ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас дагьалъ цебе тIобитIана Дагъистаналда инсанасул ихтиярал цIуниялъулги гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулги хIакъалъулъ бицараб данделъи. Гьелда аслияб кIалъай гьабуна гьел масъалаби тIураялъул рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб советалъул председатель Зикрула Ильясовас. Гьеб кIалъаялъул аслиял пикраби кьолел руго гьанир. ДАССР гIуцIаралдаса 100 сон Жакъа гьаб данделъиялда гIахьал-лъулев вуго республикаялъул бетIер. Гьеб...
