Пашманаб хабар

Варис Нуров

 

31 декабралда, 62 сонил ригьалда Аллагьасул къадаралде щвана машгьурав шагIир, композитор, лъикIав инсан Варис (Валисулав) Нуров. Гьев гьаву­на Гъуниб районалъул ГIобох росулъ. ГIуна гIадатияб, анлъго вац ва цо яц ругеб кIудияб хъизамалда. Гьезда гьоркьов Варис вукIана бищун гьитIинав.
Ункъо класс лъугIизегIан цIалана ГIобох росдал школалда. Гьелдаса хадуб, хъизан Гъизляр районалде гочиналда бан, цIалана Кардоновка росдал школалда. Школа лъугIун хадув цIализе лъугьана МахIачхъалаялъул Готфрид ХIасановасул цIаралда бугеб музыкалияб училищеялде. 1976-1978-абилел соназда хъулухъ гьабуна армиялда. КIудияв сержантасул чингун тIадвуссиндал, гьоркьоб къотIизе тун букIараб цIали рагIалде бахъинабуна. ЦIалун вахъиндал, хIалтIизе витIана Гъуниве. 1980 соналдаса нахъе Варис хIалтIана Гъуниб районалъул культурая­лъул управлениялда. 1981 соналда Варис витIана гIагараб росулъе культураялъул рукъалъул директорлъун. Гьенив хIалтIулаго, хъвалаан кучIдул, бакънал, хIаракатаб гIахьаллъи гьабулаан районалдагун республикаялда тIоритIулел культуриял тадбиразда. Варис Нуров ккола 250 бакъана­лъул автор.
1990 соналда Гъуниб ва МахIачхъалаялда тIо­ритIана шагIирасул творческиял сардал. Анлъго соналдасан къватIибе бачIана «КунчIараб цIва» абураб кучIдузул мажмугI. Гьебго соналъ тIобитIана кIиабилебги творческияб сордо, ва гьев кIодо гьавуна «ДРялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан» абураб цIарги кьун. 2009 соналде щвезегIан хIалтIана росулъ ва цинги тIамуна Гъуниб районалъул культураялъул управлениялъул начальниклъун.
Ахирал соназда хIалтIана «Дагъистан» РГВКялда журналистлъун. Гьесул хIаракаталдалъун хIадур гьарурал районалъул машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ видеофильмал хутIила рухIияб нахърателлъун. Гьев кколаан «Меседилал чIваби» проекталъул нухмалъулевлъунги. Варис Нуровас басмаялда бахъизе хIадур гьабун букIана «Дуниялги ахиратги» абураб иргадулаб кучIдузул тIехьги.
Гьев мустахIикълъана анцI-анцI грамотабазеги дипломазеги, имам Шамил гьавуралдаса 200 сон тIубаялъул хIурматалда кьун букIана меседил медальги. ГьанжегIагар мустахIикълъун вукIана «ВатIаналда цере гьарурал хъулухъазе гIоло» орденалъеги «Да­гъистаналъул Халкъияв БахIарчи» абураб хIурматияб цIаралъеги. Амма бищунго кIудияб шапакъатлъун Варисие букIана рекIелъ иманги бугев, намус-яхIги гIаданлъиги цIунаравлъун живго ватиги, лъикIав инсан хIисабалда жив лъалевщиназ къабул гьавулев вукIинги.
Аллагьас гьев, гIамал берцинав ва гIaданлъи цIикIкIарав, лъикIав инсан алжан насибазда гьоркьове ккезавеги.
Гьудул-гьалмагъзабазул къокъа