ЛъикIлъиялъулги яхIалъулги нухал гIатIидав

 Расалъаби тIугьдуз, тIогьал гIаздал цIураб ихдалил къоялъ лъай-хъвай ккана дир ГIиса Шарапудиновасулгун. Тележурналистка Ха­тимат МухIамадовалъ гIуцIараб гIолохъанал шагIирзабазул данделъи тIобитIулеб мех букIана доб.

 

— ГIисаги вачIунев вихьула, — ян Малачиева ГIайшатица абидал, ниж киналго гьей юссараб рахъалде ралагьана. Гьурмада разияб гьимиги щущан, гъутIбузда нахъасан ваккун вачIана ГIиса. Хъатикь ккураб папкаги сверизабулаго, гьев ни­жеда аскIове вачIана, салам кьуна, байрам барка­на. Нижее гьитIинабго рецц-бакъги гьабун, нахъе унев вукIарав гьев ГIайшатица чIезавуна ва абуна:

 

— ГIиса, лъай-хъвай гьабизе бокьиларищ магIарул гIолохъанал шагIирзабазулгун, — ан.

Цинги тIадеги жубана гьав вугин Гумбет райо­налъул Игьалиса ГIиса Шарапудиновилан.

Нижер щиялъе бетIерги къулун, лъай-хъвай ккеялдаса рази вукIин бичIчIизабуна гьес. Намус гъорлъ жубараб гьесул гьимиялъ бицунеб букIана гьев цIакъ ракI бацIцIадав чи вукIин. Гьеб къоялъ нижгун цадахъ суратги бахъун ана гьев гьениса нахъе.

 

КIиабилеб нухалда ГIиса дандчIвана муна­гьал чураяв ГIабасил МахIамадил рокъов. Гье­сиеги гьесул лъади Савдатиеги кватIун щварав вас гIадинав чи вукIана ГIиса. Гьесул кIудиял чагIаздехун бугеб рокьиги недегьаб бербалагьиги бихьулеб буго, ГIабасилав хведалги, гьесул лъа­ди Савдатил адаб ГIисаца рехичIолъиялдасан. Ячун лъади Чакаргун гьев Савдатиде ваккизе ЛъагIилухъе инчIого вукIунаро. Мунагьал чура­яв ГIабасиласги гIемер абулаан, жакъалъизегIан ГIиса лъачIого араб гIумру гIадада араблъун тезе бегьулилин, гьев, лъикIав шагIир гуревги, лъикIав инсанги вугин. ЛъикIав инсанилан абураб цIар бокьа-бокьарав чиясе щолеб жоги гуро.

ЛъикIлъиялъулги яхIалъулги нухал гIатIидав ГIисалгун дандчIваял гIемерлъанагIан дирги гьесдехун адаб цIикIкIана. Дир адабги борцун, гьесги вацлъи рагIизабуна. Дир тIулил щуго вац вугониги, гьезул кьерда тезе мустахIикъав, яхIги гIаданлъиги бугев, чIужугIаданалъул къадру-къи­матги цIунулев чи ватана гьев.

Гьелъие мисалги буго ГIисаца чIужугIаданалъе хъвараб кечI.

ЧIужугIадан, дица дур адабалъе,

Намусалъул хасаб си буго балеб.

Гьелъул тIадегIанаб гIаламат ккола,

ГIумруялъ кидаго дур течIеб адаб.

 

ГIиса вуго гьудулзаби гIемерав, гIадан хири­яв, инсанасда гурхIел бугев, херазул тIалаб тIаде босулев, квер гIатIидав, садакъа гьарзаяв чи. Гьелъие нугIлъиги гьабула гьал рагIабаз.

 

Дун кив вугониги, киве щваниги —

ВатIанияб тIалаб тIад бугев инсан.

ТIолабго гIумруги рекIел рокьиги

Бокьулеб ракьалъе кьезе бугев чи.

 

Бокьулеб ракьалъе хилиплъичIого, рекIел хин­лъи тIаде гIолеб гIелалъеги бикьун, инсул гъасда цIаги ккун, жакъаги росулъ вуго ГIиса. Гьев вуго пикру роцIарав, рагIи гъваридав шагIир, сабурав мугIалим, камилав муъминчи. Гьес жиндирго тIахьазеги кьуна цIакъ берцинал ва хIикматал цIарал: «Намусалъул ах», «ТIокIкIарал иццал», «Бисил тIинчI», «ТалихIалъул хIинчI», «Дир цIвабзазул Дагъистан» абурал. Щибаб тIехьалда жаниб буго цIалдолесул ракI тIаде цIаледухъ хIикматал рагIабаздалъун бахъараб сурат. Гьелъ цIалдолесе асар гьабичIогоги толаро. Масала, «Рилълъа АхIулгохIде зияраталъе» абураб поэма­ялда буго:

 

Гьаниб гохIда щибаб галиялда гъоркь,

Гаргар буго жеги жаназабазул.

Жал хун гьечIин абун, чIаго ругилан,

ЧIела дуда цере гьенир муридал.

 

Гъоба гъоркьа Гъойсу, гъулгъулел кIкIалал,

КIкIуйдулъ босун унеб АхIулгохIда рагъ,

Имамасул чIварай лъадиялда тIад,

Лъимадул эбелан, ахIулеб гьаракь.

 

 

Гьеб гьаракь жакъаги гIинда рагIулеб кинниги, рагIабазулъ лъун буго шагIирас.

Лъималазе хъварал, махсара-хочIалъул, ВатIаналъул унти-тIалабалъул, гьобол-гьудуласе сайгъ­ат гьарурал, жиндирго рекIел хIасрат рагьарал, чан батIияб накъищ бекьун бугеб гьес жиндирго асаразда жаниб, цIалдолесул рекIее унго-унгояб асар гьабулеб куцалда. Гьез гIодизеги, релъизеги, рохизеги, хинлъизеги тIамула.

Гьаб ахир заманалда тIахьал цIалулел чагIи къанагIатаб заманалда, хIикмалъизе бачIана, МелъелтIа гIуцIараб ГIисал творчествоялъул сор­до бихьидал. Гьесул творчество, жакъа къалми­деги босун, метер тIанчида бегун хутIулареблъи бихьулеб букIана гьениб.

«Росабазул тарихги гIакълабазул квацIиги» гIун бачIунеб гIелалъе жакъа чара гьечIого хIажат буго. Гьеб хIажатаб хазина халкъалъе цIуниялда тIаде кIвар кьола ГIисаца. Бакълъулазул тарих жа­нибе бачараб, жакъасебги сонисебги заманалъул сипат-сурат, гIадат-яшав, гIамал-хасият рагьараб ГIисал творчествоялдаса нилъер наслуялъ пайда босичIого теларилан ккола. Гьеб гьедин букIинги бихьулеб букIана гьесул творчествоялъул бицу­нел вечеразда.

ГIисал гIемерал руго махсара-хочIалъул кучIдул, гьел цIалулезухъ гIенеккаразе щола гIемераб кеп. Мисалалъе росизин «ХIамиде магIу» абураб кочIодаса цо-цо куплетал.

* * *

Рихьун хIамул течIеб «Тулпар» букIанин,

Тарабищ, МухIамад, хIамица дунял?

Тохаб пиша ккечIеб чIухIи букIанин,

ЧIвандай хвана пакъир, хоб кибдай буго.

* * *

Ахил гIарза буго ГIалибегиде,

ГIадамаца гIадин жиб хьихьейилан.

ГъотIол гьари буго мадугьаласде,

Жиб бакъун танани, талихI къинилан.

ГъотIол гьариги къабул гьабун, гIалахалда бащ­даб гIумруги тIамула ГIисаца.

Гьесул куракалъул кеп босулареб сон шагIирзабазул къанагIатги букIунаро. Гьес цин цо хасаб юк Хъвадарухъабазул союзалде щвезабула. Цо-цо мехалъ хIикмалъизецин бачIуна, кин гье­сухъа гьабгощинаб хIалтIи гьабун бажарулеби­ланги. Хур-ахги, боцIи-панзги, наялги, школагун шигIруги, гьобол-гьудулги, жамгIияб хIалтIиги. Гьесие нижеца цо-цо махсарацин гьабула дуда цадахъ шайтIаби хIалтIулел ратилилан. ШайтIаби гурин, малаикзабиян абун гьевги велъула.

Гьеб гьедин букIине ресги буго, хварал уму­муз кьураб дарс рехичIого Аллагьасул нухда витIун хьвадиялъул баракат батила гьеб гьесие. Гьев воржунел зобал рацIцIуней, гьев хьвадулеб нухда гIурччинаб ихлъун тIегьарай гIумруялъул гьудул Чакарилги гьунар батила гьаниб. Чиясе зарал гьечIел, эбел-эмен разиял, магIарул яхI- намус цIунарал васазулги, Аллагь кIочон тола­рел, адабалъул борхалъи борцине лъалел ясазулги дада вукIинги буго. ГIумруялъул магIна Алла­гьасул нухдаса борцине лъалев вукIиналъ ГIиса талихIавлъун лъугьана.

* * *

Жакъа гIодовги чIун гIодана дихъго,

ГIадан гьечIеб бакIихъ ракI жаниб бекун,

ГIакълу гьечIолъиялъ гьабунщиналъухъ,

ГьабичIого тараб гIибадаталъухъ.

* * *

Кьеги, Аллагь, нижее Дуца диналъе къуват,

Къуръан-хIадис хиралъун,

                                            хвезе рукIин рекIелъ чIун.

Кьеги, Аллагь, нижее Дуца хIалалаб боцIи,

ХIарамлъи гьоркьоб гьечIеб,

                                            гьабулаго гIетI балеб.

Гьеле гьеб хIарамлъи сундулъго бегьула­рев шагIир вуго ГIиса — рорхатал мугIруздаса рецIцIарал иццал данделъун чвахулеб Авар гIурул чвахигун цадахъ цо-цо салам кьезе ралъдахъеги щолев, шагьаралъул гьудулзабахъеги ваккулев, щвараб бакIалда жиндирго берцинаб гIамалалъул гIажаибаб лъалкIги тун нахъе инеги лъалев.