КватIун тIатараб гьунар

Дагьал церегIан къоязда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул университета­лъул пресс-хъулухъалъул фотограф ХIа­жимурад МухIамадовас рахъарал суратазул выставка. 
Шамил районалъул Лъезда росулъа ХIажимурадица релъабаз суратал рахъизе байбихьана анкьго соналъ цебе ва гьеб ишалдеги гьев машгъуллъана 45 сон бараб мехалда. 
 
Выставка рагьана ва нухда бачана республикаялъул халкъияб творчествоялъул рукъалъул отделалъул специалист Арсен Лугуевас. 
ХIажимурадида выставка рагьиги баркун, данделъиялда кIалъазе рахъана гIезегIан гIадамал. 
ХI. МухIамадовас баркала кьуна выставкаялъухъ бала­гьизе рачIарал гьудул-гьалмагъзабазе, гIа­га-божаразе, ДГМУялъул, халкъияб творчествоялъул рукъалъул хIалтIухъабазе, Ленинкент поселокалъул № 35 школалъул педагогазе, цIалдохъабазе ва абуна жиндир гьунаралъул къимат гьабулел рази гьаризе хадубккунги хIаракат бахъизе бугин.