бугеб гIилла ккола гьеб гIужалъ боцIи хIалакъго букIин, гьединлъидал, би бахъулаго бетIергьанчиясе бигьаяб букIуна хIайван ккун чIезабизе. Нижер районалда, хасаб планалда рекъон, боцIудаса би бахъула январь-февраль-март моцIазда, ай боцIи магIер-гIалахалде иналде.
 
 
Гьал суалазе жавабал кьуна адвокат ШехмухIамад ГъазимухIамадовас:
 
Гъизляр шагьаралда гIумру гьабун йигей МухIамадова Муслиматица цIехолеб буго: «Токалъу­л налъи гьечIин абураб справка бихьичIого, коммуналияб гIарац кьолеб гьечIо. Гьеб кколарищ закон хвезаби?»
 
— РФялъул Пачалихъияб Думаялъ тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабураб законалъул проекталда рекъон, тIокIалъ ракIаризе кколаро коммуналияб бигьалъи щвеялъул мурадалда налъи гьечIин абурал справкаби. Налъилъун рикIкIине буго коммунальщиказ гьеб судалда хIужабаздалъун чIезабуни. Судалъул хIукму гьечIищ, мун киназдаго цеве вацIцIадав чи ккола.
Гьеб законалъул проекталъул рахъ ккуна Пачалихъияб Думая­лъул 403 депутатас. Законопроекта­лъул кIиабилеб ва лъабабилеб цIали букIине буго марталда, жибго закон хIалтIизе буго 2020 соналъул апрелалдаса байбихьун.
 
«ЛъикIаб пенсия бачIине ккани, стажалъе чан сон гIезе кколеб бихьиназе ва руччабазе?»
 
— Законалда рекъон, 2020 соналда херлъиялда бан кьолеб страховияб пенсия чIезабиялъе къваригIуна 11 сонил захIматалъулаб стаж. Пенсиялъул цIияб реформа къабул гьабиялда бан, 2021 соналда гьелъие къваригIине буго 12 сонил стаж, 2022 соналда – 13, 2023 соналда – 14 ва 2024 соналда – 15 сонил стаж. ЗахIматал хIалтIабазда ругел чагIазе гьеб рахъалъ саламатаб бигьалъиги  букIуна. 
Пенсия чIезабулаго хIисабалде босула гIаммаб стаж, амма захIматалъул стаж цIикIкIараб бугин абун, пенсия цIикIкIинабуларо.
 
«Дир буго щуго лъимер ва нижер хъизамалъул буго ункъогун бащдаб сотих ракьул бутIа. Минаялда цебеги буго кколелдаса лъабго сотихалъ цIикIкIараб гIатIилъиялъул ракъ. Дир ихтияр бугищ гьел участкаби чIорого росизе?»
 
— 2017 соналъул 19 декабралда ба­хъараб «ДРялъул ракьул хIакъалъулъ» абулеб законалъул №9 статьяялъул кIиабилеб бутIаялда хъван буго, лъабго ва цIикIкIун лъимер бугел гражданазул ихтияр бугин чIобого ракьул участкаби росизеян абун. Амма чIезабизе ккола мина-рукъалъул шартIал лъикIлъизариялде ккараб хIал букIин, хадуб хъвай-хъвагIай гьабизе ккола гьединал хъизамазе гIуцIараб муниципалияб иргаялда.
РФялъул щибаб субъекталъ чIезабула гIемерал лъимал ругеб хъизамалъе чIобого кьолеб ракьул бутIаялъул гIатIилъи. Гьеб бараб букIуна гьединаб хъизамалъ гIумру гьабун бугеб муниципалитета­лъул ресалда. Гьелдаго бараб букIуна ракьул бутIаялъул бакIалда кьолеб гIарцул компенсациялъул роценги. 
КъваригIунел документал:
• Ракь кьеян абун хъвараб гIарза; 
• Хъизамалъул щивав чиясул документал (паспортал, лъимал гьариялъул хIакъалъулъ свидетельстваби); 
• Лъимал гIемераб хъизамалъе ра­кьул бутIа чIобого босизе ихтияр бугин абурал документал (социалияб рахъалъ цIуниялъул идараялдаса босараб лъимал гIемераб хъизамалъул статусалъул хIакъалъулъ  справка, квартира щвеялъе иргаялда рукIиналъул хIакъалъулъ справка);
• Ракьул бутIа бугеб бакIалъул схема.