Къире горду, къире горду…

 

   ИчIабилеб июналда «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабаз сапар бухьана магIарулазул нахъбакIалъул гIатIиракьалде. Щвана некIсияб ЧIикIаб росдал рагIалде, Сулахъ гIурухъе, рахана цIи рагьараб «Нохъо» абураб туркомплексалде, рилълъана кварил кьодасан, риччана маххул кварида тIасан. Кванана Сулахъалъул форель, кIутIана магIарул кьагIрида. Кьурдана, кечI ахIана, релъана.

   Унилан ун жеги ихги ун бахъинчIеб, бачIунилан абун жеги рииги рагьдухъ рещтIинчIеб, гьогьомараб къо букIана. ГьентIаса Дибирил «Мерседес» автобусалдаги рекIун, цоцазе гьарулел махсарабаз ракIалги рази гьарун, гьаругьин нахъа тана тахшагьар. Нухда гьекъезе лъимги, цоги къваригIараб-тарабги босизе Буйнакскиялда лъалхъана ниж.

   Филологиял гIелмабазул доктор Ибрагьимил МухIамадги вукIана цадахъ. Бицунеб рагIиги камилав, хIеренаб каламалъул, цIакъ хабар гьуинав инсан вуго гьев.

   Эрпелиги нахъа тун сагIат ичIго тIубалеб гIужалъ ЧIикIаре раккулеб бакIалда лъалхъана. КIудияб хIорил рагIалда, квана-гьекъезе нухлулал лъалхъулеб бакI бугоан гьениб. Гьалулеб чайникги батана. «ЛъикI щварал, хIурматиял гьалбал», — абун разиго нижер квералги росун, гьикъарана жаниб цIураб черхалъул, кIигъуждулъа гIебав, 40 сон барав гIадав гIолохъанчи. ГIабдурахIман бугин жинда цIариланги абуна.

  Редакциялъул ясаз помидор, охцер, чед, хIан, бакь цебе бахъана. Огь, баркаман, гьадин къватIиреги рахъун, рагIа-ракьан гьечIеб тIабигIаталде берги щвезабун кванараб гурони кванил тIагIамалъул пайдаги щиб букIинеб?

   Бащдаб сагIаталдасан нахъеги нухда рахъана ниж. Цин Зайнаб Махаевалъул, цин ХIажиласул, хадуб советияб ретро-музыкаялъул ракIалдещвеялдаса София Ротаруца ахIулел кучIдуз ракIалги хIайран гьарун, рачIунел рукIана ниж. Хасго редакциялъул ясазе цIакъ хирияб букIин бихьана ихтилат. Кьурдул свери бахъизе гIатIилъи щоларого рукIана гьел.

   Нижго гIадин ихтилат бокьулев, махсара-хочI хирияв чи ватана ГьентIаса Дибирги. Кьурди-хъат гьабизе гъира-цIаялда гъорлъ росун, нижер ясал рукIин бихьидал, цо гIатIилъудеги бачун лъалхъизабуна гьес машина.

Махаевалъул «Къире горду, къире горду» абураб кьурдул бакъаналда ахIулеб кочIода гъоркь чанго свери бахъана нижеца.

Гьедин ихтилаталъул цIураб букIана нижер сапаралъул тIоцебесеб бутIа.

 

Сулахъ — гьалагаб гIор

 

   СагIат анцIгоялдехун Сулахъ гIурул къварилъухъе тIаде балагьараб кьурул рагIалде щвана. ГIодоб къо гьечIониги, цIун букIана гьеб туристазул. Гъоркьиса букIаралде дандеккун гьанир лъикIаланго шартIал гIуцIун рихьулин абулеб рагIана Дибирица. Свакарал нухлулазе хIухьбахъи гьабизе бакIалги, квана-гьекъолел ашбазалги, конфет-чакарги, цIорораб сок бичулел гьитIинал дармил рукъзалги – кинабго гIуцIун бугоан гьалбадерие.

  Сулахъ гIор чахулеб къварилъиялъухъ эркенго балагьизе санагIатаб къагIидаялъ гьабураб майданги буго гьениб бан. Борхалъуда бер палхуларел чагIи тIаде ине санагIат куцалда, кьурул рагIалде сухъмахънухги буго гьениб. Гьениреги рилълъун рахъана нижецаги суратал.

   Гъоркьехун букIана азарил сонаца чвахи хисичIеб, анцI-анцI гIасрабазул къваридалги рохаралги лахIзатазе нугIлъун бугеб, кьурарал гъалазул, бадисан бакъ баккулеб гьумералъул гьайбатай чанги гIолохъанчIужуялъул гIажал жинда жаниб батараб — гьалагаб Сулахъ гIор.

   ГIемерал тарихиял хIужабазе нугIлъун букIине хъван букIун буго гьелъие. Дие гьаниб рехсей гьабизе бокьун буго гьезул цоялъул. Араб гIасруялъул 60-абилел соназда Сулахъалъул лъеда гъоркь тIупана НекIсияб ЧIикIаб росу. Пашманаб, кигIан согIав инсанасулги ракI гIодизабулеб тарих буго гьеб росдал.

   ТIадчагIазул сиясат цебетIезе ккани, чанги жоялда тIасан гали тIамизе, гIемераб жоялде бер къанщизе ккола. Гьединго ккана Басрияб ЧIикIаб росдал къисматги. 1963 соналда ГЭСалъе кьучI лъедал, росуги лъеда гъоркье бачине хIукму къотIана хIукуматалъ. БатIияб нух гьелъиеги букIинчIо. Аза-азар гIадамазе канлъиги хинлъиги букIинабизе цIияб электростанция базе ккани, некIсияб магIарулазул росу гъанкъизе кколеб букIана лъеда гъоркь.

  ГIадамал рахъинаруна цIияб бакIалде ва гьениб кьучI лъуна росдае. Карандаса тIун унеб ракIгун рехун тана гьез рижараб росу, магIид рецIцIулаго бералгун, ракIал хъвагIан ралеб рухIалил цIагун. Лъидасаго лъикI гьеб кинабго загьир гьабуна ХIамзатил Расулица. РачIа цоги нухалда гIенеккизин шагIирасул пашманаб гьаркьихъ.

 

Къо-лъикI, ЧIикIаб

 

Къо-лъикI, мугIрул росу, некIсияб ЧIикIаб,

 ТIокIаб гьанже дида мун бихьиларо.

ТIокIал дур къватIахъан гъежтIа гIертIалгун,

 ГIолохъанал ясал иццде инаро.

ТIокIал годекIабахъ ганчIахъ гIодор чIун,

ГIумрудул бицине данделъиларо.

ТIокIаб дур тIохазда тIамур хъваларо,

 ХъахIилал минарахъ как ахIиларо.

Къо-лъикI, ЧIикIаб росу, дур тIалаяхъан,

ТIокIалъ инаро кIкIуй дол зобалазде.

Хваразул заназда тIаде къулизе,

 ТIокIав вахинаро дур хабзалахъе.

РачIун руго хIанчIи, чIичIилел руго,

 ЧIикIаб киб бугебан, – батулеб гьечIо.

 Сверухъ мугIрузда тIад цIигIурал тIугьдул,

 ТIасан балагьула, бихьуларо мун.

 Ралъдал гаваназда гуми кинигин,

 РукIарал дур рукъзал рукъана тIинда.

Дуда тIад гьелчела карачелаби,

Гьез ахIулел кучIдул дур рахъалъ руго.

Лъадал сверабазда тIадеги къулун,

 Къварилъула цо-цо ургьиб гьинал ракI.

 РагIула дур гьаракь тIиндасан дида,

 ТIалъидал росаби лъикI хутIагиян…

 

ХIинкъараб сапар ялъуни ЧIегIераб нохъо квегъараб куц

 

   НекIсияб ЧIикIаб росдал ракIалдещвеяз цIакъго рикIкIаде вачун ватарав дун Гъизилюрт районалъул Миякьо росу бихьулеб бакIалде щун ватана. Гьанже нилъ нохъоде рилълъине ругилан абулеб рагIана цадахъ рукIараз. Редакциялдаса къватIире рахъунеб мехалъго гъира ккун букIана нижер гьанжегIагар рагьараб цIияб туристазул комплексалде щвезе. 70-абилел соназда миякьдерил ГЭС балеб мехалъ, кьуруги гIанлъун, гьарурал чанго нохъал руго гьенир. Доб мехалъ пайда босизе санагIат ккечIого рехун тун рукIарал гьел, гьанже туристазе цIияб маршрут рагьизе нухда бараб тIех гIадин ратана «Главрыба» гIуцIиялъул нухмалъулезда.

   Нохъоде рахине бокьани 500 гъурущ кьезе ккола. ЧIобого гьанже щибго гьечIо. ГIор щун букIаго цIул бахъулеб буго киназго. Гьеб кьезецин ирга кквезе ккана, нохъодул кIалтIа тарал хъаравулзабазухъе. КъватIиса рачIарал гьалбадерие малъа-хъваял гьарулел рукIана гьел. Ирга щведал нижееги цIалкIана гьебго дарс. ТIад лъезе макърал гьарурал, каскаби гIадал тIагъралги кьуна. Нохъодул кIалтIе щвелалде кьурулъан тIаде гьабураб болъодухъан ххаризе ккола цин. Зодобе лъураб малиян кколеб, гьелъул гIагалги рикIкIун, квешги лъикIги нохъодул кIалтIе рорчIана редакциялъул васалги ясалги. БецIаб жанахI кунчIизабун букIана, нохъодул къелъ рекъезарун ругел чирахъаз. Гьелъул халалъи гIага-шагарго 100-150 метр батилин тана.

   Доб рахъалде рорчIидал, гьадабго маххул болъо батана тIаса гъоркье лъураб. Гъоркье щварабго хьвартIолеб кварил кьо батана, гIорда тIасан лъураб.

  Ясал рохун, гIадада чIечIого суратал рахъулел, сверухъ бугеб берцинлъиялдаса гIорцIуларого гIага-божаразухъе видеоял рехулел рукIана.

Амма киназдго тIад чIел босана, редакциялъул кадрабазул отделалъул хIаким Забидацаги, бетIерав редакторасул секретарь ПатIиматицаги.

«Сулахъалъул СиратIалъул кьо» бахараб гIечIого, гьалдолеб гIорда тIасан лъураб маххул кваридаги рухьун, цIумал гIадин, риччан рачIана гьел ниж лъалхъун рукIараб бакIалде.

   Редакциялъул хIалтIухъабазги, хъатил гъугъаялда гъоркь, кIодо гьаруна гьел.

   Бихьанщиналъ асирги гьарун, хIикмалъизеги гьарун, «Главрыбаялда» рещтIана ниж. Тира-сверулел туристаз цIун батана гьебги. (Гьанже рии лъугIизегIан гьел камураб бакI нужеда батизе гьечIого, къадцин канги бакун ралагьаниги).

  ГIемер рикIкIад гьечIого бугеб мажгиталъуб къадекакги бан, бащдаб сагIаталдаса ниж сверана Миякьоре — Камал Салмановасул ахикье.

  Туристазе чIагояб алжан чIезабун бугоан гьес. ГIурччинал гъутIбуз сверун ккураб берцинлъуда квана-гьекъезе гIодор чIолел узданал рукъзалги ран руго. Бокьани умумул гIадин гIодор чIун, бокьани бакIазда рукIине санагIатаб куцалъ ран ругоан гьелги.

   Сверухълъиялдаго тIибитIун букIана бежулеб гьаналги чадилги махI. ХъахIмаккал гIадин гьалбадерие квен баччулел цебебухь барал гIедерал ясалги ругоан тириго. РорчIами, лъикI щварал абун, нижеда гьикъа-бакъарана гьезул цояй. «ХIакъикъаталдаса» рукIин лъайдал, Камалица нужее гIодор чIезе бакI хIадурун бугилан, чIобого бугеб тIадхъвалиде гъоркье рачана.

   Сверухъ букIана балагьун бер гIорцIулареб берцинлъи, роцIараб гьава, чIирчIидулел хIанчIазул бакънал. ГIисинккун балеб букIана цIад. Доб маргьудалъ гIадин, «берцинаб хъалаги, хъалаялда жаниб бокьараб тIагIам тIад тIибитIараб кванил столги батанин абухъего, гIодор чIун заман бахъиналдего, кванил чIахIиял гъудрулгун яккана дойго гIадан. Гьанже гьениб квараб кьагIрил гьабураб шашликIалъулги хIенхIазда тIад бежараб ччугIилги бицун, хIацIцIу къулчIизе нуж тIамуни, хIакъ батила диеги.

Чахьал рихъизегIан кваназеги кванан, гьоболлъиялъухъ Камалие баркалаги кьун, гьесул хIикматаб ахикь бакъаникакалги ран, ниж нухда рахъана.

Дойго Зайнабил «Къире горду», — ялда гъоркь, ракIги кьурдизе тIамун, данде боржун бачIунеб бакъанил гьороца аххги бачунаго, маркIачIул бер рукIкIунаго щвана тахшагьаралде.

Ашахан ЮСУПОВ, Сулахъ — НекIсияб ЧIикIаб, Миякьо — Нохъо – МахIачхъала