Борхатаб мегIер рикIкIадасан бихьула

Шамил районалъул Хучада росулъа Рашид ХIажиясулов, дунялалда бищун борхатаб Эверест мегIералъул тIогьиве вахун вугилан рагIидал, гьеле унго-унгояв бахIарчиян ккана ракIалде.

Кин ва кида гьеб хасият инсанасулъ загьирлъулеб ва кигIан гъварид­го рукIунел гьелъул кьалбал? Гьеб суалалъе жаваб балагьизелъун дица лъай-хъвай гьабуна батIи-батIиял заманалъул гIакъилал гIадамазул цо- цо абиязулгун. Ва гьезул гIемерисез бихьизабулеб буго «БахIарчилъи» абураб рагIиялъе гIагарал рукIин: бихьинчилъи, хIинкъи гьечIолъи, рекIел къвакIи, сункьаго бер къаларев, къварилъаби хIехьон бажару­лев, къварилъабазе бетIер къулуларев, гьезие къуркьуларев ва гIемерал цогидалги сипатал.

 

 

Дагьав цевегIан телевизоралдасан кIалъалаго КIудияб ВатIанияб рагъул ветеран Малышкиница абуна: «Жакъа къоялдаги рагьизе кIвечIеб балъголъилъун хутIун буго доб гIажалаб рагъулъ бергьенлъи босарал бахIарзазул бахIарчилъиги къохIехьейги», — ян. Дидайин абу­ни, кинго бичIчIизе кIолеб гьечIо, жидерго гIумруялъе бугеб хIинкъиги лъалаго хвалил бадире ралагьун цIорол мугIрул квегъизе хиял лъурал бахIарзазул рекIел къвакIи. Сунца гьел гьеб борхалъиялде хиял гьаби­зе тIамурал? Гьеб суалалъе бичIчIулеб жаваб кьун бажаруларо жалго альпинистаздацин. Гьеб борхалъиялде бугеб хIасрат, берцинлъиялде бугеб гъира бугин абураб жоялда божизеги кIоларо.

Альпинист Геннадий Копейкаца абуна: «Гьеб суалалъе жаваб кье­зе, цо рахъалъ цIакъ бигьаго буго, цогидаб рахъалъ – захIматгоги буго. МугIрул тIогьиве щварав чияс гьединаб суал кьелароан. Дуда мугIрузул берцинлъиги, гьезул тIадегIанлъиги бичIчIараб ва бихьараб мехалъ лъала гьелде дандеккун дур бугеб гьитIинлъиги загIиплъиги. Гьебго заманалда дуда лъала дурго кIодолъиги тIадегIанлъиги, гIицIго мунлъидал вугев мугIрул тIогьиве ххарун, гьелъул каранда».

 

Рашид ХIажиясуловасулги бу- кIун батила нилъеца бицен гьа­бураб гIадаб ахIвал-хIалги рекIел хIалуцинги. Щив ва киса гьев дуня­лалъул бищунго борхатаб тIохде ва­харав бахIарчи? Гьев ккола Шамил районалъул Хучада росулъа. Рашид, ХIебда росдал школа лъугIун ха­дув цIализе лъугьана ДГТИялъул технологияб факультеталде. Гьеб лъугIидал хъулухъ гьабуна Сове­тияб Армиялда. ХIалтIулев вуго Гъизилюрт шагьаралъул соцстра­халъулаб фондалда. Школалда цIалулелдаса нахъего кIудияб рокьи букIана спорталде.

Гьал мукъсаналго рагIабаздалъун биография рехсарав Рашид вуго гIадатияздаса бищунго гIадатияв ва жинцаго гьабураб кIудияб гьунар­ги цIакъго гьитIинаблъун бихьулев инсан. Дагъистаналъул мугIрузда гIумру гьабулел гIемерисел гIадамал дандчIвала тIабигIаталъул бигьа­ял гурел шартIазда ва квекIеназда, гьел хIажаталлъун ккола гьел къе­заризе. Амма цо-цоязин абуни, гьел жеги тIадеги балагьула, гьез анищ гьабула мугIрузул тIогьире ххари­зе, гьезие бокьула жалго рорхалъа­базде рахине ва мугIрузул тIогьазда тIавап гьабизе. Гьеле гьединавлъун ватана Рашидги.

 

— Лъимерлъудаго дун ракIалъ рорхатал мугIрузде цIалев вукIана, — ян бицунеб буго гьес Шамил районалъул культуриябгун тари­халъул жамгIияталъул председа­тель МухIамад Гъазалиевасулгун букIараб гара-чIвариялда.

– Цогидаздаса балъгого дун мугIрузде ххарулев вукIана, амма мугIрузде хIакъикъияб гIищкъу би­жана гьалмагъзабигун цадахъ Эль­брус магIарде, хIухьбахъизе араб бакIалда. Гьедин араб бакIалда дун ххарана Эльбрусалъул гIазулал тIогьазде ва дица пикру гьабуна цогидалги мугIрул бигьаго кверде росизе ругилан. Абизе ккола, цIакъ мекъи батана дир гьеб пикру.

 

Эльбрусалдаса Дагъистаналде тIад вуссун хадув Шалбуздагалда дир лъай-хъвай ккана кабардина­зул альпинист Ольмезовасулгун. Гьев цевеккун Эвересталдеги вахун вукIун вуго ва гьес дида абуна дагъ­истаниясе бигьаяб жо бугин дуня­лалъул тIогьиве вахинеян.

Эльбрус квегъун хадуб Ра­шид лъугьана Эверест квегъиял­де хIадурлъизе. 2015 соналда гьес хIалбихьана Казахстаналъул, Гъир­гъизиялъул ва Китаялъул гIорхъода бугеб Хан-Тенгри борхалъиялде ва­хине. Гьелъул борхалъи буго 7010 метр. 6800 метралъул борхалъиялде щвараб мехалда Рашид тIад вуссине ккана. 2016 соналдайин абуни гьев вахана Памир мегIералъул Ленинил цIаралда бугеб тIогьиве. Гьениб гье­сул лъай-хъвай ккана Украиналдаса альпинист Виктор Бобковасулгун. Гьес бицана Эвересталде сапар бу­хьине хIадурлъулев вугилан.

 

— Дица хIукму гьабуна гьесул, 5 чиясдаса гIуцIараб, экспедициялда гIахьаллъизе, — ян бицана Рашиди­ца. – Эвересталде унеб нух гьор­кьоса къотIи гьечIеб эхедерай гуро бугеб. Гьенире унаго хисизе кко­ла 6 лагерь. Гьелъ кумек гьабула тIабигIаталъул ругьунал гурел кьва­рарал шартIазда черх ругьун гьа­биялъе. Гъоркьияб лагералда черх ругьун гьабичIого тIасияб лагерал­де ани, гьениб цо мехелалъ гурони гIумру гьабун бажаруларо инсана­сухъа. Нижеца кIиго моцI бана 6400 метралъул борхалъуда бугеб лаге­ралда. Ниж тIасияб лагералде унаан ва тIад руссун гъоркьияб лагералде рачIунаан. Гьединаб хIалбихьиялда альпинистаз жидерго черхалъул цIайи тIаса рехула, дунги 15 кило­граммалъ хIалакълъана. ЦIикIкIуна бидул тIадецуй. Гьедин букIуна цо-кIиго моцIалъ гуреб, дагьабги гIемер заманалъ. Ахирисеб гьужу­малда цебе нижеца тIубараб анкьалъ хIухьбахъи гьабуна 7200 метралъул борхалъуда. Гьениб гIемерисеб ба­раб букIуна битIккеялда. ГIазул гьу­ри бахъани, ниж тIад руссине ккола­ан. ТалихIалъ кинабго лъикI ккана. МегIералъ дун къабул гьавуна, къа­бул гьавун хадув виччанги тана.

Дида рихьана гьенир даималъ­го хутIаралги. Цо-цо мехалъ жана­забазда тIасан гали тIамунги ине кколаан. Хварал альпинистазул жаназаби хваралъурго тола, цо-цо мехалъ гьез кумек гьабула нух би­хьизабиялъеги.

 

Лъабго болъо буго ахирисеб эхе­дераялъул. Нижеца гьел нахъа тана сардил бецIлъиялда. 6 маялъул ра­дал сагIат 5 тIубараб мехалъ ниж мугIрул тIогьире рахана. Гьениб 20 минутги бан, ниж тIад руссана.

Гара-чIвариялъул ахиралда Ра­шидица бицана, жидеда хадуб бачIунеб цогидаб къокъаялда гъорлъ вукIарав ингушав МухIамад Дзейтиевасулгун жидер къотIи букIанила: нагагь цояв хвани, чIаго хутIарас кIиябго республикаялъ­ул байрахъал мегIералъул тIогьире щвезаризе.

 

Хал гьабун бихье, кинаб бахIарчилъи бижулеб бугеб инса­насул рекIелъ! Гьединал лъугьа- бахъинал дандчIвалаан гIицIго маргьабалъ! Гьанибго абун тезин, Рашид ХIажиясулов гуро професси­оналияв альпинист, гьев вуго унго- унгояб куцалъ мугIрузухъги гьезул тIогьазухъги гIищкъу бергьарав ин­сан. Гьелде тIадеги, гIумруялъул 49 сон бараб мехалда вахана гьев дуня­лалъул бищунго борхатаб магIарде.

Гьаб цебехун бицен гьабураб лъугьа-бахъин ккана гьанжеялдаса лъабго соналъ цебе ва цIалдолезда ракIалде ккезе бегьула щайдай гьас гьаб цIидасан ракIалде щве­забулеб бугебилан. Гьелъие руго гьадинал гIиллаби: тIоцебесеб иргаялда, нилъеда кIочене бегьу­ларо бахIарзал ва гьез гьарурал бахIарчиял ишал. КIиабилеб ирга­ялда, исана 6 маялда гьеб кIудияб кIваралъул лъугьа-бахъин кка­ралдаса лъабго сон тIубана. Лъа­бабизе, нилъер халкъалъ кIудияб захIмалъиялда нухда тIамуна коронавирусалдаса цIуна-къай гьабулаго кIиго моцI. Жидерго рахIатал рукъзабахъ, кодор теле­фоналги ккун, тамахаб бусадаги регун, телевизоралъухъги балагьун тIамураб заманги бахIарчилъилъун рикIкIунеб батани, 28 моцIалъ инсанасулал гурел шартIазда гIумруги тIамулаго бахIарчияб гьу­нар гьабурал гIолохъабазда щибха абизе кколеб!?

 

Гьаб макъала лъугIизабизе бо­кьун буго Абу ГIубайда ЖарахIил рагIабаздалъун: «Ва, гIадамал! Ну­жеца таваккал бихьизабе ТIадегIанав Аллагьасе гIоло ва Гьес нужее кумек гьабила нужее къохIехьезе къуватги кьун. Ва, гIадамал! КъохIехьеялъ кумек гьабизе буго нужее Аллагь гурхIиялъе ва суриялдаса нуж хва­сар гьариялъе. Нуж бахIарчияллъун ва Аллагь ракIалде щвезарулеллъун рукIа».