Машгьурав тренер ракIалдещвеялъе

ТIоцебесеб бакI — «Воин» рагъулабгун спортивияб клубалъул командаялъе

 

МахIачхъалаялъул Бузай Ибрагьимовасул цIаралда бугеб спорт­школалда тIобитIана Дагъистаналъу­л машгьурав тренер Салимгерей Ми­натулаев ракIалдещвеялъе каратэялъул киналго къагIидабазул рахъалъ республикаялъулаб чемпионат. Анлъго батIияб гIумруялъул ригьалъул ва гьелда рекъон 39 цIайиязул категориязул 250 спорт­смен къеркьолев вукIана татамиялда чемпионасул ва призеразул цIаразе гIоло.
Чемпионаталда командаялъулаб тIоцебесеб бакI ккуна «Воин» рагъу­лабгун спортивияб клубалъул командаялъ (тренер Руслан Ражабов). КIиабилеб бакI щвана Салимгерей Минатулаевасул цIаралда бугеб спортивияб клубалъул командаялъе (тренерал ГIусман ХIанипаев, Минатула Минатулаев ва Къалсин Казаматов). Лъабабилеб призалъулаб бакIалъе мустахIикълъана «Рагъулал цIумал» спортивияб клубалъул команда (тренер Юсуп Сулейманов).
«Салимгерей Минатулаев ра­кIал­де­щвеялъе тIобитIараб республикаялъулаб турнир ана тIадегIанаб даражаялда. Нижеца цебеккунго кIудияб хIалтIи гьабун букIана турниралда гIахьаллъизе мустахIикъал спорт­сменал тIасарищиялъе, хIара­кат бахъана Дагъистаналъул бищунго къуватал спортсменал гьенире ахIизе. Гьединлъидал дун разиго хутIана турнир иналъул даражаялдаса. Дир кIудияв вацасул цIаралда чемпионат тIобитIулеб букIараблъи хIисабалде босани, дун цIакъ вохарав вукIана гьеб лъикI иналдаса. Баркала загьир гьабизе бокьун буго спортсменазе, тренеразе ва, гьайгьай, турнир тIобитIизе зал кьураб спорт­школалъул нухмалъиялъе. Дирго рахъалдасан абила, бокьун буго чемпионат щибаб соналда тIобитIизе. ХIисабалде босун буго республикаялда бищунго къуватал каратистал загьир гьаризелъун чемпионат тIасияб соналъги тIобитIизе», — ян чемпионаталъул хIасил гьабуна турниралъул гIуцIарухъабазул цояв, Салимгерей Минатулаевасул цIаралда бугеб спортивияб клубалъул тренер Минатула Минатулаевас.
Чемпионаталда бергьаразеги при­­зеразеги кьуна кубокал, медалал ва дипломал. Командаялъулал тIоцересел бакIал ккуразе кьезе Салимгерей Минатулаевасул хъизамалъ чIезарун рукIана хасал призал – кIудиял телевизорал. Призалъулал бакIал ккурал командабазе гьел сайгъатал кьуна Салимгерейил эмен – ХIасан Минатулаевас.
2017 соналда хварав Салимгерей Минатулаевас тарбия кьуна ва каратэялъул махщалие ругьун гьаруна, батIи-батIиял даражабазул къецазда, дунялалъул чемпионатазда тIадегIанал х1асилал рихьизарурал гIемерал ученикал. Гьанже гьел тренировкабазде хьвадула цогидал насихIатчагIазухъе ва, специалистазул рагIабазда рекъон, гьел кколел руго гьеб спорталъул тайпаялъул рахъалъ махщел камилал вакилзаби.

Премьер-лигаялда хутIизеги бегьула
Красноярскалъул
«Енисеялдаса» къуниги…

Дагьал цере премьер-лигаялда хутIи-хутIунгутIи мухIканлъизелъун Красноярскалъул «Енисеялъулгун» тIоритIарал матчазда «Анжи» къуниги, рес буго гьеб Россиялъул премьер-лигаялда хутIизеги. Щайгурелъул Пермь шагьаралъул «Амкар» командаялъ, финансазул рахъалъ масъалаби рукIиналда бан, инкар гьабизе бегьула хадусеб сезоналда Россиялъул футболалъул премьер-лигаялда (РФПЛ) хIазе. Гьединлъидал гьелъие бокьун буго чемпионаталдаса нахъе ине. Гьелъул хIакъалъулъ хIукму кватIичIого гьабизе буго. Чемпионаталда «Амкаралъул» бакI кквезе хIадурго буго «Анжи» футболалъул клуб. Турниралъул гIахьалчагIазул цониги команда нахъе ани, Россия­лъ­у­л чемпионаталъул премьер-лигаялда хIазе жиб хIадурго букIиналъул хIакъалъулъ кагъат «Анжиялъул» нухмалъулез Россиялъул футболалъул союзалде цебеккунго битIун букIана.
— Нижер клубалъ хIакъикъаталдаги РФСялъул президентасул ишал тIуралев Александр Алаевасул ва РФПЛалъул президент Сергей Прядкинил цIаразда кагъат битIун букIана, — ян бицана МахIачхъалаялъул футболалъул клубалъул пресс-хъулухъалда. — Гьеб кагътида нижеца лъазабун букIана кинаб букIаниги футболалъул клубалъул лицензия гьабиялъул иш тIубачIони ва цIияб сезоналда чемпионаталда гIахьаллъизе гьелъие ихтияр щвечIони, «Анжи» футболалъул клуб Россиялъул чемпионаталда гIахьаллъизе хIадурго бугилан.
«Амкаралъул» президент Геннадий Шиловас рикIкIунеб буго команда чемпионаталдаса нахъе бахъизеги рес бугилан. КIиго анкьалъ цебе РФСалъул лицензия кьезе «Амкаралъе» инкар гьабун букIана.
Нагагь «Амкар» чемпионаталдаса нахъе ани, гьеб талихIкъосин бугин абулеб буго РФПЛалъул президент Сергей Прядкиница: «АхIвал-хIал буго захIматаб. Хьул буго кинабго битIа-бишун ккеялде. Нагагьлъун «Амкар» нахъе ине ккани, гьеб балагьлъун букIине буго болельщиказе, регионалъе ва футболистазе. Цо лахIзаталъулал хIасилазул хIакъалъулъ ургъизе бегьуларо. БукIине ккола чIванкъотIараб тартиб: цоккураб хIалалъ, низамалда финансаздалъун хьезаби, щулияб материалияб база, футболалъул академия», — ян лъазабуна Сергей Прядкиница.

Евразиялъул хIаязул чемпион
Халкъазда гьоркьосел къецазда гIахьаллъана 500 спортсмен

Уфаялда гIолилазда гьоркьор тIоритIана рагъулал искусствабазул рахъалъ Евразиялъул тIоцересел рагьарал хIаял. Гьел рагъулал искусствабазул хIаязда гIахьаллъи гьабурав ГIахьвахъ районалъул ТIадмагъилъ росулъа МухIамадбег Сайпудиновасеги гьел къецазда тIоцебесеб бакI щвана.
Халкъазда гьоркьосел къецазда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул регионаздаса, Европаялъул Бакъбаккул улкабаздаса ва Азиялдаса щуазарго спортсменас. Дагъистаналдаса спортсмен къецазда гIахьаллъана 72 килограмм цIайиялда ва бергьана рагъулал искусствабазул «Комбат Самооборона» абурал къецазда.
Сайпудинов цевехунги чанго нухалъ бергьана республикаялда тIоритIарал батIи-батIиял къецазда ва рагъулаб самбоялъул ра­хъалъ ТIолгодунялалъул федерациялъул турниралда (Кубок WCSF). МухIамадбег тенировкабазде хьвадула, тренер Юсуп Сулеймановасул нухмалъиялда гъоркь Хасавюрталъу­л «Рагъулаб цIум» спортивияб клубалде.

Марафоналъулаб рекери
Волгоградалдаса мазгарул медальгун тIадвуссана
Бергьана 50-59 сонал рарал ветераназул къокъаялда гъорлъ векерун

Марафоналъулаб рекериялъул (42 километргун 195 метр) рахъалъ Волгоградалда тIобитIараб Россиялъул чемпионаталда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналдаса спортсмен Евгений Драгуновасги.
ТIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ Дагъистаналдаса ветеранасе чемпионаталда мазгарул медаль щвана 50-59 сонал рарал спортсменазул къокъаялда гъорлъ векерун. 42 километргун 195 метр нухлул Драгуновас нахъа тана 3 сагIатгун 20 минуталда ва 36 секундалда жаниб.
«Гьаб ккола гIумруялда жаниб дир лъабабилеб марафоналъулаб векери, дун цIакъ вохарав вуго дие гIицIго Россиялъул чемпионаталда гIахьаллъизе рес щвеялдаса гуревги, жеги гьенив медалистазул къокъаялда гъорлъеги дун ккеялдаса», — ян абуна Евгенийица къецаздаса хадуб.
Евгений Драгунов ккола тIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ Дагъистаналъул чанцIулго чемпион. 20 соналде щвезегIан гIумру бугел спортсменазда гьоркьоб 800 ва 1500 метралъ векерун гьес чIезарурал рекордал, гьанжелъизегIан тIокIал лъихъаго такрар гьарун бажаричIо.