«Анжи» букIинадай, букIинародай?

МахIачхъалаялъул командаялъ сезон лъугIилалдего премьер-лигаялъулгун къо-лъикI гьабулеб буго

 

РагIалде бакIарулеб буго футболалъул рахъалъ исанасеб Россиялъул чемпионаталъул сезон. КIиго тур хутIана гьелъулгун къо-лъикI гьабизе. Кинаб ахIвал-хIалха бугеб МахIачхъалаялъул «Анжиялъул»? МахIниги лъикIаб гьечIо. Ахирисеб хIаялда, ай премьер-лигаялъул 28-абилеб туралда махIачхъалаялъулаз къабул гьабуна Тулаялъул «Арсенал» команда ва 1:0 хIисабгун МахIачхъалаялъул команда къуна. Гьелдаса хадуб букIараб пресс-конференциялда «Анжиялъул» бетIерав тренер МухIамад Адиевас лъазабуна жинца ва командаялъ премьер-лигаялда хутIизе бажарараб гьабулеб букIанин, амма хIасил гьадинаб кканин.
ТIоцебесеб дивизионалде «Анжи» кканиги, гьелъул президент ГIусман Къадиевасда ракIалда гьечIо командаялъулгун къо-лъикI гьабизе. «Дун «Анжиялъул» президентлъун лъицаниги течIо. Дун гьеб хъулухъалде вачIана команда захIматаб ахIвал-хIалалда бугеб заманалда. ГьабсагIатги иш лъикI гьечIо. Амма къеркьезе вуго цIидасанги «Анжи» бергьенлъабазде бачине. «Анжиялъ» жеги ахирисеб рагIи абичIо», — ян абуна гьес.
Бицана гьес Ма-хIачхъалаялъул командаялъул футболистазда цере ругел налъабазулги, Дагъистаналъул нухмалъиялъ гьабулеб гьечIеб кумекалъулги. «Футболистазе клубалъ кьезе ккола гIага-шагарго 300 миллион гъуруш. Ахирисеб нухалъ гьезие харж кьун букIана бащдаб лъагIелалъ цебе. Гьеб суал тIубазе кумек гьабеян гьарун дун щвана республикаялъул нухмалъиялъухъе. Гьез абуна гIарац гьечIин. Дирго чвантиниса 60 миллионалдасаги цIикIкIун гIарац хвезабуна «Анжиялда» тIад. Гьелъул бицунеб мех гуро. Амма цогидазе Дагъистаналъул командаялъул ургъел гьечIеб заманалда ццим бахъинчIого хутIулеб гьечIо», — ян лъазабуна гьес.