Даруял иццазул къисмат

Мокъокъ росдадаса кIиго километралъул манзилалда, бакътIерхьул рахъалда, Микьуда гIурул рагIалда буго ицц. Гьениса лъим гьекъолеб мехалда цо дагьабго чIабтIил махI чIвала. Гьеб буго кванирукъалъе цIакъ пайдаяб лъим. Гьелда халкъалъ лъун буго «Бодохская минераль­ная вода» абураб цIар (БМВ).

 

Мокъокъ

МагIарухъ хIалтIулев цо тохтура­сул квералда байбихьун букIана экзе­ма. Чанго батIияб дару хIалтIизабуна тохтурас, амма хIасил ккечIо. Гьесие кумек гьабуна БМВялъ. Дица гьеб битIун букIана шагьаралда ругел цо-цо профессоразеги. Риидал авлахъалда хIалтIулб мехалда хIатIазда гIетI балаан, гьездаса бахъунаан ро­кьукъаб махI. Лъабго-ункъо нухал­да гьебго лъелъ лъуна дица хIатIал – гьелдаса нахъе я гIетI баларо, я махIцунаро.

 

БМВ битIун букIана Пятигор­скиялъул лабораториялде. ЛъикIаб, жиндилъ гIемерал пайдаял жал ру­геб лъим бугин абун хъвараб кагъат кьуна гьениса. Лъел чвахи гьитIинаб букIин рекIее гIун гьечIоан гьезие. ГьабсагIаталда БМВялъул ицц ккун буго, нух балаго, гъегъги бан лъугьа­раб хIоринибе. Хьул буго заманалда­сан гьеб цIидасан къватIибе бакки­ялде.

 

 

БежтIасан Гуржиялъе унеб Аваро-КIахети нухда хьолбохъан чвахулеб Симбирисхеви гIурул рагIалда буго бухIараб лъел ицц. Советияб зама­налда гьениб хIухьбахъизе рачIунаан гуржиял, азербайжанал, мадугьа­лихъ районаздаса магIарулал ва цоги­далги гьалбал. Гьезул гIемерлъиялъ бакIалъул халкъалъе рес щолароан бухIараб иццул лъедаса пайда боси­зе. 7-10 къоялъ гьабураб хIамамалъ кумек гьабулаан ревматизм, хондроз ва цогидал рукьбузул гIузраби ругел унтаразе. ЦIигьабун гIуцIиялда це­ресел соназда бицунеб букIана гье­ниб санаторий базе бугиланги, амма гьеб букIун буго кьучI гьечIеб хабар. Хадубккун «Хунзахъводстрой» абу­раб идараялъ, Аваро-КIахети нух бахъулаго гъегъги бан, бацизабун букIана бухIараб лъел ицц. Ицц «тIад буссинабизе» рагIиги кьун букIана рехсараб идараялъул нухмалъулез, амма гьеб чамалиго соналъ гьедин­го хутIана ва халкъ махIрум гьабуна даруяб лъедаса щолеб букIараб пай­даялдаса. Гьоркьоб заман индал, ицц къачIана бежтIадерил гIолохъабаз. Амма гьанжеги гьенире ине рес щоларо: гIорхъи цIунулезул заста­ваялдаса гьукъула хьвадизе. Гьеб бакIалдаса хурдул ракIаризе ричча­ларого рукIана ДФИЦалъул «Гор­ный ботанический сад» абураб институталъул гIалимзабазецин. Ахирги Кьадал росдал советалъ кьу­раб справкагун, гIалимзабазе рес кьуна цIех-рехалъулаб хIалтIи гьабизе.

 

 

Инхокъвари

ЦIумада районалъул Инхокъвари росдада аскIоб бугеб даруяб ицц лъа­ларев чи ватиларо магIарухълъиялда. Араб гIасруялъул лъабкъоабилел со­назда ЦIумада районалъулгун гIорхъода бугеб ЦIунтIа районалъул Сагьада росулъ хIалтIулаго, гьеб иццул лъим гIемер хIалтIизабулаан дица. Дица мухьдахъ ккураб рукъалъул бетIергьанчIужуялъ, кванилъ балеб содаги гьечIого, гьеб лъеда буцараб гIатIал гьарулаан татуял хинкIалги цогидаб квенги. ТIиндиса хъва­дарухъан, Россиялъул ва Дагъистаналъул мустахIикъав мугIалим Гъазиев Расулица абулаан, Инхокъ­вариялдаса лъим гьекъон, жиндир кванирукъалъул ганчIалцин ххено­леб хIал лъугьанилан абун.

 

Росдада дандбитIун, накIкIил ро­хьаз тIерхьинабураб гIор бахун до­бехун бугеб иццалдаса 50 метралъул борхалъуда букIана унго-унгояб са­наторий. Ункъ-ункъ ва щу-щу чиясе бакI бугеб 4-5 рукъги, даруяб лъим кин гьекъелебали малъулев 2-3 тох­турги вукIана. Анкьидаса яги 10 къоялдаса сахлъун рокъоре тIад рус­сунаан гьенире рачIарал унтаралги. Щибаб къойил камулароан лъеда хадур рачIарал гIадамалги. Дагьал соназ цебе иццде дандбитIун бана гIадамал хьвадизе санагIатаб кьо.

 

 

Щай нилъер ракьцоял хьвадизе кко­лел батIиял регионазул санаториязде? Нилъер бугеб тIабигIияб бечелъиял­даса пайда щай нилъеца босулареб? Гьелдаса пайда босиялъе санагIатал шартIал гIуцIани, бакIалъул бюдже­талъеги хайир букIинаан.