Мухтар Амиров: «Жидеда хадур чагIи рачIине рукIиналде кIудияб хьул буго дозул»

 

 

    Дагьал церегIан Украинаялдаса тIад руссарал Дагъистаналдаса журналистазул цояв ккола «Координационный информационно-культурный центр» ГБУялъул нухмалъулев Мухтар Амиров. «Мирмол» сайталъеги (www.mirmol.ru) «Что там у дагестанцев?» абураб телеграм-каналалъеги материалал хIадуризе гьесда цадахъ гьенире ун рукIана Исрафил Исрафиловги Мурад МухIамадовги. Гьезго гIадин Украинаялдаса репортажал хIадурана «Дагъистан» РГВКялъул корреспондент Умай Ибрагьимовалъги, Россиялъул 1 телеканалалъул ва НТВялъул журналистал ХIусен ХIусеновасги, Фарид Муслимовасги, ГIумар МухIамадовасги.   

   «ХIакъикъаталъул» редакциялда Мухтар Амировасулгун букIараб гара-чIвариялда гьес бицана Донецкиялда, Волновахаялда, Мариуполалда жидедаго бихьараб ракIгъанцIизабулеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ.

— РакIгъанцIизабулеб букIана гьениб бугеб кьвагьа-гIанхъиялъгицин гуреб, жалго гIадамал ккун ругеб ахIвал-хIал бихьидал. Масала, жидергойин абулеб ракьалда дозул рагъулалги цогидалги къуватаз гIадамазе гьабулеб вахIшилъи – жалго нахъе унел бакIазда тIолабго инфраструктураго минатахъ балеб буго. РухIун руго токалъул подстанциял, риххизарун руго шагьаразде лъим кьолел бакIал. Рухулел рукIун руго гьеб кинабго къачIазейин лъугьарал гIадамалги. Мобильнияб бухьенги хIалтIуларо гьениб. Цо авалалда, азбаралда кколе-толеб жо – гуманитарияб кумек бикьулеб бугищ-гьечIищали, масала, цогидалда лъалеб батулароан. Гьединлъидал цониги батIияв чи вихьани, рекерун рачIун, цIехолдизе яги жидеда бихьараб гIакъубаялъул бицине лъугьунаан гIадамал. Журналист ватаниги, щив ватаниги батIалъи букIинчIо гьезие, цIияб хабар босун бачIунеб бугони.

 

ГIадатиял гIадамаз гIумру гьабулел бакIазда кьвагьа-гIанхъиялъе гIорхъичIвалеб гIадат букIуна. Доба абуни, нацистаз шагьаралъу­л къватIал, гаражал, машинаби къа­чIазе рухъарал гвендал хандакъаздеги кьвагьдезе санагIалъи бугел бакIаздеги сверизарун рукIана. Гьениса гIадамал нахъе рачахъаниги, шагьаралдаса къватIире риччалел рукIинчIо гьез гIадамал. Гьездаса бергьун, инейин лъугьарал чагIиги, хиянатчагIи ругилан чIвалел рукIун руго. «Дети», «Красный крест» ва гьезда релълъарал цогидал хъвай-хъвагIаял гьарурабцин транспортги биччалеб букIун гьечIо. Гьанжеги биччаларо. ГIадамаз шагьар течIого букIиналъе машинаби хвезарулел, жагъал гьарулел руго. Квен-тIехалъул рахъалъги гIадамазул ургъел гьабичIого, тукабазда хутIа­ралниги нигIматал жидерго рагъухъабазе росун, лъугIизарун ругоан.

— Украинаялъулазеги гIурусазеги батIалъи гьечIогойищ гьединаб бербалагьи гьез бихьизабулеб бугеб?

— ЧIванкъотIун абизе кIоларо кинали. Амма гьел кIиялго цого гIадал миллатал ругелъулха. Жидедаго гьоркьоб гIурус мацIги бицун, радио, теле-эфираздасан украин-мацI бицунел чагIиги руго. «Москаляку на гиляку» абурал ахIиял гьарулел чагIаздехун кинаб бербалагьи гьез гьабулебалиги дида лъаларо.

Жал ритIараллъун, россиялъулал тIекъаллъун рихьизарун, киса-кибго бицунеб буго гьез. Амма гьезул ишал тIубан батIиял руго. Масала, Буча шагьаралда гIакъуба кьун чIварал гIадамал абун рихьизаруна къватI-къватIазда регарал. Гьелъул гIайибги Россиялъул рагъухъабазде рехана. Амма гьел гьениса нахъе ана 30 марталда. 3-4 апрелалда абуни байбихьана жанабазул суратал интернеталда лъезе. ЛъикIго халгьабидал, бихьула гьел чагIазул гъуждуздаги бохдуздаги рухьарал хъахIал чалаби (ратIа рахъизе Россиялъул рагъухъабаз рухьуна гьел – авт.), гьединго нилъеразухъ рукIунел сухпоёкал. Гьелъул магIна щиб? Гьединал гьерсал гIемер руго. Украинаялда хасаб операция лъугIичIого лъугIуларо гьел. Жеги-жеги хъвалеб буго гьез Ростовалде гIагарлъулел ругиланги. Жидерго рагъухъабазул гъира ссвинчIого букIиналъе гьабулеб жоха. БитIараб бицани, къуватаб пропаганда буго доба. ТГ-каналазда щибниги хъвазе байбихьарабго, киса рачIаралани лъачIого раккун рачIуна Украинаялъул рахъккурал ботал. Исламияб цIар бугев бокьарав чиясда муртадилан цIарги лъола гьез. Нужеда гьелъул магIнаниги лъалебищилан гьикъани, жавабги кьоларо. Гьединлъидал лъаларо хасав чийищ хъвадарулев вукIунев яги цереккунго хIадурарал жавабал доре-анире рехулел аккаунталищ гьелали. КъватIисел улкабазги буго гьезие кумек гьабулеб.

Нацистаздаса эркен гьарурал, гуманитарияб кумек бикьулел пункталги, гIадамазул тIалаб гьабулел цогидал централги рагьарал шагьаразда ахIвал-хIал дагьабго лъикI буго, Мариуполалда дандеккун. Гьел бакIазда хIалтIулел руго Россиялдаса волонтёралги. Сах гьариялъе яги цогидалъе квербакъи хIажалъарал гIадамал Ростовалде яги Крымалде раччула гьез. Волонтёразда гьоркьов «Молодая гвардия» гIуцIиялдаса кIиго дагъистаниявги вуго – ГIумар Багъиновги МухIамад МухIамадовги.

Мариуполалда кIудияб дармил централда жаниб гьабун буго гуманитарияб кумек бачIунеб центр.

Ниж дора ругеб мехалда нацистаздаса тIубанго эркен гьабун букIинчIо гьеб, дандечIарал бакIал рукIана. Рокъор диваналдаги регун, интернеталдасан малъарулел чагIи гIемер рукIана – лъихъниги гIинтIамичIого, тIасахун бомбаби рехун, иш лъугIизабизе кколаанила гьезул. Амма доре щведал гурони бичIчIуларо гьедин гьабизе бегьунгутIиялъе гIилла кинаб букIарабали. ЦIакъ гIемерал херал чагIи руго дора. Лъималги гIолохъанал бихьиналги рихьизего рихьуларо. Нацистаз гIолохъаби хIалица рагъизе тIамун яги разилъичIел чIван ратула. Кутакалда ракIбакъвала гьеб шагьаралъухъ балагьун. Советияб заманалдани гIезегIан цебетIураб промышленносталъул бакI букIун буго гьеб. Гьанже биххун, тIатIала ккун буго. ЦIа бакизе гIадамаз къотIун гъутIбиги, цIулал будкабиги, скамейкабиги хутIун гьечIо гьенир.

Гьединго кутакаб къварилъи буго лъел рахъалъги. Жидерго черхалъе рацIцIа-ракъалъи гьабизеяли киб гурин, гьекъезецин лъимги щоларого руго гIадамал. Цин подвалахъ, цинги гаражазухъ, хадур зодикь хутIун руго гьел.

Сверухъ лъугьа-бахъунелдехун тIубан бербалагьи хисун буго гьезул. Масала, цIогьалдехун. Гьез гьанже абула цIогь гурин гьеб, жалго хвасарлъизелъун жидецаго жидеего гIамал гьаби кколилан. ГIадамал шагьаралдаса къватIире тIуричIого рукIине нацисталги кьвагьдон жагъаллъараб машинаялъул бурдул лъицаниги жиндирго машинаялда лъуни, гьесда лъицаниги гIайиб гьабуларо. Жиндирго бурдулги хун ругони, шагьар тун къватIивеги ине бокьун бугони, щибха гъосги гьабилеб? ТIадежоялъе, техстанциялги хIалтIулел гьечIелъул гьенир.

— Эркен гьарурал шагьаразул гIадамазе бокьун гьечIебищ Россиялъул рахъалдехун гочине (нагагьлъун кьвагьа-гIанхъи цIидасан байбихьани)?

— Киназего гуро гьениса нахъе ине бокьун бугеб. Бокьаралги руго. Заманаялъ гьеб шагьар рехун тезе бокьарал гIадамал рачIунеб централдеги рачIуна гьел (центр временного пребывания). Гьенибги хал гьабула хадурккун кире гьел ритIилелали. Хасго бихьиназул. Нацистазда цадахъ вагъулев чи ватизеги рес бугелъул гьезда гьоркьоб.

ПалхIасил, аслияб куцалда дора хутIун руго кирениги ине разилъуларел херал гIадамал. МоцIалъ азбаралъурегицин рахъине изнуги кьечIого рукIарал чагIи цо-кIиго къоялда жанир хисилищха.

Жидеда хадур гIагарлъиялъул чагIи рачIиналде хьул бугел чагIиги руго гьезда гъорлъ. Гьеб бакI рехун тани, жал тIагIинилан абураб пикру буго гьезул. Гьединлъидал гьез къадазда, нуцIбузда седон тун руго хъвай-хъвагIаял гьарурал гIисинал тIанчал. Гьез гьениб хъван бугоан жал мадугьалихъ бугеб минаялъур яги подвалалъур ругилан. Гьединго цоялъ хъван бугоан жиндирго гIагарав чиясухъе мун жинда хадув вачIинаревищилан. Журналистазухъеги кьуна гьез жидергоги гIага-божаразулги телефоналги хъварал кагътал. Гьарана гьезда жал ругеб бакI лъазабеян. Гьезул кIудияб хьул буго гьениса нахъе рачине жидеда хадур чагIи (гIагарлъи, гьудулзаби) рачIинилан.

ГIезегIан соназ дора гIумру гьабун ругел нилъер дагъистаниязги гьабулеб буго цоцазе кIудияб кумек, миллат, росу-ракь цIехечIого. Дагьабниги кумек къваригIун букIин лъани, пири гIадин рортула цоцахъе.

Гьадинго нухда-къватIир данде ккараб мехалдагицин хIатталдаса ун рохула нилъерал. Донецкиялдасан унаго нижер машинаялда 05 номерги бихьун, данде векерун вачIана нилъер цо контрактник жив нужехъ халккун чIун вукIанилан. Дир телеграм-каналалдасан лъан бугоан гьесда ниж гьенире рачIунел рукIин.

Дие гьениб кутакалда асар гьабуна цо хIужаялъ. Мариуполалъул больницаялдаса къватIире рахъун рачIунел рукIана ниж. Минатахъ щущараб, бидул цIураб сверухълъиги цIоройги – гьелъул милат гьабичIого гIадин дунялалде рачIунел цIиял лъималги, сах гьарулел гIадамалги…  Больницаялъул рагьтIа цо чIужугIадан данде ккана нижеда гьаказда тIад лъураб гьитIинаб чемодан гIадаб сумкаги гиризабулаго ячIуней. Нижеда цадахъ вукIарав Мурад МухIамадовас лъим бугищин гьикъана. Жиндаго гIайиб ккарай гIадинги лъугьун, жиндихъ гьечIинха гьеб лъимилан абуна гьелъ. Гьелда ккана нижее гьеб къваригIун бугилан. Цинги нижеца машинаялъусаги босун кIудияб баклажка кьуна. Жинца гьаб цогидазеги бащад гьабилилан абуна гьей гIаданалъ йохуца холаго. Гьеб лъедаса гьелъулги цадахъ йикIарай ясалъулги букIараб рохел бихьизе бокьилаан, гьеб баклажкагIанасеб месед нижеца кьураб кинигин. Цинги журналистазул цояс, къвалги бан, абуна гьелда дагьалъги яхI бахъейин, нужее кумек тIаде щвезе бугилан. Гьеб мехалда гIодун йиччана гьей гьединаб хинлъи некIогоялдаса бихьичIин жиндайилан. 

Гара-чIвари гьабуна

Зульфия ХIажиевалъ.

М. Амировасул суратал