Спортивияб Дагъистаналде рагьараб каву

Ахиралде щвана гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионат

 

ЛъагIалицаго бицунеб, щибаб дан­делъиялда рехсолеб, гьоркьоса къо­тIичIого хIадурлъи гьабулеб бу­кIа­раб Дагъистаналъул ракьалда тIоцебесеб нухалда тIобитIараб гьеб кIудияб тадбир ана лъикIаб къагIидаялда, берцинаб ахIвал-хIалалда. ТIаде рачIарал гьалбадериеги цIакъ рекIее гIуна Каспийскалда тIобитIараб Европаялъул чемпионат. Германиялъул гугарухъабазул командаялда цадахъ вачIарав журналист Мит Коллеген битIахъе хIикмалъизавун вугоан чемпионаталъ. «БатIи-батIиял пачалихъазда тIоритIарал чIахIи-чIахIиял турниразде щвана дун. Амма Дагъистаналда гIадинаб даражаялъул цонигияб букIинчIин абуни мекъи ккеларо. «Каспий» санаториялдаса байбихьун ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб Спортивияб кIалгIаялде щвезегIан спорт­сменазе, гьалбадерие чIезарун руго лъикIал шартIал. РакIалдецин ккелароан Дагъистаналда гьадинаб берцинаб, гIатIидаб, лъикIаб спортивияб кIалгIа батилин. Грек-рималъул, руччабазул гугариялъул къецаздаса хадуб гIадамазе чемпионаталъул цо кIудияб интересго гьечIин ккун букIана. Эркенаб гугариялде байбихьарабго бичIчIана гьеб тайпа дагъистаниязул бидулъ бессун букIин. Спорткомплекс цIурал чагIаз спортсменазул рахъкколеб куц бихьидал, сири балеб букIана черхалда», — ян абуна Мит Коллегеница.
Турниралъе лъикIаб къимат кьуна халкъазда гьоркьосеб категориялъул судияв ХIамзат ГIабасовасги. «Дунялалда бищунго лъикIазул цояблъун ккола ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спорткомплекс. Гьелъул аслияб тIокIлъилъун ккола шагьаралдаса рикIкIад букIин. КIалгIаялда жанирги руго киналго шартIал чIезарун», — ан абуна гьес.
Эркенаб гугариялъул хутIун, цогидал тайпабазул хIасилазул газеталъул цебесеб номералда бицун букIана. Гьединлъидал жакъа бицине буго дагъистаниязе бищунго бокьулеб эркенаб гугариялъул. Байбихьилин тIадагьаб (57 кг) цIайиялъул категориялдасан. Гьеб цIайиялда финалалде рорчIана Заур Угуев (Россия, Дагъистан) ва Георгий Эдишерашвили (Азербайжан). РечIчIи букIана хIалуцараб, кIиабилеб периодалъул ахиралде щвезегIан 3:0 хIисабгун бергьунев вукIарав дагъистаниясе ункъо баллалъул прием гьабуна азербайжаналъулас. ПалхIасил, гьеб цIайиялда Европаялъул чемпионлъун вахъана Георгий.
61 кг цIайиялда Россиялъул тIа­сабищараб командаялъул му­хъи­лъ цевевахъунев дагъистанияв ХIажимурад Рашидов финалалде вор­чIа­на абизегIанасеб захIмат-гIакъуба бихьичIого. Ахирисеб, финалияб речIчIиялдаги бигьаго къезавуна гьес Гуржиялдаса Бек Ломтадзе.
65 кг цIайиялда киназулго ракIчIун букIана дагъистанияв Иляс Бекбулатов Европаялъул чемпионлъун вахъине вукIиналда. Финалалде щвезегIан дагъистанияс бихьизабуна къуватаб ва берцинаб гугари. Амма Азербайжаналъул командаялъул спортсмен ХIажи ГIалиев къуркьизавизе кIвечIо гьесда. ТIоцебесеб периодалда дагъистанияв дандиясдаса бергьунев вукIана 5:0 хIисабгун. Амма бергьунев вугин абун тIаса-масаго гугаризе лъугьарав Илясие тIатIалаго чанго прием гьабуна ГIалиевас. ПалхIасил, 7:8 хIисабгун гьеб къеркьеялда бергьана Азербайжаналъул спортсмен. Гьелдалъун, спортсменазул тасамахIлъиялъ, кIиабилебги меседил медалалдаса махIрумлъана Россиялъул команда.
70 кг цIайиялъул категориялда финалалде рорчIана МухIамад Къур­бангIалиевгун (Россия, Дагъистан) Му­хIамадмурад ХIажиев (Польша, Да­гъистан). Гьев кIиявго ракьцоясда гьор­кьобги букIана хIалуцараб къеркьей. ТIоцебесеб период лъугIана 2:0 хIи­сабгун. ТIокIлъи бихьизабулеб букIана КъурбангIалиевас. КIиабилеб периодалда ХIажиевасухъа цо балл босун бажарана ва речIчIи лъугIана 2:1хIисабгун. Европаялъул чемпионлъун вахъана Рос­сиялъул байрахъалда гъоркь цеве ва­хъунев дагъистанияв МухIамад Къур­бангIалиев.
74 кг цIайиялъул финалалда Россиялъул тIасабищараб командаялъу­л спорт­сменал гIахьаллъичIо. Гьеб цIайи­ялда цеве вахъунев вукIарав нилъер спорт­смен къезавуна италиялъулав Франк Чамисоца. Гьеб цIайиялда Евро­паялъул чемпионлъун вахъана Сонер Демирташ (Турция). ГIарцул медаль щва­на Зелимхан ХIажиевасе (Франция).
79 кг цIайиялда континенталъул чемпионасул медалалъе мустахIикълъана Россиялъул тIасабищараб командаялда гъорлъ цеве вахъунев дагъистанияв АхIмад ХIажимухIамадов. Германиялдаса Мартин Обст гьес къезавуна 6:3 хIисабгун.
86 кг цIайиялдаги рукIана хIал­ба­щадал речIчIиял. Гьеб категориялда къуватаб гугари бихьизабуна дагьаб це­бе Италиялъул тIасабищараб коман­даялъул мухъилъе арав Шамил КIу­диямухIамадовас, Россиялъул тIа­са­бищараб командаялъул спортсмен Артур Найфоновас ва гьединго Азербай­жаналъул гугарухъан Александр Гостиевас. Рехсараб категориялдаги меседил медаль щвана россиялъуласе, ай Артур Найфоновасе. Финалалда гьес бергьенлъи босана Гостиевасда тIад.
Киназего интерес букIана 92 кг цIайиялда цере рахъунел гугарухъабазул. Финалалдейин абуни ворчIун вукIана кIиго чIарадисев, Олимпиялъу­л чемпионал ГIабдурашид Садулаев (Россия, Дагъистан) ва Шарип Шарипов (Азербайжан, Дагъистан). Садулаев кинабго рахъалъ дандиясдаса къуватав вукIин киназдаго лъала, гьеб гьес бихьизабуна Рио-де-Жанейроялда 2016 соналда рукIарал Олимпиялъул хIаяздаги. Финалалъул кIиабилеб бутIаялда къезавун вукIана Садулаевас Шарипов 8:1 хIисабгун. Гьаб нухалда хIасил ккана 2:1. Европаялъул чемпионлъун вахъана ГIабдурашид.
97 кг цIайиялда Россиялъул командаялъе меседил медаль босана Владислав Байцаевас. Гьев бергьана Белоруссиялдаса Александр Гуштынидаса 7:0 хIисабгун.
125 кг цIайиялда Европаялъул чемпионлъун вахъана Турциялдаса Олимпиялъул чемпион Таха Акгул. 2:1 хIисабгун гьев бергьана Гуржиялдаса Гено Петриашвилидаса.
Чемпионат лъугIун хадуб тIобитIараб пресс-конференциялда ГIабдурашид Садулаевас гьадин абуна: «Дица бергьенлъи сайгъат гьабулеб буго 9 маялда, Бергьенлъиялъул къоялъ, 85 тIубалев кIудадае. Гьесие цIакъ бокьун букIана чемпионаталъухъ балагьизе вачIине, амма сах гьечIолъиялда бан, бажаричIо. Каспийскалда тIобитIараб Европаялъул чемпионаталъе дица лъола щуйил къимат. ГIемер турниразда гIахьаллъана, амма гьаниб гIадинаб, киналго рахъал хIисабалде росун тIобитIараб, цонигияб букIинчIо. Баркала буго хIаракатчагIазе, гIахьаллъи гьабуразе. Россиялъул спорт­сменазги лъикIал хIасилал рихьизаруна чемпионаталда. Анлъго меседил ва кIиго гIарцул медальги щун, тIоцебесеб бакI ккуна нилъер командаялъ.
Дир финалияб къеркьеялъул бицани, Шарип Шарипов ккола къуватав спортсмен, Олимпиялъул чемпион. Гьединлъидал гIезегIан захIмалъана гьев къезавизе. Гьелде тIадеги, цого залалда ругьун гьарулелги рукIун, цоцазул къуватал ва загIипал рахъал лъикIго лъала. Каспийскалда тIобитIулеб чемпионаталда къезе ихтияр букIинчIолъиялъги щварал баллалги цIунун чIезе ккана», — ян.
Эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул тIасабищараб командаялъул тренер Дзамболат Тедеевасул рагIабазда рекъон, жеги кIиго меседил медаль босизе рес букIана нилъер спортсменазул. «Заур Угуевгун Иляс Бекбулатов руго лъикIал гугарухъаби ва финалалде рорчIараб заманалда дир ракIчIун букIана гьел бергьине рукIиналда. Амма гугариялъул ахирисел секундазда гьез бергьенлъи кьуна дандиязе. Угуевни хIалбихьи гьечIев спортсмен вукIиналъ батила, амма Илясида тIадаб букIана бергьине. ГIамм гьабун абуни, дун рази­яв вуго спортсменаз рихьизарурал хIасилаздаса. РакIчIун абизе кIола Дагъистаналда гIадинаб чемпионат Европаялъул цогIаги пачалихъалда букIинчIин. Баркала буго гIуцIарухъабазе ва берцинаб гугари бихьизабурал спортсменазе», — ян бицана Тедеевас.
«Гугариялъул цогояб дуниял» (UWW) гIуцIиялъул нухмалъулев Ненад Лаловичасги лъикIаб къимат кьуна Каспийскалда тIобитIараб спортивияб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталъе. «Транспорт, гостиница, спорткомплекс, машинаби лъолел бакIал, паркал, ай кинабго рахъ лъикIаб даражаялда гIуцIун бугоан Дагъистаналда. Спортсменаз берцинаб гугари бихьизабула судиял лъикIал ругони. Каспийскалда тIобитIараб чемпионаталда гьезда гIайиб чIвазе бакIго гьечIо», — ян абуна гьесги.
Дагъистаналда тIобитIараб Европаялъул чемпионат унго-унголъунги ана цIакъ берцинго ва гIуцIадго. ХIатта цо-цояз абулеб букIана жидер ракI ГIали ГIалиевасул спортивияб кIалгIаялдаго хутIанин, ракIкъварилъизе бачIунеб бугин. РакIалде ккола гьеб кIудияб спортивияб тадбиралдаса хадуб дунялалдаго Дагъистаналъул берцинлъи бихьанин ва бичIчIанин гьанибги бокьараб даражаялъул тадбирал тIоритIизе бажарулеблъи.
Эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталда анлъго меседил ва кIиго гIарцул медалалгун тIоцебесеб бакI босана Россиялъул тIасабищараб командаялъ, кIиго меседил, кIиго гIарцул ва ункъо мазгарул медалалгун кIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана Азербайжаналъул спортсменал. Лъабабилеб бакI щвана кIиго меседил ва лъабго мазгарул медалалъе мустахIикълъараб Турциялъу­л командаялъе.
Темирхан ХIасанов,
М. Хазамовасул суратал