Каспийск цебетIезабиялъул бицана

 

      ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовас гьал къоязда Каспийскиялъул администрациялда тIобитIараб данделъиялда бицана гьеб шагьар цебетIезабиялъе ругел нухазул хIакъалъулъ.

       Меликовас абуна аэропорталдегун МахIачхъалаялде гIагараб, ралъдал рагIалда бугеб Каспийскиялда туристазе цересан гостиницабиги рекIелгъеялъе батIи-батIиял комплексалги разе бегьилаанила, амма гьелдалъун шагьаралъул гIадамазе квалквал ккелила тIабигIаталъ кьураб бечелъиялдаса пайда босизе (ралъдахъе ине, масала). Гьединлъидал гьеб иш бакIалъул гIадамазул ихтияралги тIалабалги хIисабалде росун гьабеян тIадкъана гьес.

      Гьединго хIажат руго аэропорталдегун Каспийскиялъул флотилиялдехун унел ва шагьаралда жанисел нухал къачIазе, шагьаралда гIунгутIи буго гьекъолеб лъел рахъалъги.

        Цогидал бакIаздаго гIадин, рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишатги беццулеб хIалалда гьечIо гьениб (басралъарал минаби, токалъул кварал, хIухьладалъун шагьар хинлъизабулеб система).