БахIарчиясул хIурматалда

Щуабилеб сентябралда Казбек районалда тIобитIана Россиялъул бахIарчи Арзулум Ильясов гьавуралдаса 70 сон тIубаялъул хIурматалда ракIалдещвеялъулаб тадбир.
Россиялъул БахIарчи, милициялъул полковник, Дагъистаналъул СОБРалъул командир, юридикиял гIелмабазул кандидат Арзулум Ильясов гьавуна 1953 соналъул 2 сентябралда Казбек
районалъул Гуни росулъ. I983 соналдаса байбихьун гIумруялъул ахиралде щвезегIан хъулухъ гьабуна СССРалъул Жанисел ишазул министерствоялъул гIуцIабазда, мухъилав милиционерасул хъулухъалдаса байбихьун, СОБРалъул командирасде щвезегIан.
Арзулум Ильясовасул бетIерлъиялда гъоркь халкъазда гьоркьосел ва бакIалъулал террористал, хъачагъал кквеялъул мурадалда тIоритIана анцI-анцI операциял. 2005 соналъул 15 январалда Каспийск шагьаралда террористал кквезе иргадулаб гьужум гьабулаго щвараб хвалилаб ругъуналъ гьев нилъедаса ватIалъана.
Арзулум мустахIикълъана «БахIарчилъиялъе гIоло» кIиго орденалъе, «ВатIаналда цебе гьабураб хъулухъалъе гIоло» орденалъе, «ТIокIлъиялъе гIоло» ва цогидалги медалазе.