Намус билизе течIел
Спорталъ кьола къуват, гьелъул кумекалдалъун кIола захIмалъаби къезаризе
Гьале тIаде щвана халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо – 8 март. ХIурматиял руччаби, хириял улбул, яцал, лъудби ва ясал, баркула нужеда гьаб ихдалил берцинаб ва гьайбатаб нужер гьимиялъ гвангъизабураб, байрам. Халкъалъул гIумру тIей гьечIого бухьараб буго лъикIал ишазулъ, жамгIияб гIумруялъулъ нужер чIагояб гIахьаллъиялда. Нужеца кьола гIумру, бергьенлъаби росизе къуват ва ракьалда бекьула гIицIго гьудуллъи, рекъел ва гIаданлъи. Дагъистанги исламияб динги цIунун къеркьолаго, АхIулгохIда ккарал рагъазулъги гIахьаллъи гьабуна магIарул руччабаз, гьединго КIудияб ВатIанияб рагъул заманалдаги бахIарчилъи бихьизабуна руччабаз. Лъималазе лъайгун тарбия кьеялда, сахлъицIуниялда, росдал магIишаталда ва гIумруялъул цогидалги рахъал церетIезариялдаги ккола чIужугIаданалъ кIудияб бакI. Гьездаго гъорлъе уна спортивияб рахъги. БатIи-батIиял спортивиял тайпабазда церерахъунел ва дунялалдаго машгьурал спортсменкаби дагьал гьечIо нилъер. Гьединал цо-цоязул хIакъалъулъ бицен гьабулеб буго гъоркьехун.
Земфира МухIамадгIалиева (29 сон)
Земфира ккола боксалъул рахъалъ Россиялъул, Европаялъул ва дунялалъул чемпионка. ЛъаратIа районалдаса магIарулалъ кIудияб спорталде гали бегьана ядро тункиялдаса. Гьеб спортивияб тайпаялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIасабищараб командаялда гъорлъги йикIана гьей тIадегIанаб лъайкьеялъул идараялда цIалулеб заманалда. «Халатал, къуватал кверал ва борхатаб къаркъала букIиналъги батила, боксалъул тренерас кидаго абулаан дида боксалде хьвадизе кколин, амма гьесул гьари гIадахъ босичIого тана гIемераб заманалда. Ахир-къадги, университет лъугIун хадуб, ячIана боксалде. Доб заманалда дир букIана 24 сон», — ан бицана Земфираца. Гьей батIи-батIияб заманалда хьвадана армреслингалъул, регбиялъул ва жубараб речIчIухъанлъиялъул секциязде. Яс боксалде хьвадулей йигеблъи эбел-инсуда лъалеб букIинчIо, СКФОялъул чемпионкалъун гьей яхъинегIан.
— Эбел-инсуца ва гIагарлъиялъ кинаб къимат кьураб дуца тIасабищараб нухалъе?
— БитIараб бицани, тIоцебе гьезда дун йичIчIулей йикIинчIо. Абулеб букIана, магIарул чIужугIадан шортикалги ретIун рингалде яхъунарин. Амма дица цогидаз гIадин къокъал шортал кидаго ретIичIо. Гьел рукIине ккола халатал, накабаздаса гъоркье щварал, ялъуни гъоркьан ретIуна тIажу. Инсуе спорт бокьулелъулги батила, заман иналдего, дица гьабулеб ишалъул рахъккуна. гьес. Эбел ва гIагарлъи дагь-дагьккун ругьунлъана.
— Дур гIумруялда жаниб аслияб бакI сунца кколеб?
— ТIоцебесеб иргаялда, чIужугIадан ккола эбел, хъизан-рукъалъул хинлъи, богорукъалъул хважаин, ва цогидабщинаб букIине ккола кIиабилеб бакIалда. Гьедин буго дирги — росасеги ана, эбеллъунги яхъана. Амма, дир пикруялда, церелъурал масъалабиги тIуразаризе ккола, кигIан захIматал ва бажаруларин ккарал рукIаниги. Бокс тIасабищунилан кидаго рекIекълъичIо ва хадубккунги батIи-батIиял къецазда, чемпионатазда цееяхъине йиго.
Зайнаб Булачева (43 сон)
Зайнаб ккола ветераназда гьоркьоб бакIаб атлетикаялъул (штанга борхи) рахъалъ чанго нухалъ Россиялъул ва Дагъистаналъул чемпионка. Гьей гьаюна ва гIуна Казбек районалъул Буртунай росулъ.
— Кида ва кин гьудуллъи ккараб спорталъулгун?
— Спорталде дун ячIана нахъа, кIиго лъимадул эбеллъун яхъараб мехалъ. ГIолохъанаб заманалда цIакъ бокьулаан бакIаб атлетика, амма гьеб спортивияб тайпаялде хьвадизе, хасго цееяхъине, къецазда гIахьаллъизе ракIалдацин букIинчIо. Школалдаги дун цIалулей йикIана гIицIго «щуйил» къиматазда, бокьулаан художествиял тIахьал цIализеги. Физкультураялъул учительзабаз батIи-батIиял спортивиял тайпабазул рахъалъ къецазда гIахьаллъизеги ячунаан дун. Цо нухалъ къецазда дица рехараб граната, рихьизарурал гIорхъабиги тун, рикIкIаде иналъ, батизецин батичIо. 30 сон барай дун цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталде, физкультураялъул факультеталде. Гьений кIиабилеб курсалда йигей чIужу щвана бакIаб атлетикаялъул къецазухъ балагьизе ва гьеб мехалда рокьи ккана рехсараб спорталъул тайпаялъухъ. Хадуб байбихьана бакIаб атлетикаялъе ругьун гьайизе, лъай-хъвай ккана Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул тренеразулгун. ТIоцересел къецаздаго яхъана Дагъистаналъул чемпионкалъунги.
— Дур гIумруялда жаниб аслияб бакI сунцаха кколеб?
— Дун росасе ана кIицIул. ТIоцебесеб ригьнадаса буго кIиго лъимер, кIиабилелдаса цо. Спорталъ кьуна дие къуват, ругьун гьаюна гIумру гьабизе, къеркьезе. ЗахIмалъаби гIемер рихьана, амма спорталъул кумекалдалъун къуркьичIо, хIеличIо ва хIарщулъе ккечIо. Дир руго цIакъ цоцазул адаб-хIурмат гьабулел, гьуинлъиялда рукIунел лъимал, мугъчIвай гьабизе бегьулев рос. МагIарул чIужугIаданалъе тIокIабги щиб къваригIараб? Аллагьас сахлъиялда таги киналго.