Турниразул къадар цIикIкIинабуни лъикI

Гьал къоязда ниж дандчIвана эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул тренер ХIажи Рашидовгун. Гьес бицана рехсараб спортивияб тайпаялъул рахъалъ ахирисеб Россиялъул чемпионаталда командаялъ рихьизарурал хIасилазул, капитан ГIабдурашид Садулаев гьелда цеве вахъинчIолъиялъе ккараб гIиллаялъул, гIагараб заманалда рукIине ругел турниразул, гьезде хIадурлъулел ругеб куцалъул.

-Тываялъул Кызылалда букIараб чемпионаталда нилъее щвана щуго меседил, ункъо гIарцул ва ичIго мазгарул медалал, ай, командабазда гьоркьоб тIоцебесеб бакIги ккун тIадруссана гьениса. Амма гьеб хIасилалда дун тIуван рази гьечIо. Щайгурелъул цереккун нижер гьелдасаги лъикIал хIасилал рукIана. Мисалалъе, кIиго соналъ цебе Наро-Фоминскалда букIараб Россиялъул чемпионаталда Дагъистаналъул гугарухъабаз ккун букIана микьго тIоцебесеб бакI. Исанаги гьелдасаги тIокIаб къагIидаялда цере рахъине щибгIаги квал-квал букIинчIо. Щай гьеб гьедин ккараб, гъалатIал кир риччаралали анализ гьабуна ва гьел тIагIинариялда тIад хIалтIулелги руго.

— Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул капитан ГIабдурашид Садулаев Кызылалда букIараб чемпионаталда гIахьаллъичIо, лъазабуна гьал къоязда Казаналда букIине бугеб Спартакиадаялдаги цеве вахъине гьечIилан. Гьелъие гIилла щиб? Камулел гьечIо гьес спортивияб гражданство хисизе бегьулин абулелгицин…

— Гьаб буго бокьарас бокьараб бицунеб, гьересиял харбазе гIорхъичIвай гьабизе захIматаб заман. ГIабдурашид Россиялъул гуреб цогидаб пачалихъалъул байрахъалда гъоркь цеве вахъине бегьулин абураб жоялда дун божуларо. Ахирисел чемпионатазда гьев цеве вахъинчIолъиялъе гIиллалъун ккана церегоялдаса рукIарал жагъаллъаби-ругънал сах гьарулев вукIин. ГIагараб заманалда ГIабдурашид нужеда ургуялда вихьизе вуго дандиязда тIад михир бачунев.

— Спартакиадаялда щал гIахьаллъизе ругел?

 

Гьениве вачунев вуго бищунго къуватавлъун гьабсагIаталда рикIкIунев 45 гугарухъан. Гьезда гъорлъ руго Завур Угуев, ХIажимурад Рашидов, АхIмад Чакаев, МухIамадрасул ГъазимухIамадов, Даурен Куруглиев, ГIалихан ЖабрагIилов гIадинал гIемерал турниразда бергьарал ва хIалбихьи бугел речIчIухъаби.

— ХIалбихьи бугел гугарухъаби гIемер руго, дуца гьезул цIарал рехсана. Ругищ Спартакиадаялде унезда гъорлъ цIиял цIарал, гIолохъанал, гьанжего-гьанже гугариялъул нухде лъугьунел спортсменал?

— Тренерасда бачIинахъего бичIчIула ва лъала спортсменасулъ бугеб гьунарги, гьесул бажариги. ЛъикIал, жавабчилъиялда, гъира-шавкъалда ругьун гьарулел, залалде хьвадулел гIолилал нижеца чIахIиязда гъорлъе цIала, батIи-батIиял турниразде рачуна. Сборазул заманалда тIамула гьединал хIалбихьи бугел речIчIхъабигун гугаризеги. Киналъулго хIисабги гьабун дагь-дагьккун рес кьола гьезие жалго рихьизаризе. Спартакиадаялда цере рахъине ругезда гъорлъги дагьал гьечIо гIолохъанал гугарухъаби. Гьединаздасан ккола 65 кг цIайиялда гугарулев Ибрагьим Ибрагьимов, МухIамад Шарипов (92 кг), АхIмад Тажудинов (97 кг) ва цогидал.

— Цо-цо Западалъул пачалихъазул тIадецуялдалъун лъазарурал санкциязда бан Россиялъул спортсменазе рес гьечIо халкъазда гьоркьосел турниразда цере рахъине. Спорталъе гIумру кьурал, гьитIинаб къоялдаса нахъе залаздаса къватIире рахъинчIого ругьун гьарулел ва цоги батIияб хIалтIи-иш лъаларел чагIазда ракI гурхIизе бачIуна. Кин гьез хъизан-лъимал кваназаризе ругеб абураб суал баккулеб буго. Гьеб рахъалъ щиб абилеб?

— Олимпиялъул хIаязда, дунялалъулгун Европаялъул чемпионатазда, батIи-батIиял турниразда призалъул бакIал ккуразе щола гIезегIан гIарац, лъикIал шапакъатал. Гьелде тIадеги пачалихъалъги гьабула кумек, чIезарула харжал. Гьеб киналдасаго цо параялда жанир махIрум гьаруна Россиялъул спортсменал. Дир хIисабалда, спортивияб гIумру къокъаб букIунеблъиги хIисабалде босун, атлетазе рес кьезе ккола финансовияб рахъ рукIалиде бачIинабизе.

Россиялъул нухмалъиялдаги бичIчIулеб буго гьеб кинабго, хIаракат бахъулеб буго спортсменазул рахъкквезе, тIоритIизе хIисабалде росун руго батIи-батIиял турнирал. Амма гьезул къадар ва призалъул фондал гIезегIанго цIикIкIинаризе ккола.

Спортасменазулъ цебе гIадинаб гъира-шавкъ гьечIолъиялъ нижееги захIмалъулеб буго хIалтIизе. Амма нахъе къазе рес гьечIо. ВатIаналъ ахIи барабго къватIире рахъине, спортивиял Олимпал асир гьаризе хIадурго рукIине ккола, рукIинеги руго.

— «ХIакъикъат» газетаги гьоркьоб ккун, гIолилаздехун хитIаб гьабиларищ?

 

— Гьаб дунялалда бокьараб гIунгутIи тIагIинабизе, суалалъе жаваб балагьизе, батизе кIола. Сабаб камураб жо гIажал гурони гьечIилан абула. Амма гIажалалда хадур чIаразул кьерал, хасго гIолилазда гьоркьор, цIикIкIунел руго. Мехтулел жалазги, наркотиказги къаникье гуреб лъикIалде рачунареблъи бичIчIизе ккола щивасда. ТIоцебесеб иргаялда, хIаракат бахъизе ккола цIализе, дин-исламалда рекъон хьвадизе, тIалаб гьабизе ккола сахлъиялъул. Гьеб киналдаго цадахъ букIине ккола спортги.

Темирхан ХIасанов