МугIрузда ругин абун рехун тезе бегьилищ?

Дагъистаналъул тIолабго халкъалъул, хасго мугIрузда ругел гIадамазул киданиги букIинчIо бигьаяб гIумру. Амма дица абила цогидазда бихьичIебги бихьанин цIунтIадерил халкъалда. Гьединлъидал, 1930 соналда ЦIунтIа район гIуцIи нижер умумуз къабул гьабуна гъираялда ва кIудияб хьулгун. Амма гьеб рохелги халат бахъинчIо.

 

1944 соналда, пачалихъалъул тIалъиялъул хIукмуялда рекъон, чачаналги ингушалги хIал гьабун гочинаруна Гьоркьохъеб Азиялде. Гьезул ракьалде, лъилго рази­лъиги цIехечIого, хIал гьабун гочинаруразде гъорлъе ккана гIемерал дагъистаниялги. Хасго нижер халкъалда аскIоб пачалихъалъ бихьизабуна кинабгIаги хIажалъи гьечIеб вахIшилъи — тIагIинабуна гIуцIун гIемер заманго бачIеб район, цо чи течIого гочинабуна тIолабго халкъ, щущазаруна росаби, чIобоголъараб ракьги ккана гуржиязул кверщаликье. Ругьун гуреб, лъазего лъалареб бакIалде гочинариялда, росаби риххизариялда цадахъго чIунтана магIарухъ букIараб магIишат, тIубанго хисана рукIа-рахъин, гIумруялъул гIуцIи, пасат гьабуна тIабигIат. Чачаналдаги ккана гIемераб ками, цIакъго захIмалъана цIияб бакIалда магIишат гIуцIизе. Цинги, цIидасан ЧИАССРги гIуцIун, гьенире тIадруссине чачаназе ва ингушазе ихтияр кьун хадуб 1957 соналда нижер халкъ гьенисаги гочине ккана. Нахъеги байбихьана добго гIакъуба, чIобоголъараб ракьалда цIидасан гIуцIизе ккана магIишат. Дагь-дагьккун рухI лъуна гIаммал магIишатазда, къокъабго заманалда жаниб гIи-цIцIаназул бетIер 50 азаргоялдаса тIадеги цIикIкIана, 15 азаргоялде гIагарлъана чIегIербоцIул къадар. 
 
Хадусел, пачалихъалда кIудиял хиса-басиял ккарал соназда, кибго гIадин, нижехъги кутакаб захIмат бихьун гIуцIарал гIаммал магIишатазул буголъи гьородахъ биччана. 
ЦIунтIа буго тIабигIиял шартIазул рахъалъ бечедаб, амма гьебго заманалда пачалихъиял идарабаз кIвар кьечIого тараб район. Федералияб кумекалъулги цIакъго мукъсанаб бутIа гурони нижер рахъалде щоларо. Гьединлъидал гьадингоги захIматал шартIазда ругел, гIемераб гIакъуба бихьарал нижедехун гьединаб бербалагьи букIин дида битIараблъунги бихьуларо. Дагьалниги шартIал чIезаруни, цебетIелаан район, лъикIлъилаан гIадамазул рукIа-рахъин. Рачинин цо-цо мисалалги.
 
— Район буго цогидаб пачали­хъалъул гIорхъода, амма гьечIо гьеб хIужа бихьизабулеб статус. Гьединаб статусалда рекъон районалъе рукIине ккола хасал бигьалъаби.
— Гьанир руго гIорхъаби цIуну­лезул заставаби. Амма гьел ру­кIиналъ районалъе кьолеб жо гIемер гьечIо — гьенир цIакъго дагь гурони гьечIо нижер гIолохъаби, киналго нигIматал (цIуладе гIунтIунги) гьенире рачIуна цогидал регионаздаса. 
 
— ЦIунтIа мухъалда къанагIат гурони ратиларо гIи-боцIиги хьихьуларел, ах-хурги гьечIел хъизамал. Амма цIакъго захIматаб масъалалъун лъугьун буго гIезарурал нигI­матал ричиялъул суал. Бегьилаан гьел къабул гьарулел ва къачIалел бакIал рагьизе. Гьеб мехалда гIа­дамазе хIалтIигIаги букIинаан, ки­набгIаги хIажалъиги букIинароан Липецкиялдаса сокалги, Таганрогалдаса ханалги, Волгоградалдаса картошкаги цIунтIадерил мугIрузде баччизе.