РухIияб тарбия кьеялъул гъанситухъ

 

   ЦIурире щварал ниж раккана музеялдеги. ЛъикIаб, ракIрагьараб дандчIвай гьабуна музеялъул нухмалъулей Насибат ХIажиевалъ. ГьитIинаб ЧIарада. Гьадин абуниги мекъи ккеларо, музеялда ругел щибаб росдае сайгъат гьарурал кIудиял альбомал рихьидал. Гара-чIварана Насибатгун. Ва гьелъ нижее бицана музеялъул хIалтIул хIакъалъулъ.

 — Районалъул гIадамазул, росабазул жамагIатазул, жамгIиял гIуцIабазул тIалабазда рекъон, ЧIарада районалда 2003 соналда рагьана муниципиалияб музей. КвегIенаб, рес рекъараб бакI кьун буго Культурияб рукъалъул кIалгIаялъуб музеялъе. Гьенир чIезарун руго музеялде рачIунел гIадамазе дандекколел шартIал, музеялъул къай-экспонатал, документал цIуниялъе ва гьел хайир кьоледухъ хIалтIизариялъе шартIал.

     Музей рагьиялъулъ, гьениб хIалтIи гIадамал разилъуледухъ гIуцIиялъулъ кIудияб бутIа лъуна ХIалимат Рамазановалъ. ЦIикIкIараб лъай, хIалбихьи бугей ХIалиматил иш ракIбацIцIадго, щвалде щун тIубазабизе хIаракат бахъулеб буго жакъа дицаги.

Музеялъул культуриябгун рухIияб нахърател данде гьабиялъе, гьеб мухIканго бициналъе ва цIуниялъе гIоло хIалтIулей йиго. Хадусел гIелазе районалъул тарих цIуни – гьеле музеялъул хIалтIул аслияб мурадги.

      Музеялъулаб тайпаялъул экспонатал ралагьизе, ракIаризе ва дандразе дун щвана щибаб росулъе, батана гьелда щивав чиясдехун кIалъаялъе нухал ва къагIидаби. ГьабсагIаталда музеялда руго 5000 экспонат, гIемерал тарихиял кIвар бугел документал, суратал. Музеялъул анлъго отделалда буго археологияб бутIаялдаса жакъасеб культураялде ва искусствоялде щвезегIан материал. Гьанир руго магIарулаз хIалтIизарулел рукIарал рукъалъул къайи, ретIелхьит, музыкалиял ва цогидалги гIумруялъулъ хIажаталлъун рукIарал алатал, магIишат гьабиялъулъ хIалтIизабулеб букIараб къайи-къоно.

      ГIуцIана 20-ялдаса цIикIкIун стенд, батIи-батIиял темабазда хурхараб:

 «Халкъалъул бахIарзал», «Кидаго цIунана бахIарчилъи», «ГIадлу-низам цIуниялъул ветеранал», «Нилъер гIалимзаби», «МустахIикъал хIалтIухъаби», «ШагIирзаби – хъвадарухъаби, «ЦIар рагIарал спортсменал» ва гIемерал цогидалги.

      Район гIуцIиялъул, хадубккунги гьелъул цебетIеялъул хIакъалъулъ бицунел гIемерал документал, гьарун руго берцинго къачIарал, жанир тарихиябгун, гIадамазе пайдаяб, магIнаяб баянал ругел альбомал. Масала:

     — Тарихалде арал руччаби — Кавказалъул рагъул гIахьалчагIи — Лъай гьечIолъи лъугIизаби — ГIурус учительзаби, тохтурзаби. — Район цебетIезабиялъулъ нухмалъи гьабурал гIадамал, — Рагъул соназда чIарадисезул гIахьаллъи ва ракьцояз гьабураб материалияб кумек.

    Музеялде рачIунезул къадар цIикIкIунеб буго. Масала, цохIо апрель моцIалда музеялде вачIун вуго 350 чи, гьезда гьоркьор гIемерисел ккола школлъимал ва гIолилал. ГIемер рачIуна гьалбал, гьединго туристал.

   Районалда музей лъугьун буго рухIияб тарбия кьеялъул центрлъун. Планалда рекъон тIоритIула тематикиял тадбирал, тIоритIула батIибатIиял выскавкаби ва цогидалги тадбирал.

   Школлъималазе тIоритIула музеялъулал дарсал, буго гIуцIун музеялъулаб класс, лъималазда ва кIудиязда гьоркьоб тIобитIизабула музеялъул экспонатазул, гьениб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ баянал. Гьединго хIаракат бахъула бухьен кквезе культураялъул, лъай кьеялъул, диниял, муниципалиял идарабазулгун, жамгIиял гIуцIабазул, ай харабазул, руччабазул, ветераназул Советазулгун. Дирго хIалтIи, пикраби гьездехун дандрала.

     Музеялъул хIалтIулъ гIадатлъун лъугьун буго «музеялъул фестиваль» тIобитIи, ай творческиял махщелчагIи гьенире къабул гьари. Ахирисел моцIазда музеялде рачIаразда цере рахъана кочIохъаби Наида Ибрагьимова, Зарипат НурмухIамадова, Супайнат ХIасанхIусейнова, ГIайшат Зуберова, Бурлият Къурбанова, Раисат Халикъова. КучIдул рикIкIиналъул конкурсал тIоритIулаго, музеялъе кIудияб кумек щола шагIир ва кочIохъан Жавгьарат ХIасанхIусейновалъулги.

      Музеялъул кIвар борхиялъе, гьелъул хIалтIи цебетIеялъе унгоунгояб тIалаб-агъаз, кумек гьабулеб буго районалъул бетIер МухIидин МухIамадовас, лъай кьеялъулгун культурияб отделалъул начальник Шамил МустIапаевас, районалъул культурияб рукъалъул директор МухIамад ГIусмановас.

 Шамай ХЪАЗАНБИЕВА