«Волейбол букIинчIебани, сунде руссундай рукIинаан гьанир гIадамал?»

 
Волейболалъул таргIие лъураб памятник Дагъистаналда цохIо ТIануси росулъ гурони батиларо. ГIезегIан соназ цебего гьенибе газ бачунелъул «Газпромалъул» вакилзабаз бараб кIудияб спортзалалда цебе буго гьеб. РакIалде щвеялъе щиб нужее гьаниб телебин гьикъидал, таргIие памятник лъейин абун буго тIанусдерица гьезда.
 
 
 
Волейболалъулгун гьезул гIадаб гьоркьоблъи букIарабани, цогидал росабазги абилаан гьединго. Цо нухалъ хундерикьайищ, гIабадерикьайищали волейбол хIалаго къурал тIанус лъагIалицаниги кIалухъ рахъун руго (гIадлъун гьебгун). Волейболалъулгун гьоркьоблъиги гьениб байбихьун буго 1930-абилел соназдасанго — Хунзахъ тIалъиялде хIалтIизе витIарав гIурус учителас сеткаги торгIоги цадахъ босун бачIиндал. 
 
 
 
«Росдал захIматчи» газеталъул сайталда хъван буго битIун гьеб заманалда районалда волейбол цебетIеялъе кьучI лъурал чагIи кколин Дибиров, ГIалибег ГIумаров, МухIамад Давудов, МухIамад Сулейманов, МухIамад ГIабдулмаликов, Ахъверди Ахъвердиев, МухIамад Мирзоев ва цогидалги. 1954 соналда Хунзахъ районалъул команда чемпионлъун бахъана Россиялъул росабазул командабазда гьоркьор Воронежалда тIоритIарал РФялъул №Урожай» обществоялъул волейболалъул къецазда. 
Гьенир хIалел рукIун руго ХIосен-ХIажи Атаев, ХIасан ГIумаров, МухIамад ГIаликулов, Абус ХIайдарбегов, Гъази МухIамадов, ХIажидада Асадулаев, МахIач ГIалиев, ХIамзат Юсупов.
 
 
Гьезул хIаялъ асар гьабурал волейболистазул чанго гIел гIуна долдаса нахъе Хунзахъ тIалъиялда. Гьезул цояв ккола ТIанусиса ГIубайдула МухIамадовги. Филологлъун цIаланиги, цадахъго волейболалъул тренерлъиги гьабулаго гIумру ана гьесул. Исана риидал ТIануси ккараб нижер дандчIваялда гьадин ракIалде щвезабуна ГIубайдулаца Хун-
захъ тIалъиялъе волейбол хиралъиялъе гIилла: 
WhatsApp Image 2022 11 07 at 17.10.41
 
 
 
— ЧIахIияз бицунеб рагIулаан гIурдузда чIвазе цадахъ сеткаги понцIолеб торгIоги босун, Советский ва Хьаргаби районаздеги хьвадулаанила волейболистал цебе заманалда гьеб 
тайпа машгьур гьабизелъун. Дун гьитIинаб мехалда рукIунаан гьел кирзовый таргIал, нилъецаго понцIолел. ГьанжегIагар Гьолокь росдал волейболистазги такрар гьабуна 
доб мехалда хундерица улкаялдаго босараб бергьенлъи. Хунзахъ районалъул росабазул бицунеб бугони, гьабсагIаталдаги руго гьенир лъикIал командаби – ГьоцIалъ, ГIобода, 
Гъонохъ, ТIануси, Гьамущи-Мущули, ЛъагIилухъ. Спортзалал гьечIел росабиги гьечIо сверухъ. Югалъул рахъалда тIоритIулел къецазда хундерил командаялда гъорлъ санайилго тIанусдерил кIи-кIи, лъаб-лъаб чи вукIуна. Гугарухъабиги руго районалда, амма волейболалъул гIадаб цебетIей гьечIо. Кутакалда гьелъие квербакъарал чагIи ккола ГIахьалчIи росдал школалъул директорлъун вукIарав ГIамир, ТIануси школалъул вукIарав директор ГIабдухаликъил МухIамад – жеги гIемер чагIи рехсезе бегьула.   
Волейбол букIинчIебани, сундехун руссинел рукIаралалиги лъаларо гьанир гIадамал. РакIалда буго, каникулазул заманалда тIанусдерил командаялда гъорлъ «Росдал захIматчи» газеталъул кубокалъе гIоло хIалев вукIана дун 1969 соналда. Гьелдаса нахъе нижер команда бищун лъикIазда гъорлъ рехсола, кидаго бергьинеги бергьуна. Советияб заманалда «хьвадулел» Кубокал рукIунаан. 1954 соналда улкаялда жаниб Хунзахъ росдае щвараб Кубок росабазда гьоркьор волейбол хIанги кьезе байбихьана (переходящий Кубок хIисабалда). ЛъабцIул тIатIала щвани, командаялъухъго толаан гьеб кидаго. Гьедин нижее щун букIараб хундерил Кубок, чанго соналдасан МухIу ГIалиевасе сайгъат гьабуна нижеца. БукIана заман киналго Кубокал тIанусдерица росарабцин.   
 
 
Гьединго нижер росулъ гIадатлъун букIана школа лъугIун къватIире унел цIалдохъабазулги учительзабазулги командаби цоцалъ къец бан волейбол хIалеб. 
 
 
— Щалха бергьунел рукIарал?
 
 
— Учительзабаз толароан дол (велъулаго). Гьанже хаду-хадур бихьинал-учительзабиги дагьлъана, доб гIадатги хвана. 
 
— Ясаз хIалищ волейбол?
 
 
— Цебе гIадаб кутак гьечIониги, дагьа-макъал ратила гьелги. Гьанже заман хисун бугелъул, гьезул цIайи цогидаб рахъалдехун буго. Масала, мадрасаялде Къуръан цIализейин уна гьел. Амма цебе 13 нухалъниги республикаялъул чемпионаллъун рахъана ТIануси школалдаса ясал (Хунзахъ районалдаса вакилзаби хIисабалда).
 
 
— ГIубайдула, логол борхалъиялъухъ балагьун, мунали хас гьабун волейбол хIазелъун вижарав гIадав чи вуго.  
 
 
— ГIахьалчIи школалда цIалулеб мехалда баскетбол хIалаан дица. Хадув ДГУялъул студентлъун вугелдаса нахъего (микьго соналъ) «Динамоялдаги» хIалаан. Цинги направлениялда рекъон, Болъихъе хIалтIизе витIарав чи, дун, дозул командаялда гъорлъги вукIана. Росулъе (ТIанусиве) тIадвуссиндал, учительлъиялда цадахъго тренерлъиги гьабулаан. Дидаса хадуб гьеб иш тIаде босана МухIамад ГIабдухаликъовас (спортшколалъул директор). Районалда волейболалъул рахъалъ кIудияв тренерги ккола гьев. 
 
 
— Мун физкультураялъул учительлъунищ хIалтIарав?
 
 
— Гуро, дун филолог ккола. «Поэтическое мастерство Расула Гамзатова» абун дипломалъул хIалтIиги хъван букIана дица. Учительзаби къанагIатаб мехалда росулъ историялъул дарсалги тIадкъан рукIана дида. 
 
 
— ВахI, филологиялъулги волейболалъулги кинаб хурхен бугеб?
 
 
— Хурхен щибха букIинеб, жибго дида ккола бокьараб предмет кьолев учитель, лъималгун цадахъ хIалтIулев вукIине кколин сахавги тириявги чийилан. Жибго волейболалъул бицани, кигIан лъикI гьеб хIазе лъаниги, команда лъикIаб лъугьунаро, хIалел чагIи цоцада ричIчIулел гьечIони. Запасалда вугев лъабго чи малъичIого, анлъавго чи хIазе ккола цоцалъги рекъон, цоцадаги ричIчIун. Амма, дир хIисабалда, командабазда гъорлъе рорхатаздаса рорхатал рихьун спортсменал тIаса рищизе байбихьиялъ ахираб заманалда волейболалда гьоркьоса рагъа-рачари абулеб жо лъугIана. Къокъал ругони, гьел гIемер рагъа-рачаризе, рорта-къулизе, эхеде кIанцIезе кколелъул. Гьеб мекъи буго. Рорхатал гурони волейболалъул командаялда гъорлъе рачунел гьечIин абун, гьелдехун кIвар лъугIулеб буго волейболалдехун рокьи бугел цогидазул. Гьединлъидал логохъ балагьун спорт-
сменалги рищун гIуцIизе ккола командаби: къокъал батIаго, рорхатал батIаго.