Запись

К столетию со дня рождения дважды Героя Советского Союза Амет- Хана Султана

Театрализованная постановка маленьких артистов для детей.   Лаура Бакриева – руководитель основанного пять лет назад в Дагестане молодежного патриотического движения «Амет- Хановцы», названного в честь легендарного летчика испытателя , дважды Героя Советского Союза Амет-Хана Султана. Движение ставит перед собой цель возродить отношения братства и взаимовыручки народов России, сформировать кадровый резерв российской авиации, внести вклад в...

Запись

Рагъда гIахьаллъарал улкаби

(Цебесеб 6-номералда)   Бразилия Рагъда гIахьаллъараб заман: 1942 соналъул 22 августалдаса 1945 соналъул 2 сентябралде щвезегIан. Халкъалъул къадар (1942 сон): 43,1 млн чи.Рагъул авалалда Бразилиялъ цонигиязул рахъ кколеб букIинчIо, щайгурелъул 1930-абилел соназда Германия букIана бича-хисиялъул рахъалъ гьелъул аслияб къайицадахълъун.Немцазул ва италиялъулазул лъелъ рукъулел гумуз Бразилиялъул гумузде гьужум гьабун хадуб, улкаялъул гIадамазул немцаздаса разилъунгутIи загьирлъана. Гьелдаса...

Запись

Рагъда тIагIарасул лъалкI батана

ГIахьвахъ районалъул КIудиябросулъа Шамхал Асведов КIудияб ВатIанияб рагъде ана жиндиего бокьун. Гьев чIван вуго 1942 соналда, Сталинградалда. Амма лъалеб букIинчIо гьев вукъараб бакI. ГIицIго 1989 соналда, Къамишхъутаналъул гимназиялъул ТОКСалъул отрядалъул кумекалда­лъун, кIвана гьесул хоб бугеб бакI балагьизе. Гьеб батун буго Серафимовский районалъул Старосенюткин росулъ. Гъоркьиса кIудадал хабаде щвезе ун рукIана вацал Шамхаловал: Шамхал, Асвед ва...

Запись

Солдатасул жаваб

КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб соналъго фронталде ана Хунзахъ районалъул ТIадколо росулъа 15 гIолохъанчи. Гьезда гьоркьоса микьгоял абадиялъго хутIана кьалул майданалда. Гьезда гьоркьор рукIана: лъабго вац — ГIамирхан, МухIамадхан, НургIали Гереевал, Аминов ГIа­ли­гъалбацI, ГIаб­ду­ла­тIипов Батир, 17 сонцин бачIев ГIабдулаев Ибрагьим. 1941 соналъул августалда Орджоникидзе шагьаралда байбихьана МухIамад Хъайтмазовасул рагъулаб нух. Гьенисан МухIамад щвана Псков областалъул Великие...

Запись

3 марта-Штурм острова Корфу

3 марта 1799 года русская эскадра Федора Ушакова взяла крепость Корфу в Средиземном море. Решительные действия великого флотоводца позволили овладеть неприступной крепостью с минимальными потерями. Суворов писал Ушакову: «Зачем не был я при Корфу, хотя бы мичманом!» (Источник информации — портал История.РФ, https://histrf.ru/lenta-vremeni/event/view/shturm-ostrova-korfu)

Запись

Афгъаназул мугIрузда…

Гьезулги рукIана анищалги, мурадалги, хьулалги. Гьезул кечIги боржунаан йокьарай ясалъул гордахъе, гьей рокъой ятичIого, цо-цо тIадбуссунги бачIунаан гьеб. Цо-цоязухъе битIараб гьеб цIвабзахъеги боржунаан.   Араб гIасруялъул ункъоабилел соназул гIолилал. ГIумруялъухъ гIащикълъарал гьезул ракIал цIун рукIана, киналго гIолилазулго гIадин, рокьул – гIагараб ракьалдеги, йокьарай ясалдеги, ватIаналдеги, улбуздеги… Улбуз ахIарал кинидахъ кучIдуз тIоцебесеб нухалда бицана гьезда талихIалъул...

Запись

Ахирисеб кагъат

— Вай, бабал дару-дарман, эбелалъул берзул канлъи, дир рекIел тIегь, бабал мацIалда хъвараб гьоцIо. Унго-унголъунги чIалгIун йигеб куцха дун духъ, Шамил. ГIащикълъиялъ ургьимес гьалдезабулеб бугоха, эбелалъул маулхIаят! Бокьун бугеб куцха, дур кIаркьеналда дирго кIаркьенги цвизабун, мун каранде къазе… Гьедин гаргадилей йикIана ПатIимат, Шамилил сураталде тIадеги къулун. Гьелъ хъвалеб букIана армиялда хъулухъ гьабун вугев васасухъе кагъат.Амма...

Запись

Рагъда гIахьаллъарал улкаби

(Цебесеб 6-абилеб номералда) Бельгия ГIахьаллъи гьабураб заман: 1940 соналъул 10 май — 1945 соналъул 8 май (1824 сордо-къо).Халкъалъул къадар (1939): 8,367 млн чи.Рагъул байбихьуда Бельгиялъ лъазабун букIана лъилго рахъ кколарин. 1940 соналъул 10 маялда Германиялъ Бельгиялда кьаби щвезабидал, гьеб улка хIажатаблъун ккана Англиялдагун Франциялда кумек гьаризе.28 маялда Бельгиялъ лъазабуна жал къунин ва улкаялъул нухма-лъуда вукIарав...

Запись

Нижедаги лъана доб рагъул кьогIлъи

ТIубараб росу Чачаналде гочинабулеб заманалда ункъо сон барав вас вукIана дун. Дидаса кIиго соналъ кIудияв Булатханил букIана анлъго сон. Лъабабилев вас Байдуко гьеб заманалде хун вукIана. Гьеб букIана 1944 сон. Мугъзда чIван дунги, кверги ккун Булатханги вачун эбел къватIие яхъана, кинабго магIишатги гъоркьго тун. МагIишатги нижер квешаб букIинчIо, эмен хIалтIулев вукIиндалха харж щолеб хIалтIуда. Гьев...