Шойгу – Каспийскиялдагун МахIачхъалаялда

 

   КIиго соналъ цебе Астраханалдаса Каспийскиялде гочараб Каспиялъул флотилиялъул хIал-хIукму цIехезе 8 июналда Дагъистаналде вачIун вукIана Россиялъул оборонаялъул министр Сергей Шойгу.

      Гьев щвана цадахъго 50 гама чIезе бажарулеб база балеб бакIалде. Хадуб министрас хал гьабуна рагъулал хъулухъчагIазе флотилиялда чIезарурал шартIазухъ. Гьедин, масала, гьезул хъизамазе ран руго 528 квартира жаниб бугеб кIудияб комплекс, ясли-ах, тукаби, 1200 лъимералъе бакI бугеб школа.

     Гьебго къоялъ Сергей Шойгу дандчIвана ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовгунги. Гьез бица- на Оборонаялъул министерствоялъ мугIрузул районазда социалияб кIваралъул 73 школагун ясли-ахал разе рукIиналъул.

     Пачалихъияб кIваралъул рагъулал заказал кин тIуралел ругелали хал гьабизе министр щвана «Дагъдизель» заводалдеги.

 

Зульфия ХIажиева