Зарал гьабулеб жанавар чIвазе ккола

Исана бихьа-рагIаралъул хIисаб гьабулаго, кинго кIоларо рекIелъа инабизе лъагIалил байбихьуда лъаратIисезул мугIрузда хварал анцI-анцI бисал, дагьалъ цере, Каспиялъул рагIаллъи цIун карачалабаз къватIире рехарал аза-азар тюленал, риидал Кидиро росдада гIагарлъухъ чакъалалъ чIварав микьго сон барав вас.

 

Гьел лъугьа-бахъинал цIидасанги ракIалде щвезаруна Дагъистаналъул Экологиялъул ва тIабигIиял сурсатазул министерствоялда гьоркьобе унеб ГКУ РД «ДИРЕКЦИЯ ООПТ, ОХРАНЫ ЖИВОТНОГО МИРА И ВОДНЫХ БИОРЕСУРСОВ» идараялъул нухмалъулев Расул ГIумаровасулгун букIараб гара-чIвариялда.

 

Жакъасев гьобол, ЧIарада районалъул Гьочоса Расул ГIумаров «ХIакъикъаталъул» гьудуллъун нижеца рикIкIана гьес магIарухъги шагьаралдаги гьабулеб жамгIияб хIалтIи лъан, хIаракатчилъи рагIун. Гьесул лъикIал ишазул хIакъалъулъ нижеца цебеккун чанцIулго бицун букIана. Загьирал лъикIал ишазухъ батила Расул «Дагъистаналъул халкъияв бахIарчи» абураб жамгIияб шапакъаталъеги мустахIикълъарав. 

 

— Расул, бисал цIикIкIараб къадаралда хвеялъе гIиллалъун гIияде бахунеб тIадерахъи (оспа) бугин чIезабун буго. Мунго божанищ?

 

— РакIчIун божула яги божуларин абизе мухIканлъи дида лъаларо, гьелъул жаваб кьезе тарал хасал идараби ругелъул. Амма гьаб заман буго кинаб рахъалдасан зарал баккилебали лъалареб. Нилъер гIорхъода ругел улкабазда Америкаялъул биолабораториял рукIинги хIакъикъат бугелъул. Гьеб лъугьа-бахъин ккана федералияб заказникалда. АскIобго бугеб, нижер тIалабалде кколеб заказникалда бисазде гьеб унти бахинчIолъиги гьечIищха гIажаиблъи. Гьединлъидал дида абизе кIоларо бисазе кинаб бугониги загьру щвечIин, гIадамаз ургъунго гьабураб заралги гьеб гурилан.


— Мунго ваханищ бисал хвараб бакIалде?

 

— Вахинарищха. Лъелго, накалде бахунеб гIаздалъ, нартил канистралги раччун, рахана гьенире тIаде. Лъарал, иццал ругеб бакIаздаса рикIкIадегIан росун, кIудияб гвендги бухъун жанире ран рухIана хварал бисал.

 

ГIезегIан гIакъуба бихьана гIолохъабазда гьеб иш гьабулаго. 500-гIанасеб литр цIатариялъул баччана гьенибе. Районазда вугев 70-гIанасев нижер хIалтIухъан гIахьаллъана гьеб ишалда.

 

Расул, ралъдалъ тюленал холеб мехалда, ччугIбузе зарал ккечIолъи гIажаиблъи гьечIищ?

 

— Гьелъха тIамулел ругел ургъизе, тюленал гочунеб цо мухъда, ралъдал тIину кьватIун, газ къватIибе рехиялъ хун ратилин. Аслияблъун гьеб гIиллаги бихьизабулеб буго. Тюленал цереги рачIунаан Каспиялъ къватIире рехун, исана цIакъго цIикIкIарал рукIинчIищха.

 

Каспий ралъад цоги чIахIиял ралъадазулгун жубай гьечIолъиялъги батила, хъублъун буго. Шагьараздаса гьенибе жанибе чвахулеб чорокаб лъамалъи бацIцIунел хасал бакIал, рукIине кколеб даражаялда гьечIолъиги нилъеда лъала. Гьелъие цIакъ цIикIкIарал харжалги хIажалъулел ратиларищха.

 

МагIарухъ, росабалъе жанире гIунтIун гIезе тун руго рохьал, гьенир шешкIелел руго чакъалазул тIелал. Къаси-къаси росабалъе жанирецин лъугьунел гьез инсанасе гьабулеб заралги камулеб гьечIо. Мисаллъун буго Кидеро росдада гIагарлъухъ ккараб талихIкъосараб лъугьа-бахъин. ХIакъикъаталдаги, Кидероса вас чIвараб жанавар чакъалищ букIараб яги бацIищ?

 

— Чакъал букIана. Дирго квералъ гьеб гIалхул хIайван чIвани, рекIее парахалъи щолеб гIадин, вахана ЦIунтIаве. КIиго сордо-къоялъ хъаравуллъиги ккун, чIана гъов вас чIвараб бакIалда.

 

Щвана дихъе гьеб чIвазе. Цогидаздаса кьер-мухъалъги батIияб, жибгоги кIудияб, тIанчIи хахулеб чакъал бугоан. Сурат бихьараб мехалъ, дов чIварав васасул вацас тасдикъ гьабуна гьеб букIанин. Доб лъугьа-бахъиналдаса хадуб нижеца кIвар кьолеб буго чакъалал, бацIал чIваялде, гьезул къадар цIакъго цIикIкIунги гьечIищха ахирал соназ. Цере гIадин гIемер гIиги гьабиги гьечIо магIарда, росабалъги гьаби хьихьулел гьечIо. Гьабзаздасаги хIинкъулелъулха чакъалал. Хасго риидал гIисинлъимал рукIуна тIабигIаталда расандулел, чIахIиязул тIалаб гьечIого гIалхуда гьел тезе бегьуларо.

 

— ГIи-цIцIани, бачал чIваялъулги хIужаби гIемер рукIуна росабалъ. Циялгицин росабазде гIагарлъулел руго, рукъалда цере ахикье рачIун гьез гIечул гъутIби рек-рекун, найил тIулби талавур гьариялъулги рагIана бицунеб. Бокьарав чиясе изну бугищ гьединаб зарал гьабулеб гIалхул хIайван чIвазе?

 

— Узухъда, бокьарав чияс чIалгIадего кинабгIаги гIалхул хIайван чIвазе бегьуларо. Бугеб заралалъул бицун чияс нижер идараялде гIарза хъвазе ккола. Росабалъ яшав гьабулел гIадамазда дица абулеб буго, хIинкъи цIикIкIунеб батани, нужее гьел чIвазе изну бугин. Яги хехго хабар лъазабе нижер хIалтIухъабазда. 

 

Амма гIемераз гуроха росдае гIоло гьединаб хIалтIи гьабулеб бугеб. Нижехъе гIарз бачIараб бакIалда щибаб къойил чIвалел руго чакъа- лалги бацIалги, магIарухълъи, гIатIиракь батIа гьабичIого. Гьезул зарал бугебщинаб бакI кидаго гуро нижеда лъалеб. Мисалалъе, Бабаюрт районалдаса бачIана кумек гьабеян гIи-боцIухъабазул ахIи. Цо къоялъ къого чакъал чIвана гьениб нижер хIалтIухъабаз. Жеги гьеб хIалтIи унебги буго.

 

Росабазул бутIруз тIалаб гьабуни лъикI букIинаан жиде-жидер ракьалда бугеб ахIвал-хIалалъул. Хасало рукIуна, изну бугебги гьечIебги багъарулебщиналде кьвагьдолел чанахъаби, жидер росдаего зарал гьабулел гIалхул хIайванал рикIкIад гьаризейин абуни гьезул гъира балеб гьечIо.

 

— Нужер изну гьечIониги, чундул ва цогидал хIайванал копое чIвалелги дагьал ратиларо?

 

— Иш лъугIарал чагIи руго гьел, рекIелгъеялъе бокьараб заманалъ, изнуги гьечIого чан чIвалел чагIи. ТIатарал бакIазда нижеца гьезде гIакIа къотIула, тамихIалде цIала. Гьединал хъачагъал ругеб бакIалдаса яхI-намус бугел гIадамаз нижеда хабар лъазабула. Баркала гьезиеги.

 

Дун гьаб хъулухъалде вачIаралдаса нахъе законалда рекъон чан гьабизе, ччугIа ккве- зе изну босизе рачIунезул къадар цIикIкIана. Гьеб хIужаялъги бихьизабула нижер хIалтIул низам кьваризабун букIин.

 

— Нилъер гIурул мухъазда цIакъго гIемерлъун букIана рищни-къул, хIалтIизабун гIодобе бараб пластикалъул цIарагIалъул лъугьарал рощнол чIинкIиллъаби киннигин рукIана ГЭСазул хIорал. Гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIи бугищ?

 

— Нижер министерствоялда буго рищни-къулалъул масъалаялда данде къеркьеялъе гIуцIараб хасаб отдел. Министр Ибрагьим Ибрагьимовги вуго кутакалда тIабигIаталъухъ ракIунтарав, гIамал бацIцIадав чи, живго цеве лъугьун, сахлъиялда барахщичIого гIемераб хIалтIиги гьабула гьес. Гьесдаса мисал босун хIалтIизе хIаракат бахъула нижецаги.

 

Щивав чияс жинда сверухъ рацIцIалъи цIунулеб бугони, кибго букIунаро чороклъи.

ХIалихьатал чагIи кидаго рукIана, биччанте гьаб дир пикру рагIизе гьел, тIабигIаталъул бечелъи чIвалел, рацIцIалъи цIунуларел хъачагъазда. Жалго гIадал рахъина гьезул лъималги.