МагIарулав – генералияв консул

 

Араб анкьалда «ХIакъикъат» газеталде гьоболлъухъ вач1ун вукIана СагIудиязул ГIарабиялъул Къираллъиялъул Жидда шагьаралда бугеб Рфялъул консульствоялъул генералияв консул Багьавудин ГIалиев.

 

 

Исана тIоцебесеб октябралда РФялъул президент В. В. Путинил указалдалъун, гьесие кьуна чрезвычайнияв ва тIубараб ихтияразул посоласул ранг. Ведомствалъулаб гьеб чин ккола генерал-лейтенантасул чиналда бащадаб.

 

 

Багьавудин ГIалиев ккола ЦIумада районалъул Акнада росулъа.

Москваялда, халкъазда гьоркьосел ишазул институтги лъугIизабун, хIалтIулев вуго дипломатияб хIалтIуда. Гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго жакъасеб номералда.

 

 

— КигIан заманалъ мун дипломатияб хIалтIуда х1алт1улев вугев, СагIудиязул ГIарабиязул Къираллъиялде иналде цоги улкабазда хIалтIаравищ?

 

 

— РФялъул генералияв консуллъун Жиддаялде дун тIамуна 2016 соналда. Цевеккун батIи-батIиял дипломатиял хъулухъазда дун хIалтIана Сириялда, Ливиялда, СагIудиязул ГIарабиязул Къираллъиялда. Дипломатияб хIалтIуда дун хIалтIулев вуго къогоялдаса цIик1кIун соналъ. СагIудиязул ГIарабиялда цевеги дун вукIана исламияб рахъалъ цадахъ рекъон хIалтIиялъул гIуцIиялда (ОИС – организация исламского сотрудничества) Рфялъул кидагосев вакиласул заместительлъун.

 

 

— Араб гIасруялъул 90-абилел соназде щвезегIан Совет Союзалъул ва хадуб РФялъул СагIудиязул ГIарабиялъул Къираллъиялъулгун бухьенал рукIинчIо. Цебеккунги киданиги рукIинчIелищ гьезул бухьенал? РукIарал ратани, щай гьоркьор к1отIун рукIарал? Кинаб бугеб гьезул тарих?

 

 

— ГIусманиязул империялда гьоркьобе унеб букIараб Жидда шагьаралда 1891 соналда тIоцебе рагьана Россиялъул генералияб консульство. Доб мехалдаги Россиялъул империялдаса бусурбаби унаан хIежалде, рукIана цогидалги бухьенал. Консульствоялъ тIалаб гьабулаан гьенире рачIарал Россиялъул империялдаса гражданазул гуребги, гьезулгун лъикIаб гьоркьоблъиялда ругел Бухараялъул, Хорезмалъул, Самаркъандалъул ва цогидалги Гьоркьохъеб Азиялъул халкъазул гIадамазулги.

 

 

ТIоцебесеб дунялалъул рагъги байбихьараб, гIусманиязде данде бедуиназ къеркьейги байбихьараб заманалда, Россиялъул империялъул генералияб консульствоялъул хIалтIи гьоркьоб къотIана.

 

 

Советияб гIуцIиялъул заманалда, 1926 соналда Жиддаялда цIидасан рагьана СССРалъул генералияб консульство.

 

 

Совет Союзалда репрессиял байбихьарал лъебарабилел соназда гьелъул къурбаналлъун ккана дипломатияб хъулухъазда ругелги. Жиддаялда вукIарав Совет Союзалъул генералияв консул, миллаталъул рахъалъ башкирав, ХIакимов ВатIаналдеги ахIун, кьучI гьечIел гIайибалги гIунтIизарун репрессиязул кIичIикье ккана. Гьев вукIана ВатIаналъул тIадаб иш ракIбац1цIадго тIубазабулев, гIарабазда гьоркьоб къадру-къимат бугев дипломат. ХIакимов репрессиялде гъоркье ккун вукIин лъайдал, СССРалда диниял чагIи жанир тIамизе, гьезда хадур чIезе байбихьидал, СагIудиязул ГIарабиязул Къираллъиялъ Совет Союзалъулгун бухьенал къотIизе тана.

 

 

1991 соналда цIигьаруна кIиябго пачалихъалда гьоркьор бухьенал. СагIудиязул тахшагьар Эр-Риядалда рагьана Россиялъул посольство, Жиддаялда — генералияб консульство. Москваялда хIалтIизе лъугьана гьезул посольствоги.

 

 

— Генералияб консульствоялъул хIалтIул бицани бокьилаан.

 

 

— Нижер аслияб иш ккола Россиялъул гражданазул ихтиярал цIуни, гьезул хъулухъал, къваригIелал, хIажалъаби тIурай. Гьел гIемер рукIуна. Рехселин цо-цоял. Мисалалъе, рукIуна хIужаби хIежалде, гIумраялде рачIарал гIадамазул паспортал риларал, гьезие нижеца кьезе ккола цIиял паспортал. ХIежалде яги цоги къваригIелалъ гьенире ячIарай чIужугIаданалъ лъимер гьабуни, гьеб лъимер документ гьечIого СагIудиялъа къватIибе бачине биччаларо. Нижеца гьеб лъимадуеги паспорт кьезе ккола. Нижеца визаби рагьула РФялде ине бокьарал сагIудиязул гIадамазе ва гьенисан ине бокьарал цогидал пачалихъалъул гражданазе. Халгьабула Россиялъул гражданство къабул гьабизе бокьарал къватIисел пачалихъалъул гражданазул гIарзазухъ. Нилъер гражданаз гьениб ригьин-цIа гьабулеб бугони, ЗАГСалъул ишги нижеда тIаде ккола. СагIудиязул ГIарабиязул Къираллъиялда вукIаго хIажичи ялъуни цогидаб къваригIелалъ вачIарав чи къадаралде щвани, гьенивго вукъула. Гьениб хIажатаб кумекги нижеца гьабула. ГIемерисеб мехалъ гьединал хIужаби ккедал, гIарабаз гIицIго Аллагьасе гIоло киридахъ, хвел-гIелалъул иш жидедаго тIаде босула. Дида лъалеб цо хIужа ккана Кабардино-Балкариялдаса хIежалде вачIун къадаралде щварав чи ВатIаналде восун араб. Генералияб консульствоялъ цо къадаралда квербакъи гьабула Россиялъулгун СагIудиязул ГIарабиязул дармилгун экономикиял, культураялъулгун спортивиял, цогидалги гьоркьорлъаби рукIинариялъе, гьел церетIезариялъе.

 

 

— ХIежалъул заманалда аза-азар чи Россиялъул бусурбабазул рачIараб заманалда нужее хIалтIи цIик1кIунеб батила.

 

 

— РФялъулгун СагIудиязул ГIарабазул Къираллъиялъулгун дипломатиял бухьенал байбихьараб 1991 соналдаса нахъе гIуцIараб къагIидаялда байбихьана нилъер улкаялдаса хIежалде ине. ТIоцебесеб соналда Россиялдаса хIежалде ана 400 чи. Хадусел соназдаса байбихьун сагIудияз Россиялъул хIажизабазе кьолел квотаби цIик1кIинаруна. Гьанже гьез чIезабураб квота буго азарго чиясда гьоркьоб цо бакI. ГIага-шагарго Россиялда вуго къого миллион бусурманчи, ай къоазаралда щунусго чи хIежалде ине рес буго. ХIежалде ине бокьарал Россиялъул бусурбаби гIемер рукIиналъ, Россиялъул х1еж-миссиялъул гьариги къабул гьабун, нилъер хIажизабазе тIадеги кьола лъабазарго-щуазарго чиясе бакI. Гьел бакIал кьола, гьайгьай, цогидал пачалихъазул тIалабал хIисабалдеги росун.

 

 

Гьанибго абила, РФялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго хIежалде рачIунезул къадар цIикIк1араб субъект.

 

 

Цересел соназде дандекун хIежалде рачIунел нилъер гIадамазул гIадлу-низамги, табирги лъикIлъун буго. Гьеб буго хIежалде гIадамал рачунеб «Марва-тур» фирмаялъул ва Россиялъул хIеж-миссиялъул цадахъаб хIалтIул хIасил. Цо рахъалъ гьелъие квербакъи гьабуна ракьалдасан инчIого, самолетазда рекIун гIадамал хIежалде раччиялъги. Цебе батIи-батIиял машинабазда, хIатта КАМАЗазда рекIун ракьалдасан чанго пачалихъалдасан унаго гIемер ккана авариял, цогидалги квалквалал.

 

 

Гьебго заманалда камулел гьечIо хIужаби Россиялъул хIажизабазул паспортал, документал рилиялъул, гьукъараб заманалда бегьулареб бакIалда даран-базар гьабиялъул ва цогидалги гIадлу-низам хвезабиялъул хIужаби. Гьединал чагIи полициялъ ккола ва ниж хIажаталлъун ккола гьоркьоре лъугьине. Визаялъул заманги хIежалъул гIужги лъугIараб мехалдаги цо-цоял ункъо-щуго моцIалъ гьенир даран-базаралда чIолел руго. Гьединазул хIакъалъулъ нижеда лъала гIицIго гьел полициялде ккараб мехалъ. Ккола цо-цо гIорхъолъа рорчIарал гIадлу-низам хвезабиялъул хIужабиги. Мисалалъе, цо хIажичи, мажгиталда жанисан, ай кколареб бакIалдаса унгейин полициялъулас абидал, гьевгун вагъун жанив тIамун вуго. Гьезул законалда рекъон микьго сон туснахъ букIана гьесие. Судазде хьвадун ниж гIемер рекерахъдизе ккана гьев эркен гьавиялъе гIоло. ЛъикIаб нигатгун, паризияб хIеж борхизе хирияб ракьалде рачIунел чагIи рукIине ккела гIадлиял, унго-унгоял бусурбабилъун.

 

 

— Дагъистаналдаса ругищ гьенирго чIарал гIадамал?

 

 

— Гьединал гIадамал дида дандчIвач1о. Руго цо-цо руччаби гIарабазе ригьнаде ун, гьенирго чIарал. КигIан гьел ругелали нижехъ баянал гьечIо, гьел лъала нагагьлъун ЗАГС гьабизе рачIани ялъуни полициялде ккараб мехалда.

 

 

— Россиялъул къватIисел ишазул министерствоялъул системаялда хIалтIулел дагъистаниял ругищ?

 

 

— МИДалъул аппараталда, дипломатиялъул хъулухъазда, къватIисел пачалихъазда ругел посольствабазда ва консульствабазда хIалтIулев вуго Дагъистаналъул миллатазул лъабкъогоялдаса цIик1кIун чи. Гьезда гьоркьор руго магIарулалги. Гьел руго тIадегIанал дипломатиял хъулухъаздаги. Мисалалъе, гьабсагIаталда Жиддаялда, исламияб рахъалъ цадахъ рекъон хIалтIиялъул гIуцIиялда (ОИС), Рфялъул кидагосев вакиллъун вуго Рамазан ГIабдулатIипов. Гьев ккола Дагъистаналдаса тIоцевесев РФялъул чрезвычайнияв посоллъун хIалтIарав чи. Гьеб хъулухъалда ва гьеб рангалда Р. ГIабдулатIипов вукIана Тажикистаналда. Эритрея пачалихъалда гьеб рангалъул посоллъун вуго ГIазим ЯрахIмадовги.