ТIоцересел гьалбал къабул гьаруна

 

   Рагъулал тунка-г1усиязда бан Украинаялдаса лъутизе ккарал гIадамазул тIоцебесеб къокъа къабул гьабизе байбихьана республикаялда. 1 марталда Каспийскиялъул мэр Борис Гонцовас къабул гьаюна Луганск республикаялдаса кIиго лъимадул эбел Екатерина Симельникова.

 

  Шагьаралъул нухмалъулес рагIи кьуна гIагараб заманалда гьелъие шагьаралъул школазул цоялда хIалтIи кьезеги кIиябго лъимер ясли-ахалда парахат гьабизеги квербакъизе.

  Гьелде тIадеги гьел лъималазе лъабгоялдаса анкьго сон базегIан кьолеб гIарац щвезеги кумек гьабизе буго Гонцовас.

   Е. Симельниковалъ бицана Каспийск тIаса бищиялъе гIилла кканин цееги жий гьание щун йикIин. 2014 соналда гьение гочун ячIун йикIана гьелъул эбел. Гьединлъидал Каспийск шагьарги цIакъ рекIее гIун буго гьелъие. Луганскиялдаса нахъе ине ккедал, жинда тIоцебе ракIалде бачIанин Каспийск ва хIукму гьабунин гьание ячIинеян бицана Симельниковалъ Гонцовасулгун букIараб дандчIваялда.

   19 февралалда улкаялъул бетIер Владимир Путинида СКФОялда тарав вакил Юрий Чайкаца абун букIана Северияб Кавказалъул регионал хIадур ругин Донбассалдаса лъутун рачIарал чагIазул 3300 чи къабул гьавизе. Гьезда гьоркьоб Дагъистаналда кIолин 600 чи тIаде восизе.

  22 февралалда нилъер республикаялъул нухмалъиялъги абуна Украинаялдаса нахъе лъутизе ккарал чагIи жидеца хIебтIизе ругин Гъарабудагъкент ва Хайдакъ районазда, гьединго Избербаш ва МахIачхъала шагьараздаги абун. Мисалалъе, МахIачхъалаялъул нухмалъулев Салман Дадаевас абуна жидеда кIолин гьезул 200 чи къабул гьавизе.