«Къелебалъ» рази гьаруна (ЦIияб тIехь)

Гьал къоязда къватIибе бачIана Зубаир МухIамадовасул «Къелеб» абун цIар лъураб тIехь. Авторас кIудияб хIалтIи гьабун буго къелдерил тарихалъулги, гIадатазулги, гIумру-яшавалъулги рагIа-ракьанде щун бицине.
 
Къелдерил букIана 6 росу (Ругъелда, Сомода, Хьонохъ, ГIурчухъ, Мусрухъ, Хьиндахъ ва Рукъдахъ). Рукъдахъ росдал иш лъугIанин абизеги бегьула. 1944 соналда хIал гьабун Чачаналде гочинаруралдаса гьезул чи тIокIалъ магIарухъе рачIинчIо. Гьезда цадахъго гочун рукIарал ГIурчухъ ва Хьиндахъ росабалъа гIадамалги парахалъана Гъизилюрт районалъул Стальское росулъ. Авторас мухIканго бицунеб буго щибаб росдалги, гьениса рахъарал машгьурал гIадамазулги, гьел росаби гIемерал кулабаздаса лъугьиналъулги хIакъалъулъ. Щибаб росу сверун ругел иццазул, хурзабазул, харибакIазул, гохI-щобазул, мегIер-гIалахалъул цIаралцин рехсон руго тIехьалда. МухIканаб баян кьолеб буго къелдерил ратIлиеги, кванил нигIматазеги, рукIа-рахъиналъеги, ригьин гьабиялъеги, бертабалъ рукIунел махсарабазеги. Рехсон буго 1886, 1917, 1935-абилел соназда букIараб халкъалъул къадарги.
 
Къелеса ккола Къудукьа Мусаласецин дарс кьуравин абулев машгьурав гIалим ГIали ва имам Шамилил вукIарав наиб МухIамадилав. Гьезул тарихалдеги ва-ккун вуго автор.
РакIалде щвезарулел руго ХI. Хашаевас данде гьарурал къелдерил некIсиял гIадаталги.
ТIехьалъе чIагояб асар кьун буго гьенир лъурал цереселги гьанжеселги гIадамазул суратаз. Бицунеб буго кинаб росу кинаб колхозалде гъорлъе унеб букIарабали.
ТIехь данде гьабурав Рукъдахъа наслуялъул чи, жакъа, пенсиялда вугониги, Гудермесалъул институталъул директорасул заместительлъун хIалтIулев вугев Зубаирие баркала кьела къелдерица.