Эбелалъул кверал

Цо къоялъ эбелалъ дида гьарана жинда цадахъ тукабазде вилълъа­йилан, жиндие ретIел босизе. Сабру гьечIев чи вукIиналъ, дие бокьулароан тукаби сверизе, хIаракат бахъулаан гьениве инчIого чIезе. Эбелалъе кинха инкар гьабилеб?

Угьун хIухьелги биччан, дун рази­лъана. Гьенире щведал, дир ццин бахъин цIикIкIана, нижеца сверана киналго тукаби. Цоялда хадуб цояб гьабун ретIулел рукIана эбелалъ гурдал, амма цонигиялда рекъолей йикIинчIо. Заман унеб ва дир сабру лъугIулеб букIана, ахирги эбелалъ цо гурде тIаса бищана.
Дица гьей ретIел ретIунеб бакIалде щвезаюна ва дунго къватIив чIана. Дагьаб заманалдасан гьелъ дун гьениве ахIана, гьелда кIолеб гьечIоан нахъехун бугеб маргъал базе. Гьелъ дида гьарана кумек гьабеян. Херлъиялъги унтиялъги кIичIарал гье­лъул килщаз цIакъ хIаракат бахъулеб букIана маргъал базе, амма бажарулеб букIинчIо.
Эбелалъул килщал… Гьеб­са­гIат, гъоб ццин бахъинги ун, дир рекIелъе гурхIалил ва рокьул карачел гьулчун бачIана. Дун довехун вуссана, гьелдаса магIу бахчизе. Къуватги бакIарун дица маргъал бана, амма кверал сородилел рукIана.
— Дуе щиб, дир вас? — ан гьикъана эбелалъ.
— Щибго гьечIо, эбел, кинабго лъикI буго, — ян абуна дица, гьелдаса бералги рахчулаго.
Гурдеялъухъ гIарацги кьун, ниж рокъоре ана. Тукабазде гьабураб гьеб сапар дида гIумруялъ рекIелъ хутIана.
Доб къоялъин абуни дида цебеса унеб букIинчIо эбелалъул кверазул сурат, кигIан хIаракат бахъаниги маргъал базе кIоларел кIичIарал килщал!
Гьел кверал руго дие бищун хириял! Гьел квераз кваназавуна дун, ретIел ва хьитал ретIана дида, хъулухъ гьабуна ва рокьи кьуна дие. Гьел кверал цере ккун гьабуна дие дугIа, гьарана Аллагьасда дун цIунейилан. Кин бегьулеб гьел кверал, гьезул хIеренлъи, тамахлъи кIочене?
Сабру гьабизе кIвечIого, къаси дун ана эбелалъухъе, дирго квераз гьелъул квералги ккун, гьезда убач гьабуна. Гьей гIажаиблъун хутIана!
— Эбел, — ан абуна дица сородулеб гьаракьалъ, — дир хирияй эбел, дур кверал руго дунялалда тIад бищун берцинал кверал! Дир хьул буго ва дугIаги гьабулеб буго, гьел дур гIадал берцинал кверал дирги рукIинел ратилин кида-къадги. Баркала, эбел, киналъухъго.