Баркула

Гьал къоязда 80 сон тIубана ФСБялъул хIалхьиялда вугев полковник, контрразведкаялъул хIурматияв хIалтIухъан, Республикаялъул ФСБя­лъул Ветераназул советалъул председателасул заместитель, Шамил районалъул ТIасаколо росулъа Сайпудин Асадулаевас.

КьучIав гьалмагъасда, намус-яхI цIикIкIарав унго-унгояв магIаруласда баркула юбилейги тIаде щвараб ЦIияб сонги. Гьарула гьесие ва хъизамалъе чорхое сахлъи, халатал сонал, парахатаб гIумру ва рекIел мурадал тIурай.