ГьитIинаб росулъа кIудияб дунялалде

РакIалда буго UFCялъулъулгун къотIи гьабизе

 

Дагьал церегIан къоязда тIадагьаб цIайиялда цеве вахъунев Дагъистаналдаса речIчIухъан Юсуп СагIадулаев цеве вахъана Азиялъул One Championship компаниялъ тIобитIараб иргадулаб турниралда. 32 сон барав дагъистаниясда данде къеркьана 41 сон барав Япониялдаса речIчIухъан Масакадзу Иманари. Къеркьей халатбахъана регламенталда бихьизабураб лъабабго раундалда ва лъабалдаго Юсупица дандиясда тIад тIокIлъиги бихьизабуна. Гьеб букIана СагIадулаевасул жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ 17-абилеб бергьенлъи. Гьелдаса хадуб «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде вачIарав Юсупилгун нижер мухбирас гьабуна гьадинаб гара-чIвариги.

— Ассалам гIалайкум, Юсуп. ТIоцебесеб иргаялда, рагIизе бокьилаан Масакадзулгун букIараб къеркьеялъул, One Championship компания тIасабищиялъе ккараб гIиллаялъул хIакъалъулъ?
— ВагIалайкум салам. Масакадзу вуго къуватав речIчIухъан. Эхетун къеркьезего гIадин, гугаризеги лъалев спортсмен ккола гьев. Азиялъул батIи-батIиял промоушеназда чемпионлъунги вукIана Масакадзу. Дирин абуни, накуялъе операция гьабиялда бан, рингалде вахъинчIого букIана лъагIелгин кIиго моцI. Гьединлъидал къеркьезе вахъунелъул цебелъураб масъалаги букIана, нахъе-цеве балагьичIого, дандияв вухи гуребги, цIодорго вагъиги. План нусабго проценталъ тIубазеги гьабуна. One Championship» компания тIасабищиялъе ккараб гIилла баян гьабилалде, нилъ тIадруссине ккола дун гьаб спорталде вачIараб заманалде. ММАялъул нухде дун ккана, цIалулеб бакIалдаса витIун, Америкаялъул Цолъарал Штатазда практикаялда вугеб заманалда. Гьениб тIоцебе байбихьана джиу-джитсуялде хьвадизе ва рехсараб пачалихъалъул даражаялда тIобитIараб чанго чемпионаталда бергьана. Гьелдаса хадуб менеджерас дие тIасабищана Япониялъул DREAM компания. Гьениб чанго бергьенлъиги босун, 2013 соналдаса нахъе цеве вахъунев вуго One Championship гIуцIиялъ тIоритIулел турниразда. Абизе ккола, Азиялъул промоушеназда спортсменазе чIезарун руго лъикIал шартIал ва гьединго къеркьеязухъ гонораралги кьола Россиялда кьолелдаса цIикIкIун.
— Гьебго турниралда цеве вахъана Марат Гъапуровги, амма къуна. Дур пикруялда, кинал гъалатIал риччарал нилъерас гьеб къеркьеялда?
— Марат вуго къуватав речIчIухъан. Гьесул цIайиялда цеве вахъунев дунялалда бищунго къуватав щуго спортсменасда гьоркьов рехсезе бегьула Маратги. Дир хIисабалда, Маратица дандияв рикIкIинчIо, гьесул загIипал ва къуватал рахъал хIисабалде росичIо. Гьеле гьелъ гъоркье рехана Марат, Шинья Аокигун къеркьолаго. Дун дандиясдаса тIокIавги тириявги вугин абураб пикру букIине бегьуларо речIчIухъанасул ботIролъ.
— Жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ турнирал тIоритIулеб кIиго-лъабго гIуцIи буго дунялалдаго машгьураб ва гьел киназдаго лъала. Гьелгун данде кквезе бегьулищ азиялъулал?
— РакIчIун абизе кIола, Азиялъул промоушенал гьездаса нахъе ккарал гьечIо. Къуватал спортсменалги, лъикIаб гIарацги, къеркьеязда сверухъ гьабулеб рекламаги — кинабго буго тIадегIанаб даражаялда. Гьенир цере рахъунел спортсменазда кIвезе буго бокьаралгун къеркьезе, хIатта UFCялъул чемпионалгунцин. Амма бичIчIуларо, щай гьел цого бакIалда чIун хутIун ругелали.
— РечIчIухъанлъиялъул рахъалъ цеве вахъин гуребги, тренерлъиги гьабула дуца. Гьелъул квекIен, квалквал букIунищ цогидаб ишалъе?
— Цоялъ цогидалъе кумек гьабула. Тренерлъи бигьаяб иш гуро ва бокьа-бокьарасухъа гьабунги бажаруларо. Жинда цеве ругьун гьавулев спортсменасулго гIадин, дандиясул къуватал ва загIипал рахъал лъазе ккола гьесда, рингалда лъугьа-бахъунелъе къимат кьун къеркьей унеб заманалда хиса-басиял гьаризе бажаризе ккола. ГIемераб жо букIуна тренерасда бараб. Гьеб ра-хъалъ хIалбихьи букIиналъ дие бигьаго букIуна рингалдаги.
— Спарринг-дандиял щал кколел?
— Турниразде хIадурлъулаго, дие кидаго кумек гьабула Мавлид ХIайбу­лаевас, Мурад Мачаевас, Расул Мирзаевас, ГIали Багьавудиновас, Артур Му­хIамадовас, Халид Асилдаровас. Гье­зул сияхI халатаб буго, дица рехсана аслияб къагIидаялда кидаго цадахъ рукIунел спорстменал.
— Расул Мирзаевасул ахIвал-хIал щиб бугеб? Гьесда цеве вахъинего ракIалда бугищ?
— Нужедаги лъалеб батила, цо-цо лъугьа-бахъиназда, ахIи-хIуразда гьоркьов вукIана гьев ахираб заманалда ва гьелъул хIасилалда сакъатлъиги ккана. Гьеб сахгьабулаго ана гIезегIан заман. Гьанжейин абуни гьев тренировкабазде хьвадула ва гIагараб заманалда жаниб рингалде вахъине ракIалдаги буго. Щиб промоушеналда гьев къеркьезе вугевали жеги лъаларо.
— Тренерлъи гьабизе кидаха байбихьараб?
— 2005 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго дун тренерлъун. Байбихьи гьабуна СШАялдаго. Хадуб МахIачхъалаялда рагьана TOP TEAM клуб ва гIемераб заманалда гьеб букIана джиу-джитсуялъул рахъалъ республикаялда бищунго къуватал клубазул цояблъун. Хадуб Камил ХIажиевас ахIана Fight Nights промоутеразул компаниялъул спортивияб школалда тренерлъи гьабизе (гьанже гьелда цIар буго Eagles MMA). Гьединго хIалтIулев вуго Москваялда бугеб «ГъалбацIил ракI» абураб эрмениязул клубалдаги.
— Хадубккун щиб гьабизе ракIалда бугеб?
— One Championship компаниялъулгун букIараб къотIи-къай лъугIана, амма гьезие бокьун буго хадубккунги дун гьенивго чIезе, диргун контракт хъвазе. Дирин абуни хьул буго UFCялъулгун гьоркьоблъи гьабизе ва дунялалъул бищунго къуватаб гьеб гIуцIиялъул турниразда цеве вахъине. Гьединго ракIалда буго Дагъистаналда ММАялъул школа рагьизе ва дунялалда гьелъул цIар рагIизабизе.
Темирхан ХIасанов

ХIабиб НурмухIамадов:
«Цин цIали, хадуб спорт»

Республикаялъул Спорталъул, ГIолилазул ишазул ва ЗахIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министерствабазул цадахъаб «Ресал мукъсанал, амма гьунар тIокIал» абураб проекталда рекъон, муниципалияб лъабго гIуцIиялда (МахIачхъала шагьар, Хасавюрт ва Казбек районал) тIоритIизе хIисабалде росун рукIана машгьурал ва сакъатлъи ккун бугониги спорталда тIадегIанал хIасилал рихьизарурал спортсменазул гIолохъанаб гIелалъулгун данделъаби. Проекталъул аслияб мурад буго цIар бугел спортсменазул мисалалдалъун гIолохъанаб гIелалда гьоркьоб миллияб гIадат-гIамал, лъикIаб тарбия билълъанхъизаби, гьеб цIалиялдехун, спорталдехун буссинаби, кигIан къваридал шартIазде ккаразулги берцинаб нухдаса цере ине ресал рукIин бихьизаби.

ТIоцебесеб февралалда Казбек районалъул Дилим росулъ гIуцIараб гьединаб данделъиялде ахIун рукIана жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ цеве вахъунев дунялалдаго машгьурав нилъер спортсмен ХIабиб НурмухIамадов ва рахъун чIезе кIоларел инвалидазда гьоркьоб столалда хIалеб теннисалъул рахъалъ Россиялъул кубок босарав, гьебго районалдаса Арсен Базаев. Данделъиялда гIахьаллъана районалъул нухмалъи, рехсарал министерствабазул хIалтIухъаби, росабазул вакилзаби, спортсменал, гьалбал. Гьалбадерида гьоркьор рукIана республикаялъул ва федералиял каналазул журналисталги. Гьеб тадбиралда чан чияс гIахьаллъи гьабурабали абизе кIоларо, амма Дилималда бугеб Россиялъул халкъазул маданияталъул централъул гIатIидаб залалда гIодор чIезе киб гурин, рахъун чIезецин бакI букIинчIо.
КIалъазе вахъарав районалъул бетIер ХIажимурад Мусаевас баркала кьуна киналго гIахьалчагIазе, хасго ХIабибие ва Арсение, гьарана гьезие хадубккунги чIахIиял бергьенлъаби, киназулго ракIчIезабуна гьеб социалияб проек­та­лъул ва жакъасеб данделъиялъул пайдаял хIасилал рукIиналда.
Тадбиралъул хадусеб бутIа гIуцIун букIана гIахьалчагIаз ХIабибие ва Арсение кьолел суалаздасан. ХIакъаб жо, аслияб куцалда суалал рукIана ХIабибие кьолел. Киналго суалазул гьаниб бицине рес букIинаро, рехсела аслиял.
Кинаб бакI кколеб спортсменасул гIумруялъулъ цIалиялъ абураб суалалъе ХIабибил букIана гьадинаб жаваб: «Цин цIали, хадуб спорт. Лъай гьечIев спортсменасул лъиениги ва сундуениги пайда букIунаро. Лъай, спорт ва гьездасаги кIвар бугеблъун, аслияблъун буго мун гIаданлъун вукIин».
Школалда кьолел предметазда гьоркьоса дуе бищунго пайдаяблъун кинаб ккарабилан гьикъидал, гьес рехсана кIиго предмет – тарих ва география. «Тарих лъачIони, жакъасеб лъазеги бичIчIизеги захIмалъула. Чара гьечIого лъазе ккола географияги. БатIи-батIиял пачалихъазде щун хадуб бичIчIула гьелъул къимат ва кIвар, хIатта, как базелъун, Къилбаялъул рахъалдехун вуссинецин гьеб лъачIого гIоларо», — ян абуна гьес.
Эбел-инсудехун букIине кколеб бербалагьиялъул хIакъалъулъ бицунаго, гьес абуна, гьелда мун рази ватичIониги, эбел-инсуца малъараб гьаби, гьезухъ гIинтIами бугин дур талихIалъул ва бергьенлъабазул кIулилан.
Спортивияб гIумруялъулъ бищунго асар гьабураб, ракIалда чIараб лъугьа-бахъин щиб букIарабин абураб суалалъе ХIабибица кьуна гьадинаб жаваб: «Америкаялда, Нью-Джерси штаталда цеве вахъиндал, залалда гIодов чIун вукIарав кIудияб ригьалъул цо чиясда лъан буго дун Дагъистаналдаса магIарулав вукIин. Хадуб, гьитIинаб къоялдаса нахъего апараглъиялда Америкаялда вугев гьев херав магIарулав вачIана аскIове, дунгун магIарул мацIалда кIалъана ва къанккун чIезабун букIана дир квер. Гьеб лахIзаталда жаниб дида бичIчIана, кигIан лъикIал шартIазда кив вугониги, ВатIаналдаса хирияб инсанасе щибго гьечIеблъи», — ян.
Кьуна суалал Арсениеги. Гьесул жавабалги рукIана гьединабго пикруялъул – цIали киданиги гьоркьоб къотIизе те­зе бегьуларо, тIасабищизе ккола данде­кколеб махщел ва, дандчIвалел квекIеназухъ, захIмалъабазухъ балагьи­чIого, ине ккола цевехун, дурго мурадалде, вукIине ккола гIаданлъун.
Цинги ирга щвана сайгъатазде, дагьаб букIинчIо гьезул къадарги. Кьолел суалазги рикьулел сайгъатазги заман кин арабали лъазе течIо.
ГIабаш ГIабашилов