«ХIакIикъаталъухъ» гьоболлъухъ вук1ана СВОялда гIахьаллъулев ГIуриб росулъа ХIасанхIусенов МухIамад.

«ХIакIикъаталъухъ» гьоболлъухъ вукIана Украинаялда унеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъулев Шамиль районалъул ГIуриб росулъа ХIасанхIусенов МухIамад. ВатIаналда цебе тIадаб борч тIубалаго бихьизабураб бахӀарчилъиялъухъ «За отвагу» медальги кьуна гьесие дагьалъ цебе. Гара-ч1вариялъул гьитӀинабго кесек лъолеб буго гьаниб. Раг1а-ракьанде щун Мух1амадица бицараб батила нужеда газеталъул хадусеб номералда.