Токалъул кваразул хIинкъи

 

  ЦIунтIа районалъул ХIибялъ росдал гIадамаз абулеб буго токалъул мухъал гIодосан цIан рукIиналъ гIадамазул гIумруялъе хIинкъи бугеб хIал бугила росулъ. Дагьал церегIан къоязда цо гIолохъанчиги чIвана гьенив токги кьабун.

Росдал депутат МухIамад­ра­ма­зан ГIабдулкаримовас, республикаялъул ва районалъул нухмалъиялъул цIаразда ахIи бан, кагътал ритIун руго гьеб гIунгутIи лъугIизабизе кумек гьабеян абун.

20 апрелалда ХIибялъ росулъе рачIун рукIана ЦIунтIа районалъул токалъул хъулухъа­лъул хIалтIухъаби. ХIинкъи бугеб ахIвал-хIал тIагIинабизе кIвараб хIалтIи гьабизе буго гьез.

Гьоркьоб заман бахъун цIа ккеялъул хIужаби камураб мех гьечIо ахирал соназда ЦIунтIа районалда. Гьебго ХIибялъ, Мокъокъ, Цебари ва цогидал росабалъ анцI-анцI минаби рухIун, гIемераб къварилъи ккана гIадамазе.