Республика-багIараб кьералдалъун

 

18 октябралда ДРялъул нухмалъиялда тIобитIана коронавирус тIибитIунгутIиялда бан гIуцIараб оперативияб штабалъул данделъи. 

ДРялъул бетIерасул официалияб сайталда хъвавухъе, Сергей Меликовас бицана «Стопкоронавирус.рф» абураб сайталда араб анкьалъ тIолабго улкаялдаго бугеб хIал багIараб кьералъ бихьизабулеб букIанин. Гьелъул магIна кколила вакцинацияги тестированиеги нилъер гьаниб гIураб къадаралда гьабунгутIи. КигIан гIарац биччаниги, гьеб рахъалъ план тIубалеб рагIуларо. Масала, риидал ПЦР-анализал гьаризе биччан букIун буго 67 млн гъурущ. ГIагараб заманалдаги биччазе буго 204 млн гъурущ. Гьеб харж гьабизе буго гIадамазе вакцина гьабуралъухъ медиказе премиял хIисабалда.

 

Меликовасул баяназда рекъон, жакъа республикаялда вакцина гьабун буго 480 чиясе. Амма сентябралдаги октябралдаги гьеб дагь гьабун буго.

Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда вугев нухмалъулев Николай Павловас бицухъе, республикаялда хъвай-хъвагIай гьабун буго ковидалъ унтарав 54 азарго чиясул. Анкьалъ цебе микьго район букIана тIаде унтарав чи гьечIел. Гьанже гьеб лъабго гурони гьечIо — БежтIа участок, ЦIунтIа ва Лак районал.

Аслияб куцалда унтулел руго 30-59 сонал рарал гIадамалги лъималги. Амма больницаялде рачIунел гьечIо, иш ахиралде ккараб мехалда гурони. Гьединго унтунги рукIун, эркенго гIадамазда гьоркьор чIолел руго. Гьелъ хехго унтиги тIибитIулеб буго.

Унтарал цIакъго гIемерлъани, кислородалъул гIунгутIи букIине­цин бегьулин хабар буго. ГьабсагIаталда гьеб къваригIарал унтаразул къадар бахун буго 670 чиясде. Сахлъи цIуниялъул министрасул ишал тIуразарулей Татьяна Беляевалъ бицана 49,5 млн гъурщихъ кислород кьолеб 15 газификатор босун бугилан. ЦIакъго захIматал унтарал регарал больницабазда лъун рагIула гьел. Гьединго ноябралдехун гьединаб цо алат лъезе буго Гъизилюрт шагьаралъул больницаялдаги. Гьелдаса хадур лъезе руго цогидал шагьараздаги (анкьго газификатор).  

Меликовас республикаялъул Минпромторгалда тIадкъана кислород нилъерго гьаниб гьабулеб къагIидаялда тIад ургъеян.

Гьениб бицухъе, вакцина гьабидал щолеб QR-код гьечIев чи кIвар бугел идарабазде виччачIого тезеги рес буго.