Туристазе кинабго буго магIарухъ

 

 

   25 марталда «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб пресс-конференциялда журналисталгун дандчIвазе вачIун вукIана ДРялъул туризмалъул ишазул министр Эмин Мерданов. Гъоркьиса букIаралдаса гIемерго цIикIкIине рес бугин исана республикаялде рачIунел туристазул къадарин бицана министрас.

   Гьеб бичIчIизе захIматаб жоги гуро. Ралъадги гьаниб, гIоралги гьанир, лъаралги гьанир, цIорорал иццалги, тIагIамабщинаб пихъги, бацIцIадаб гьаваги, корониб бежараб чедги, гIурдада бакараб цIадуда кьагIрил гьанал гьабураб нахуд рецIцIулел шашликIалги – кинабго буго гьаниб!

Къокъаб хIасил, гъоркьиса бихьаралъ пана гьарурал туристал исанаги рачIине руго нилъехъе.

Журналистаз министрасда гьикъана кигIанасеб къадаралъин нилъер республика гьел къабул гьаризе хIадур ругелин абун. Щайгурелъул, соналдаса соналде цIикIкIунеб бугелъул гьезул къадар.

   — БитIараб буго, гъоркьисаги цIакъ гIемерав турист вачIана, амма ругел тIабигIиял санагIалъабазухъги, гьалбал хириял нилъер гIадамазулги хIисаб гьабидал, щибго щаклъи гьечIо, гьел кIигогIан цIикIкIун жеги рачIаниги къабул гьаризе кIолеблъиялда хIинкъизе ккараб хIал нилъер гьечIеблъи.

   Кинабго буго нилъер республикаялда туристазе. ГьабсагIаталда гьезул гъираги буго Дагъистаналде рачIине. ТIоцере рачIаразе кIиабизеги бокьулеб буго рачIине, цогидаздаги бицунеб буго. Нилъерги киналго ресал руго гIолелги гIоларелги рахъал церетIезаризе. ЛъикIаб букIинаан инвесторазги гьелъул пикру гьабуни. Туризм цебетIезабиялде гIарац биччазе бокьарал чагIи къезе гьечIо. Тира-сверизе вахъунев чиясухъ гIарац букIуна. Чвантинир лъикIаланго гъурщалги гьечIого гьев хIухьбахъизе унаро, — ян абуна Эмин Мердановас.

   Узухъда, унаро. Туризмалда хурхун хъвараб цо цIакъ кепаб макъала букIана мунагьал чураяв ГъазимухIамад ГъалбацIовасул. «ХIатталдаса ун гIемераб гIарацги бугони, гьабизеги жоги гьечIони, цо бакIги букарулеб бугони, чияс щиб гьабулеб? Гьес гьеб хъасулин нужеца гьикъани, нуж мекъи руго. Цо бакI букарарав чи вахъун тира-сверизе уна турист вугин живиланги абун».

    «Дагъистан» РГВКялъул хIалтIухъаналъ Эмин Мердановасда гьикъана нилъехъе рачIунел туристазе хIинкъи гьечIолъиялъе шартIал гIуцIиялъул иш кин бугебилан. Гьес ракIалде щвезабуна гъоркьиса Къородисезул бецIкъварилъухъ ккараб пашманаб лъугьа-бахъинги. Гьалагаб чвахунцIад бан хадуб бачIараб иххалъ восунги ун, кIиго турист хвана гьенив август моцIалда. Цояв Москваялдаса ва цогидав Санкт-Петербургалдаса рукIана. Гьединго СалтIа росдада аскIоб, УАЗ автомобильги бегун, гьелда жаний йикIарай Россиялъул цо регионалдаса ячIарай цо гIолохъанчIужуги хвана.

   Гьеб рахъалде кIвар кьезе бугин жидеца исанаян абуна министрас. Мисалалъе, ракIалда гьечIел тIабигIиял балагьал кколел гIадинал бакIазда гIагарлъухъ туристазе «хехаб кумек» гьабизе къваригIани ялъуни цогидабги жоялъе санагIалъиялъе рукIине рукъзал разе ракIалда бугин бицана Э. Мердановас.