Лъарамухъалги ракъван, рокъобе лъимги бачун…

«Гьалагаб КъаралгIор
АваргIурухъе,
Инсухъе вас гIадин,
гIедегIун буго…»

Гьадинан раккула мугIрузда иццал, гьадинан лъугьуна магIарухъ лъарал. Гьел гIемерал журан лъугьуна гIорал. ГIорал чвахула ралъдалъе. Гьениб хинлъун, гьаваялде сверун, накIкIал лъугьун, рала цIадал… ЦIидасанги раккула иццалги лъаралги, лъугьуна гIоралги. Гьединаб буго тIабигIаталъул гIаламат, хIикмалъизе жо батуларо. Гьанже гIелмуялъ кинабго ма­лъула.
ХIикмалъизе жо гьанже лъугьунеб буго магIарухъа гIорал дагьлъулел рукIинги, цоцахъе гIедегIизе ва ралъдалъе тIуранго чвахизе толел гьечIолъиги. Щаклъи гьечIо, тIадехун рехсарал мухъал ГIумархIажи Шахтамановас хъвараб заманалда гIадинан КъаралгIорги гIедегIулеб батуларо АваргIурулъе. Дие абизе бокьун буго гьелъулги чвахи хьадарлъун батилин, цебе гIадин, кинабго гьеб АваргIурулъеги бачIунеб батиларин. Щайин абуни, цо ра­хъалъ магIарухъ гIемер балеб гьечIо гIазу-цIад ва цIоролал мугIрулги риун лъугIулел руго. КIиабилеб, инсанас лъедаса, цохIо черхалъе гуребги, магIишаталъеги гIатIидго пайда босулеб буго ва гьединлъидал киналго гуро лъарал гIоразулъе щолел ва гIорал цере гIадин гIедегIарал гуро ругел.
Гьеле гьединал, гIурухъе щоларел лъарал гIемерлъана магIарухъ. ГIадамазе рес ккана, резина­лъул рогIралги росун, рикIкIадал лъаразухъа росулъе лъим цIазе ва гьедин магIишатгун гIумру лъикIлъизабизе.
Сураталда бихьулеб ЛъаратIа районалъул Мазада росу буго лъарал рагIалда бараб. Цебехун гьениб лъел къварилъиги букIунароан. Амма киназего рес кколароан рагьтIа пастIаби гьаризе ва гъутIби гIезаризе. Лъарахъа лъим чвахизабизе санагIалъи кколарезе гьелъие рес рекъолароан. Гьединлъидал араб гIасруялъул бащалъиялда мазадисез байбихьана гIурумухъ кквезе, лъим бахунел бакIазда пихъил гъутIби гIезаризе. Басрияб росу, чIвадназде сверун, лъугIизехъин букIана. ТалихIалъ, рес ккана резиналъул рогIраздалъун лъим рикIкIадасаго цIазе ва, щивасул рокъобе гьебги бачун, гIумру бигьалъизабизе.
Амма гьелдаго цадахъ тIаби­гIаталъе ккана кIудияб ками. ТIа­гIа­на Мазада жанисан чвахулеб бу­кIарабги лъар. Камуна гьеб аскIосан унеб гIоралъе ва дагьлъана Мазадаса щуго-анлъго километралъ гъоркьехун бугеб АваргIурулъе бачIунеб лъимги. Бакъвана лъарамухъго. ГIечIо росдаего гьеб. Гьединлъидал гьале (сураталда бихьухъе), гьанже мазадисез резиналъул рогIраздаса лъим цIалеб буго рохьил рахъалда бугеб лъарахъаги. Лъида лъалеб, кигIаналъ гьелъулги мухъ бакъвачIого хутIизе бугебали? Гьедин тIагIина цоги лъар. Гьединан лъугIулеб, гIурухъе щолареб чан лъардай бугеб ЛъаратIа районалда? Ратиларищха гьел Къаралмухъалдаги цогидал рахъаздаги. Гьединлъидал гIисинал нилъер гIорал АваргIурухъеги цере гIадин гучалда чвахулел рукIинищ. Резиналъул рогIраца магIарухъ гьабулеб революциялъул пикрабалъ вуго дун…