Гьал къоязда бакIаб атлетикаялъул рахъалъ Россиялъул чемпионлъун вахъарав ва гьединго дагьаб цебе улкаялъул кубокалъе гIоло къецазда бергьенлъи босарав ИсмагIил ХIажибеков ахIана улкаялъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъе.
55 кг. цIайиялда цеве вахъунев дагъистанияв Россиялъул тIаса бищараб командаялда цадахъ гIахьаллъизе вуго кватIичIого Подмосковьеялда рукIине ругел сборазда. Гьезда тренераз хал гьабизе буго спортсменазул бажаригьунаралъул. ДРялъул БакIаб атлетикаялъул федерациялъул президент СагIид ГIабдулаевасул рагIабазда рекъон, улкаялъул тIаса бищараб команда- ялъул мухъилъе ИсмагIил вачин гIажаиблъизе ккараб хIужжа гуро. «Россиялъул командаялдаса гьединаб ругьел бачIиналъухъ балагьун чIун рукIана ниж, ва ИсмагIил мустахIикъав вуго улкаялъул байрахъалда гъоркь цеве вахъине. Амма гьабсагIаталда гьесул гъеж унтун буго. Хьул буго къокъаб заманалда жаниб тохтурзабаз гьеб сах гьабилин ва кватIичIого гьес нилъги рази гьарилин», — ан абуна С. ГIабдулаевас.
Темирхан ХIАСАНОВ