Лъеца гъанкъараб магIишаталъул «дандерижи»

 

        15 апрелалда Унсоколо районалде щвана республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирханов.

      Рихьуниб ГЭС балаго лъеда гъоркье ракьал араб щуго росу буго гье­ниб: Унсоколо, Рихьуни, Зиранигун Майданское, ГьаракIуни ва Хьарга­би районалде гьоркьобе унеб Къудукь. Амма 10-ялдасаги цIикIкIун сон буго гьезул пачалихъалъухъа рецIалихъ гIарац щоларого. Гьанже гьеб суал тIубаялъул иш гIедегIинабизе бугин абуна ГI. ГIамирхановас.

       Рихьуниб ГЭС базе байбихьана 1977 соналда ва гьеб халат бахъана 30- гIан соналъ. ГЭСалъул сангар (плотина) бан бахъана 2008 соналъул их­дал. ГЭСазул рахъалъ хIукуматалда цебе гIуцIараб комиссиялъ хIукму гьабун букIана 547 метралдаса тIаде лъим бахунаредухъ хIалтIи гьаби­зе. Амма хIисабалде босун букIаралдаса цIикIкIунги ккун, лъеда гъор­кье ккана тIадехун рехсарал росабазул ракьал.

 

   БукIана митинг, букIинчIо хIасил

 

      Гьеб рахъалъ бищун цIикIкIун за­рал ккана рихьундерил жамагIаталъе. Лъеда гъоркье ккана ахазул 216 ва мучIдузул 125 гектар. Гьелдаго ца­дахъ 184 гIолохъанаб хъизан хутIана жанире руссине рукъзалги гьечIого.

      Жидерго тIалабазулги бицун митинг гьабизе ракIалда букIана гьезда 2014 соналъул 5 марталда. Амма доб мехалда хIукуматалъул идарабаз гьелъие изну кьечIо. Ми­тинг тIобитIичIониги, росабазул жамагIатазул вакилзабиги ракIарун, данделъи гьабуна. Гьелда гIахьаллъи гьабун букIана доб мехалда респу­бликаялъул бетIерасул мугIрузулаб округалда вукIарав вакил Ибрагьим Ибрагьимовасги. Нужеца тIалаб гьа­булеб бугеб рецIалил гIарац цебего щванин нужееян бихьизабун бугин гьал документаздайиланги абун, са­ламатаб къадар кагътазулги рихьи­зарун рукIана гьес. Кагътазда гьеб кьураблъун бихьизабун бугин, амма нижее гьелъул цо капекги щвечIин хъудулеб халкъги букIана.

 

       Хиса-басиязул гьогьен

 

 

     15 апрелалда ГI. ГIамирхановасулгун букIараб дандчIваялда лъеда гъоркье арал ракьазул рахъалъ Ун­соколо райадминистрациялда цебе гIуцIараб отделалъул нухмалъулев ГIалихIажиев МухIамадица бицана:

    -Нижер ахалгун хурзал лъеда гъоркье ун хадуб, щуябго росдае ккараб заралалъул хIисабги гьабун, 2008 соналъго республикаялъул хIукуматалъ проекталъулабгун сме­таялъул документация хIадурун букIана. Гьелда тIад хIалтIулаго ана лъабго сон ва 2012 соналъул янва­ралде сметаялда бихьизабураб къа­даралда рекъон нижее кьезе кколаан 9 миллиардгун 500 миллионгIанасеб гъурущ. Гьеб гIарац бихьизабун букIана 1178 хъизамалъе рукъзал разеги, лъеца гъанкъизарурал ра­кьазухъ рецIалие кьезеги, щуябго росулъ социалияб 25 объект базеги. Амма гьелдаса нахъе чан сон ун ба­таниги, нижее гьеб гIарац щвечIо, -ян ракIалде щвезабуна гьес.

   — ГIабдулатIипов республика­ялъул нухмалъуде вачIиндалги борхун букIана нужеца гьеб суал…

   -БукIана. Амма гьеб мехалдаги щвечIо гIарац.

    Сергей Меликов вачIун хадубго дагьаб туркIи лъугьанин абизе бе­гьула. Ковидалъ унтун Москваял­да вукIаго гьес лъазабуна гьеб суал жиндирго бербалагьиялде гъоркье босулеб бугин абун. Москваялдаса нахъ вуссун вачIиндал, хIукуматалда данделъиги тIобитIана ва гьелда дунги гIахьаллъана. Гьениб бицана гьабизе бугеб хIалтIулги. Гьоркьоб заман ун бугелъул, рецIалил гIарац щвезе кколел гIадамазул сияхIги проекталъулабгун сметаялъул доку­ментацияги цIи гьабизе кколин абу­на Меликовас.

    ПалхIасил, хIукму ккана цIиял до­кументалги хIадур гьарун, тIасияб соналдехун нижее рецIалил гIарац щолеб хIал гьабизе, -ян бицана М. ГIалихIажиевас.

 

     Миллиардазул махI чIвана…

 

    Республикаялъул хIукуматалъул вице-премьер Манвел Мажонцил рагIабазда рекъон, зарал ккарал гIадамазе рецIалие кьезе буго 10 миллиардгун 946 миллион гъурущ.

   Гьеб гIарцуда гьоркьоса 6 милли­ардалдаса цIикIкIун гъурущ щвезе ккола лъеда гъоркье арал ракьазухъ рецIел хIисабалда. Миллиардги ха­дубги -рукъзал гьечIого хутIарал гIадамазе минаби разе. ХутIараб гIарцуде разе ккола Рихьуни, Май­данское-Зирани, ГьаракIуни, Унсо­коло росабалъ хIажатал социалиял объектал, ай школа, ясли-ах ва гь.ц.

     -Гьеб лъабабго суалалда гьоркьоб бищунго захIматаблъун буго социа­лиял объектал раялъул масъала, -ян бицана МухIамад ГIалихIажиевас. -Гьел разелъун цIидасан хIадур гьа­бизе ккола проекталъулабгун сме­таялъул документация, лъазаризе ккола тендерал. Республикаялъул хIукуматалъул вице-премьер Ман­вел Мажонцица абуна исана сентя­бралдехун киналго документалги къачIан, тIасияб соналъулаб бюд­жеталда гъорлъе гьеб гIарац бачине хIаракат бахъилин.

 

    А. ЮСУПОВ