«ТIаде вахъун Шамил вачIуна дихъе, дун дова гьечIилан, дун гьанив вугин»

 

    «ХIакъикъат» газеталъул жакъасеб номералдаса байбихьун нижеца рагьулеб буго Имам Шамилие сайигъат гьабураб хасаб рубрика. Исана 225 сон тIубала гьев гьавуралдаса. Гьелда бан, гьаб сон ахиралде щвезегIан гIемерал тадбирал тIоритIизе руго республикаялда. Гьелъул хIакъалъулъ бицине 17 марталда редакциялде рачIун рукIана имам Шамилил цIаралда бугеб Халкъазда гьоркьосеб Фондалъул нухмалъулев ГIалиаcхIаб Хархачаевги, Халкъияб Собраниялъул депутатал — МухIамад КIудиямухIамадовгун СултIан Ибрагьимов.

  КIудияв имам гьавуралдаса 225 сон тIубаялъул аслияб тадбир тIобитIизе буго гьев гьавураб къоялъ, ай 26 июналда. ТIобитIизе буго кIудияб конференция. Турциялдаса, СагIудиязул ГIарабиялдаса ва цогидалги пачалихъаздаса гIемерал гьалбал рачIине руго республикаялде. Гьединго ракIалда буго имамасул юбилеялда хурхун батIи-батIиял спортивиял тадбирал тIоритIизеги.

   — ИчIго министрасда аскIов гIодовги чIун, чанго сагIаталъ дандги бан хIадур гьабураб программа буго нижер гьеб, — ин бицана ГIалиасхIаб Хархачаевас. — Спорталъул министр Сажид Сажидовасухъе щведал, кинабго дандбан хадуб, жиндирго заместителалги ахIун гьезда цебе чIванкъотIараб суал лъуна гьес гьаризе ругел тадбиразул хIакъалъулъ. Будун Будуновас абуна гIолохъабазда гьоркьоб футболалъул рахъалъ лъикIаб турнир тIобитIизе бугин абун. Гьединго республикаялъул Культураялъул, Туризмалъул ва Миллияб политикаялъулгун диналъул ишазул рахъалъ министерствабазги кIудияб гIахьаллъи гьабизе буго гьел тадбиразда.

 

Имамасе си щай?

 

     Редакциялда букIараб данделъиялда борхана имам Шамилие памятник лъеялъул суалги.

— 1997 соналда имамасе памятник лъезе бугин суал борхидал, гIемерав чи дандечIана, ахIи-хIур гьабуна. ГIали-хIажи Сагидовасул проекталда рекъон, Алма-Атаялда хIадур гьабураб памятник букIана къачIан, цохIо гьеб лъей гуреб жо букIинчIо. Амма диниял хIаракатчагIаз «бегьуларин, лъоларинги» абун, гIемерав чиги дандечIун лъечIо Шамилие памятник.

      Хушеталда, имам Шамилил цIаралда паркги рагьизе, гьениб монументги эхетизе бокьун букIана. Гьабугейилан абулеб гьечIо, амма гьабизе биччалебги гьечIо. Дунги бусурбанчи вуго, КъахIиса ХIасан устарасул (къ.с.) яцгIал кколаан мунагьал чураяй дир кIудияй эбел. Гьединлъидал чIахIиял чагIазда, цIаларал гIадамазда тIадги вахъун, гьезул адаб хвараб жо ккелин хIинкъун, щибго абизе дидаги кIолеб гьечIо. Гьедин, нилъерго гIайибаздаса хIинкъун, гьез-доз «квалквал» гьабун хутIун руго нилъ жакъаги Шамилие памятникги лъезе кIоларого, — ян абуна ГIалиасхIаб Хархачаевас.

СагIудиязул ГIарабиялда памятник лъезе бегьулеб, нилъер гьаниб лъезе щайин бегьуларебин абун кIалъана бетIерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаев.

    — Гьале МухIамад ГIумарович, (аскIов гIодов чIун вукIарав МухIамад КIудиямухIамадовасде кверги битIун), Анкараялде ун доба рагьана гьасул хIаракаталдалъун Шамилие памятник, — илан жаваб кьуна гьелъие ГI. Хархачаевас. — Щай бегьулареб, бегьула, амма бихьулищха, дандечIарав чи камулев гьечIо

— ГIалиасхIаб, Шамилил цIаралда бугеб Фонд букIин бичIчIун буго, амма цохIо гьесул бицинчIого, ГъазимухIамадгун ХIамзат имамзабазул тарихалда хурхун щиб хIалтIи гьабулеб нужеца?

   — ЦIакъ битIараб суал кьуна дуца. Гьал къоязда дихъе рачIун руго Турциялдаса гьалбал. ТIоцебесеб иргаялда, дица гьел рачана ГъазимухIамад имам шагьидалъараб бакIалде, гендерил къварилъухъ бугеб зияраталде ва кинабго гьесул хIакъалъулъ нилъехъе щвараб баян бицана гьезие. Амма гьезда жидедагоги гIемераб жо лъалеб батана гьесул хIакъалъулъ ва гьелъги кутакалда ракI бохизабуна дир. БитIараб буго, бицине ккола цогидал имамзабазулги. ЦохIо Шамилил бицун тезе гьечIо нижецаги. Июналда тIобитIизе бугеб конференциялда бицине буго ГъазимухIамадилги, ХIамзатилги, наибзабазулги, гъазизабазулги, муридазабазулги хIакъалъулъ. Гьел киналго рукIинчIелани, Шамилги вукIинароан, гьеб бичIчIизе ккола нилъеда.

— Фондалъул цеве вукIарав нухмалъулев Дибир МухIамадовасул цIаралда МахIачхъалаялда аллея рагьизе бугинги букIана хабар.

   — БукIана. Нижеца гIемер борхараб суал буго гьебги. Амма жеги рагIалде бахъинчIо. Гьединго нижее бокьун букIана тахшагьаралъул, Ленинил Комсомолазул цIаралда бугеб паркалъеги Шамилил цIар кьезе. Р. ГIабдулатIипов республикаялъул бетIерлъун вугеб мехалъ хьул букIана нижер гьеб суал гIумруялде бахъинабизе, гьесда кIолаан гьеб тIубазеги, щайин абуни гьев вукIана Шамилил тарихги лъикIго лъалев, гьесул къиматги гьабулев чи. Амма нилъер, магIарулазул квеш ккараб жо буго гьадинаб. Мисалалъе, ГIалиасхIаб Хархачаев Шамилил фондалъул президент вугелъул, тIоцебе дидаги хадуб цогидаздаги ккола гIумруялъго гьесухъ букIунин гьеб хъулухъ абун. Гьедин ккана Рамазанилги. Гьев думалъго республикаялъул бетIерлъун вугеб гIадаб пикру букIана магIарулазул. ГIабдулатIиповги ана, гьесде рукIарал хьулалги тIурачIого хутIана.

 

Имамзабиги тIагIун, Дагъистан хараблъидал…

 

   — Юбилеялда хурхун гIемераб хIалтIи гьабизе букIин бихьулеб буго Фондалъ. Амма жидецаги кIвараб кумек гьабилин абулев цониги депутат, хIаким, министр кIалъанищ духъе?

   — Гьересийищ дуда бицинеб, битIараб жавабищ кьелеб, — ин махсара гьабуна ГI. Хархачаевас. — Имам Шамилил фонд гIуцIарабго, микьго соналъ гьелъие нухмалъи гьабуна мунагьал чураяв Дибир МухIамадовас. Гьев хваралдаса нахъе исана чан сон ун батаниги, гьел киналго соназ фондалъе бергьун кутакалда квербакъарав чи хIакимзабазул цохIо Сайгидпаша ГIумаханов гурони ккечIо. Фондалъе гIарацги гьес кьола, хIатта дунго рекIине машинацин кьуна гьес дие. Амма дир бищун квешаб «унти» буго дун жеги гъурущ гьарун цониги чиясда аскIове инчIолъи. Гьале МухIамадида (КIудиямухIамадов) лъала гьеб. Нилъер магIарулал гьабулеб ишалъе кумек гьабуларел, пайда гьечIел чагIи рукIинчIо киданиги, гьанжеги гьечIо. Гьале кватIичIого Пачалихъияб Думаялъул депутат Хизри МухIамадовасулгунги букIине буго дандчIвай, гьесги кумек гьабизе рагIи кьун буго. Гьединго ракIалда буго, гIагараб заманалда Халкъияб Собраниялда ругел нилъер киналго депутаталги ракIарун, цадахъ гIодорги чIун гьабулебтолеб дандбазе, — янги бицана Хархачаевас.

 

Кино…

 

    Редакциялда букIараб данделъиялда гьединго борхана Турциялъул кинокомпаниялъ, Tekden Film абураб студиялда имам Шамилил хIакъалъулъ бахъизехъин бугеб киноялъул суалги. 60 серия бугеб кIудияб фильм хIадур гьабизе ракIалда бугин гьездаян хабар бачIун букIана чанго моцIалъ цебе. МагIарулазул шагIир ва публицист МухIамад ХIамзаевги ахIун рагIулин гьез консультантлъунин букIана гьебго баяналда абулеб. Имам Шамилил хIакъалъулъ ХIамзаевас хъварал тIахьал лъикI къабул гьаруна магIарулаз. Фильм бахъулел чагIаз гIакълучилъун гьев ахIун ватиги гIемерисезе цIакъ рекIее гIун букIана. Амма гIемер кватIичIого Телеграм каналалда хабар бачIун букIана ХIамзаевас инкар гьабун рагIулин гьелдасаян абун.

— Имам Шамилил кино бахъизе тIаде босараб киностудиялъул хважаин дида лъикIго лъалев, кидаго диргун бухьен бугев чи вуго. Гьеб киностудиялдеги щвана дун. Дунялалда цоги гьадинаб бугодайин кколеб, цIакъ бечедаб студия буго гьезул. Имам Шамилил кино бахъизе декорациялги хIадурун руго гьез. ХIатта гьанире, Дагъистаналде рачIинчIонигицин, тIолабго кино бахъизе бажарулеб сурсат буго гьез чIезабун. ХIадурун буго АхIулгохIалъул макетги. Дирго бералда бихьана гьеб кинабго. Кино бахъизе 20 миллион гьез, 20 миллион нилъеца кьезе къотIи-къаялги гьарун рукIана. Гьелъул хIакъалъулъ пресс-конференцияги кьуна нижеца Турциялда. Фильмалъул гIакълучилъун ХIамзаев вукIине вугин бицун букIана гьениб. Хадуб дихъеги щвана хабар гьес инкар гьабун рагIулин консультантлъун вукIинеян абун.

— Нилъецаги 20 миллион биччалеб батани гьеб кино бахъизе, кигIанасеб къадар гьелъул хайирлъизе бугеб?

   — Кинабго гIарцул ва гьелъ кигIан къадаралъ хайир кьезе бугебин абун хIадур гьабураб смета буго гьезул (турказул). Дун божула гьелъ хайир кьезе букIиналда, щайин абуни, цереккунги рахъарал «Эртугрул ва «Великолепный Век» гIадал кинофильмал гIадамаз кин къабул гьаруралали нилъеда бихьана. Мисалалъе, «Эртугрул» абураб киноялъ цебего нусго нухалъ бецIана, бахъулеб мехалъ жиндаго тIад хвезабураб гIарац.

Имам Шамилил хIакъалъулъ турказул кинокомпаниялъ фильм бахъизе байбихьизе буго исана апрелалда. Гьелгун цадахъ хIалтIизе инкар гьабунин абураб хабар уяб бугищ, батани гьелъие кинаб гIилла букIарабин абун цIехезе, МухIамад ХIамзаев гIагараб заманалда редакциялде ахIизе пикру ккана нижер.

 Ашахан ЮСУПОВ