Бокьула дие мун, гIагараб ВатIан

Цевевахъине вуго магIарул байрахъалда гъоркь

 

Гьал къоязда нижехъе гьоболлъухъ вачIун вукIана Турциялда гIумру гьабулев жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ цевевахъунев Хунзахъ районалъул Гиничукь росулъа спортсмен СайгитхIусен АрслангIалиев. Азиялъул One Championship гIуцIиялъ тIобитIулеб иргадулаб турниралда СайгитхIусен дандчIвана Австралиялъул спортсмен Ев Тинггун ва, 30 секундалда жанив гьевги нокауталде ккезавун, ворчIана Гран-Приялъул хадусеб бутIаялде. Гьадинаб гара-чIвари букIана нижер СайгитхIусен АрслангIалиевасулгун.
— Кида ва кин вачIарав мун спорталде?
— ГьитIинаб къоялдаса нахъего Буйнакскалда дун хьвадулев вукIана батIи-батIиял спортивиял секциязде. Цин хIалбихьана боксалъул ва хадуб, ункъо класс лъугIидал, хьвадизе байбихьана «Пять сторон света» спортивияб школалде ушу саньдаялде. Эбел-эменги Турциялда рукIун, 10 класс лъугIизегIан дир рукълъун лъугьана рехсараб школа — гьенивго кьижулаан, квана-гьекъолаан ва тренировкабазде хьвадулаан.
— Кин нужер хъизам ккараб Турциялде?
— Эбел-эмен руго даран-базаралъу­л чагIи ва гьанжеялдаса 20 соналъ це­ре гIемер хьвадулаан гьел Турциялде ретIел-хьиталда, бусен-къайиялда хадур. Гьедин даран-базаралда рукIаго, ракIалде ккун буго Турциялда минаги босун гьенирго чIезе.
— Кида бегьараб профессионалияб спорталде гали?
— БитIараб бицани, ракIалде­цин кколароан жубараб речIчIу­хъан­лъиялъул рахъалъ профессионалияв спортсменлъун вахъинин. Турциялде щвараб заманалда гьенив хьвадизе байбихьана джиу-джитсуялде, гьеб спортивияб тайпаялъул рахъалъ цевевахъине. Дагь-дагьккун рачIана хIасилал ва гьеб дие бокьизе байбихьана. Дагьабги махщел камил гьабизейин пикруялда тренергун цадахъ сапар гьабуна Бразилиялде, гьеб кколелъулха джиу-джитсуялъул ватIан. КIиго анкьалъин абун рехсараб пачалихъалде щварал чагIи гьенир хутIана лъабго моцIалъ. Абизе ккола, Бразилиялда щвараб хIалбихьиялъ квер ккун вачана дун профессионалияб спорталде.
— Кин ккарав Азиялъул промоушеналде?
— Тренерасул бухьен буго гьеб промоушеналъулгун ва, гьесул бихьизабиялда рекъон, щвана One Championshipалъул халгьабиязде. Гьезие дунги дие гьелги рекIее гIуна ва гьабуна къотIи-къай.
— Ахирисеб къеркьеялъул бицани бокьилаан. Гьелда дуца дандияв нокауталде ккезавуна 30 секундалда жанив…
— Ев Тинггун къеркьезе бокьилищ абун One Championship гIуцIиялъул вакил кIалъараб заманалда дун вукIана Дагъистаналда. Хехаб къагIидаялда чемоданги бакIарун, щвана Турциялде ва гьенисан къеркьеялде хIадурлъизе ана Тайландалде. Турнир букIана Сингапуралда ва гьенибе виза рагьулеб букIинчIолъиялъ ккана квалквалал. ЗахIматаб къеркьеялде вахъинелде бакIалъул гьава-бакъалде ругьунлъизе кколелъул, бокьун букIана рехсараб пачалихъалде цевеккунго ине. Амма рес рекъечIо. Визаги гьечIого лъабго сордо-къоялъ гурого рукIине бегьуларо Сингапуралда. Гьедин дицаги гьениб лъабго сордо-къо гурого бачIо. Ев Тинг рикIкIуна промоушеналда дир цIайиялда бищунго къуватал спортсменазул цоявлъун. Гьединлъидал къеркьеялде дун хIадурун вукIана лъикIго. Гьелде тIадеги ругьун гьавулаго дие кумек гьабуна Ев Тингидаса цевеккун бергьун вукIарав спортсмен Марат Гъафуровас. Цевевахъунелъулги цадахъ вукIана Марат. Дир менеджергун тренер Юсуп СагIадулаевасги кIудияб кумек гьабуна къеркьеялде хIадурлъизе.
— Хадусев дандиясул цIар лъалищ?
— Церекъад кIалъан рачIана кватIичIого цIидасанги октагоналде вахъине кколин. Къеркьей тIобитIизе бегьулила Рамазан моцIалъ. Цин гьелдаса инкар гьабун букIана. Амма хадуб ургъараб заманалда гьабсагIат къеркьеяздаса инкар гьабун рес гьечIеблъи бичIчIана. One Championship гIуцIиялъ тIобитIулеб Гран-приялъул бащдаб финалалде ворчIун вуго дун. Хадусел къеркьеязда рес буго UFCялда церерахъунел рукIарал Эдди Альварес гIадинал машгьурал спортсменалгун къеркьезе. Ният гьабуна кIалал ккун рукIаниги, кигIан захIмат букIаниги, Рамазан моцIалъ букIине бугеб турниралда гIахьаллъизе. Дандиясул цIар жеги лъаларо. Бокьун буго бачIунеб турниралда магIарул байрахъалда гъоркь цевевахъине. Дида Турциялда гIемераз гьикъула киса-щив кколевин абун. Киназего жаваблъун букIина байрахъ. Биччанте дир хIакъалъулъ лъазе бокьараз байрахъалъул цIехезе, магIарулал щал кколелали лъазабизе. ГIумру гьабун Турциялда вукIаниги, дир ВатIан Дагъистан ва дун магIарулав кколелъулха.
— Анищал кинал ругел?
— Профессионалиял спортсменазул анищ цо букIуна — церерахъунел спортивиял тайпабазул Олимпалде рахъине. Жубараб речIчIухъанлъиялъул Олимп жакъа къоялъ ккола UFC. Бокьилаан гьеб гIуцIиялъул турниразда цевевахъи­не, дунялалъул бищунго къуватал речIчIухъабигун къеркьезе. Дир буго 24 сон ва цебелъураб масъала тIубазабизе бажариги, гьунарги, заманги гIелин ккола.
— Спорталда мисал лъидаса босулеб?
— ГIемер руго къуватал ва машгьурал спортсменал. Амма къуватги машгьурлъиги букIун гIоларо, гIадамаллъунги хутIизе ккола. Дида берцин бихьула МухIамадгIалил гIумруги гьесул спортивияб нухги. Гьев вукIана унго-унгояв боксерги бусурманчиги. Руго гьесул гIумруялда гIемер гвангъарал, мисал босизе мустахIикъал лъугьа-бахъинал ва хIужаби.
— ГьабсагIаталда кив ругьун гьавулев вугев?
— Аслияб къагIидаялда Турциялда. Гьениб буго «Даги» абун дир цIар кьураб спортивияб зал. Дида Турциялда гIемерисез Дагъистаналдаса вукIиналъ абула Дагийин. Гьеб залалда гьавула ругьунги.