Запись

Инсанасул ихтиярал цIуни – жамгIияталъул цебетIей

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас дагьалъ цебе тIобитIана Дагъистаналда инсанасул ихтиярал цIуниялъулги гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулги хIакъалъулъ бицараб данделъи. Гьелда аслияб кIалъай гьабуна гьел масъалаби тIураялъул рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб советалъул председатель Зикрула Ильясовас. Гьеб кIалъаялъул аслиял пикраби кьолел руго гьанир.   ДАССР гIуцIаралдаса 100 сон Жакъа гьаб данделъиялда гIахьал-лъулев вуго республикаялъул бетIер. Гьеб...

Запись

Сталинги вачIун кьуна автономия

Дагъистан автономияб республикалъун (ДАССР) лъазабуралдаса исана нусго сон тIубана. Гьеб тарихалда бан, 13 ноябралда Буйнакскиялда данделъун рукIана шагьаралъул мэриялъул вакилзабиги жамгIиял хIаракатчагIиги. Гьез республикаялъул хIукуматалде хитIаб гьабуна ДАССР гIуцIун нусго сон тIубаялда бан республикаялда гьарулел аслиял тадбирал Буйнакскиялда тIоритIеян.   1920 соналъул 13 ноябралда Сталинги вачIун, Темир-Хан-Шура тIобитIана Дагъистаналъул халкъазул съезд. Гьелда гIахьаллъана 300 делегат....