Гьал къоязда Москваялда тIобитIана гугариялъул рахъалъ «Гран- при Москва — Кубок Алроса» турнир. Цебеккун букIинчIеб гIадинаб, цIияб къагIидаялда гIуцIараб турниралда эркенаб гугариялъул, грепплингалъул, греказулгун румазул гугариялъул рахъалъ къецазда цере рахъана машгьурал спортсменал.
Гран-приялъе хасаб статус кьуна гьелда кIицIул Олимпиялъул чемпион ГIабдурашид Садулаев гугаризе вукIиналъги. 97 кг цIайиялда гьев дандчIвана Македониялъул рахъалъ цеве вахъунев дагъистанияв МухIамадхIажи Нуровгун. 5:1 хIисабгун ГIабдурашид дандиясдаса бергьана, амма бигьаго щвечIебха гьесие гьеб, гIураб къагIидаялда дандечIей гьабуна МухIамадхIажица. Грекалъулгун румазул гугариялъул фанатазе гуребги асар гьабуна кIицIул Олимпиялъул чемпион Роман Власовасдагун Сербиялдаса спортсмен Виктор Немешида гьоркьоб букIараб къеркьеялъ. ТIоцебесеб периодалдаго россиялъулас дандиясе гьабуна чанго прием ва босана щуго балл. КIиабилеб периодалда Немеш тIоцебеселда дандеккун гIезегIан лъикI гугарана ва гьелъул хIасилалда цо баллгицин щвана. 5:1 хIисабгун бергьенлъи босана Роман Власовас.
Эркенаб гугариялъул рахъалъ хIалуцараб къеркьей букIана 74 кг цIайиялда. Гьеб категориялда къуват борцине ургуялде рахъана Белоруссиялъул рахъалъ цеве вахъунев дагъистанияв, Олимпиялъул хIаязул гIарцул призер МухIамадхIабиб КъадимухIамадов ва Россиялъул тIаса бищараб командаялъул вакил, Олимпиялъул чемпион Заурбек Сидаков. Исана риидал Токиоялда рукIарал Олимпиялъул хIаязул финалалдаги дандчIван рукIана гьел. Доб мехалъ КъадимухIамадов къуна Заурбекикьа 7:0 хIисабгун. РецIел босизе хIаракат бахъулеб букIана дагъистанияс. Амма гьесул гьужумазда данде Осетиялдаса гугарухъанас гьарулел рукIана контрприемал, ва 6:1 хIисабгун гьаб нухалъги КъадимухIамадов къуна.
Греказулгун румазул гугариялъул рахъалъ 60 кг цIайиялда къуват борцана Россиялъулгун дунялалъул чемпион Сергей Емелиница ва Молдавиялдаса речIчIухъан, Европаялъул чемпион Виктор Чобануца. Гьеб къеркьеялда 5:2 хIисабгун бергьенлъи босана россиялъулас.
ХутIарал хIасилал:
Грепплинг
Ислам Бочкаев (Россия) бергьана Заур АхIмадовасдаса (Россия)
Гъаирбек Ибрагьимов (Россия) бергьана ГIалил Гъазалиевасдаса (Россия).
Эркенаб гугари
Сергей Козырев (Россия, 125 кг) бергьана Лхагвагэрэл Мунхтуридаса (Монголия, 125 кг)
Греказулгун румазул гугари
Сергей Семенов (Россия, 130 кг) бергьана Зураби Гедехауридаса (Россия, 130 кг).