ХIалтIи битIун уна, бетIер вугони

Казбек районалъул Дилим росдал культураялъул кIалгIаялда цебе бугеб майдан кьабун цIун бугоан гIадамаз. РакIалде кколеб букIана гьениб концерт батилилан. Гьанже театр-концерт бугелъуре данделъулелъулха гIадамал. 

 

Амма гIилла батана батIияб, ай хlалтIухъан кIодо гьавизе данделъун ратана гьел. 

 

Исана 27 декабралда 85 сон тIубалаан захIматалъухъа хIинкъичIого гIумру тIамурав, гьединабго тIабигIаталда лъималги куцарав Гертмаялдаса ГIабдулмуслимов МухIудин гьавуралдаса. Гьев ракIалде щвезавиялъул мурадалда тIобитIулеб букIана данделъиги. Райцентралда гьеб мажлис гIуцIиялъе гIиллаги ккана МухIудин КПССалъул райкомалъул секретарьлъун, райисполкомалъул председательлъун хIалтIулаго район цебетIезабиялда лъалеб лъалкI тарав чи вукIин.

 

1937 соналъул 27 декабралда гьавурав М. ГIабдулмуслимов нилъедаса ватIалъана 2002 соналъул январалда, 65 сонил ригьалда.

 

РухIалда барахщичIого хIалтIулев, захIматалъул къимат гьабулев чиясдехун сахаватаб бербалагьи Дагъистаналда кидаго букIана. Гьединлъидал «захIмат бихьичIого рахIат бокьарас, бекьичIого лъилъе нилъ гьечIого хур», — ан хъвана Инхоса ГIалихIажияс.

 

Гьесул захIматалъул нух кидаго бухьараб букIана районалъул росдал магIишат цебетIезабиялда, гIадамазе рукIа- рахъиналъе лъикIал шартIал чIезариялда. БачIинахъего абизе бегьула церелъурал масъалаби ракIбацIцIадго тIуразариялъе МухIудиница жиндирго сахлъиги лъайги тIубанго назру гьабунилан. Гьев вукIана со- ветияб школалда тарбия щварав, партиялъ куцарав, коммунистазул ритIухълъи рекIелъ цIунарав, захIматалъ лъадарарав хIаракатчи.

 

ГIадада гурелъулха Д. Кеннедица 1963 соналда Америкаялъул конгрессалде битIараб жиндирго хитIабалда бихьиза- бураб «космосалда кверщел гьабиялъе гIоло букIараб къецалъулъ СССРалъ бергьенлъи босана школалъул партаялда нахъа», — ян. Гьелдаса кIудияб къимат нилъер букIараб советияб лъай кьеялъе кинабха букIинеб! 

 

Гьеб заманалда студентлъун вукIаго, цIикIкIинабураб стипендия жиндие щолев вукIарав МухIудин ГIабдулмуслимовас бихьизабуна жив унго-унгояб интеллигенциялъул мустахIикъав вакил вукIин.

 

МухIудинил хIалтIудехун букIараб жавабияб бербалагьиялъул бицун данделъиялда кIалъазе рахъана анцIгоялдасаги цIикIкIун гьесул гIелцоял, къайицадахъал, Росдал магIишаталъул министерствоялъул вакилзаби, магIарул гурел цогидал районазулги нухмалъулел. Дол захIматал 90-абилел соназда М. ГIабдулмуслимовасухъа бажарана районалъул магIишатазда чIегIербоцIул ва гIи-цIцIаназул къадар дагьлъизе течIого, гьан, рахь гIезаби цIикIкIинабизе ва пачалихъалъул планал тIуразаризе. 

 

Районалъул киналниги захIматчагIаз гьесие кидагосеб баркала кьола росабалъе газ бачине гьабураб жигарчилъиялъухъ. Гьесухъа бажарана Хасавюрталдаса Азербайжаналде унеб, щивго хъвазе толареб газалъул трубаялдаса пайдаги босун, Казбекалде гьеб халкъалъе цIакъго хIажатаб магIдан бачине. Гьеб букIана бюрократиялда тIад босараб унго-унгояб бергьенлъи ва гIадамазе кIудияб рохел.

 

Гьеб гуребги, цогидал суалал гIумруялде рахъинари мурадалда райисполкомалъул председатель МухIудиница партиялъул обкомалде, Министрзабазул советалде гьарурал гьариял, гьесул жигарчилъиялъул, къадру-къиматалъул хIисабги гьабун, нахъчIвачIого тIуразарулаан. МухIудинил гьунарлъун рикIкIуна райцентралда бараб гIатIидаб культураялъул кIалгIаги.

 

Гьесул хIаракаталдалъун Дилим, Ленинаул, Калининаул росабазул къватIазде хъил тIу- ралдаса тIубанго хисана гьезул сипат ва гIумру гьабулезул санитариябгун культурияб даража.

 

Райисполкомалъул председателасул гIадамазда цеве вацIцIадго хIалтIиялъул хIакъалъулъ гIемерал биценал руго районалда. Жакъа захIматаб жо буго жиндиего давла босуларев хIаким ватизе. Партиялъул ва советиял хIалтIабазда гIумру аниги, МухIудиница жиндиего босичIо я машина, я рукъ, я ракьул бутIа. Гьес хIаракат бахъулаан гIадамазул мурадал тIураялъе. КIудияб бутIа лъолаан лъималазе букIине кколеб захIматалъулаб ва рухIияб тарбия кьеялъулъ. Гьединлъидал гIажаиблъизе ккараб жо гуро республикаялъул батIи-батIиял бутIабазда хIалтIулев вукIарав гьесул вас ГIабдулмуслимица жакъа Дагъистаналъул хIукуматалъе нухмалъи гьабулеб букIин. Къокъабго заманалда республикаялъул экономика ва социалияб рахъ цебетIеялъе гьесул нухмалъиялда гъоркь гьарулел хIалтIабазул лъикIаб хIасилги бихьулеб буго.

 

ГI. ГIабдулмуслимов ккола Дагъистаналъе автономия кьураб 1921 соналдаса байбихьун, 105 соналда жаниб республикаялъул хIукуматалъул 20-абилев председатель.

 

МухIудинил цIар кьун буго райцентралъул цо къватIалъе ва гьев учительлъун хIалтIулев вукIараб Гертма росдал школалъе.

 

Данделъиялъул пайдаяб рахъ букIана гьенир районалдаса рахъарал Россиялъул БахIарзал Юрий Салимханов, Арзулум Ильясов, МухIамадказим Гайирханов ва гьединго республикаялъул идарабазда хIалтIун жал лъикIаб рахъалдасан рихьизарурал вакилзабазул хIакъалъулъ бицен гьабиги. Гьел ккола ХIаписат ХIамзатова, ГIабдулвагьид Муслимов, Батир Батиров, Сайгидпаша ГIумаханов, Салман ХIажимухIамадов, Гунаш Набиев, ГIабдулхIаким ХIажиев, АхIмаднаби МагьдихIажиев, Руслан ГьитIинов, Башир Байтемиров, Назирхан МухIамадов.

 

Гьезул ва нилъедаса ватIалъун 20 сон тIубарав М. ГIабдулмуслимовасул гIумруялъул мисалал руго гIолеб гIелалъ жидедаса пайда босизе рекъарал.