Учителасе пенсия чIезабулеб къагIида хисизабизе ракIалда буго
Пенсия чIезабиялъул батIияб къагIида букIине кколин абураб пикруялда, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Россиялъул пенсионеразул партиялъул председатель Игорь Зотовас хIадурун буго законалъул цIияб проект. Гьелда рекъон, учителасулги тохтурасулги пенсиялъул хIисаб гьабизе ккола пачалихъиял хъулухъчагIазулго гIадин.
Гьениб бицунеб буго, 15 соналъ гьоркьоса къотIичIого школалда хIалтIарав учителасул пенсиялъул роцен бащалъизе кколин гьоркьохъеб моцIрол харжалъул 45 проценталда. Гьелдаса хадубги учитель хIалтIулев ватани, щибаб сонги хIисабалде босун, пенсиялде тIаде жубазе ккола жеги лъабго процент. Херлъиялда бан кьолеб пенсиялъул страховияб бутIаги социалиял пособиялги цадахъ рикIкIун, пенсия букIине бегьуларо гьоркьохъеб моцIрол харжалъул 75 проценталдаса цIикIкIараблъунги.
Игорь Зотовас гьадин бицана гьеб проекталъул хIакъалъулъ: «Экономикаялъул хIалкъай бугинги абун, жигар бахъулеб буго пенсионеразул кисабахъ «чIухь базе». Гьелъул мурадалда цIикIкIинабулеб буго пенсиялде унеб ригь ва пенсиязул индексация гьабизеги инкар гьабулеб буго, хIалтIулел пенсионерал пенсиялдаса махIрум гьарулел руго. Иш гьедин букIаго, пачалихъиял хъулухъчагIазулалде бахинабизе ккола учительзабазулги тохтурзабазулги пенсия», – ян.
Россиялда хIалтIулеб буго пенсия чIезабулеб кIиго батIияб закон. Цоялда рекъон чIезабула хIакимзабазул пенсия: моцIрол харжалъул 75 проценталда бащалъула гьеб. КIиабилеб законалда рекъон чIезабула бюджетиял хIалтIухъабазул пенсиялъул роцен: гьабсагIаталда гьеб буго моцIрол харжалъул 40 процент. БукIана 24 процент кьолеб заманги. «Гьаниб ритIухълъи цIунизе ккола ва улкаялда букIине ккола пенсия чIезабулеб цо закон. ХIакимзабаздеги бюджеталъул хIалтIухъабаздеги бикьараблъун букIине бегьуларо улка», — ян абуна депутатас.
«ЦIакъ лъикIаб пикру буго гьеб. Амма гьеб хIакъикъаталдаги гьедин гьабиялда щаклъула дун. Мисалалъе, дида бичIчIуларо: дица хъулухъ лъие гьабулеб бугеб – улкаялъе гурищ? Учительзаби гьабсагIаталда хIинкъун руго 25 соналъ хIалтIаралъухъ пенсиялдасаги махIрумлъизе гурин. 25 соналъги хIалтIун, пенсиялдеги ун, парахат чIоларо ниж, хIалтIула. Кинха гьеб пенсиялъухъ гIумру гьабилеб?» – ан бицана РФялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул жамгIияб советалъул член, Россиялъул мустахIикъай педагог Майя Пильдесица.
Федерациялъул Советалъул социалияб политикаялъул комитеталъул председатель Валерий Рязанскиясги абуна, учительзабазулги тохтурзабазулги гIумру лъикIлъизабулеб гьеб пикру лъикIаб бугин, амма бюджеталда хIалкъан букIинги хIисабалде босун, улкаялъул хIукуматалъ пенсиязул фондалъе кумек гьабиялде жив щаклъулин.
Пенсия цIикIкIинабиялда цадахъго цогидал рахъазги учителасе квербакъизе кколин абуна Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъулги гIелмуялъулги комитеталъул член Алена Аршиновалъ. «ХIакимзабазулалда учителасул пенсия бащалъизабуни, педагогасул гIумруги лъикIлъила, хIухьбахъиялъе ресги щвела. Жеги ургъизе ккола учителасул хIалтIуе мустахIикъаб къимат кьеялда тIадги. Масала, классалъе нухмалъи гьабуралъухъ кепкалги кьун тезе бегьиларо гьел: гьеб буго тарбиякьеялъул кIвар бугеб иш ва гьелъухъ тIаде кьолеб гIарацги букIине ккола рекъараб роценалъул. Чебоксаралдаги Москваялдаги хIалтIулев учителасул батIи-батIияб харж букIинги рекъечIеблъун бихьула дида», — ян бицана Аршиновалъ.